ЦIакъго квешаб асар гьабуна дие дагьаб цебе «ХIакъикъат» газеталдасан цIалараб (№7, 21 февраль) М. Халиловасул «ГанчIил ракIал ратила гьал тохтурзабазул» абураб макъалаялъ. Ахираб заманалда батIи-батIиял газетазул гьурмазда гIемер раккулел руго М. Халиловас хъвалелда магIна релълъарал макъалаби. Дица ТIадегIанав Аллагьасе рецц гьабула гьединаб унтиялъул «вирус» дир гIагараб Хунзахъ районалъул тохтурзабаздаса ракьалдаса зобгIан рикIкIад букIиналъ ва...
