ТIоцебе Дагъистаналде исламалъул байрахъ бачIарав чи ккола Салман бину РабигIатил Багьили. Гьев вачIана, ислам тIибитIизабулаго, Дербенталде щвезегIан. Гьелдаса хадуб гIемерлъана гIарабаз Дагъистаналде гьарулел гъазаватал.
ГIабасилазул халиплъиялъул заманалда Дербент шагьар лъугьун букIана битIахъе гIелмияб центрлъун. Гьарун-Рашидил заманалда гьевги вачIун вукIана цо нухалда гьениве, жиндирго лъималгун цадахъ. Гьенир гIемерал машгьурал гIалимзабиги рукIана.
Нилъеда лъалев тIоцевесев машгьурав гIалимчи вукIана Гъумекиса ГIали (КIудияв ГIали). Дагъистаналда машгьураб «Мухтасар» тIехьги гьесде гIунтIизабула. Гьев вукIун вуго ИбнухIажар Гьайтамиясул заманалъул чи. ХIежалда гьел дандчIванги руго. Гьесда хадув машгьурав гIалимчи вукIана ГIободаса ШагIбан. Гьесда хадув ваккана Къудукьа Мусалав. ГIелму тIалаб гьабун, гьев хIижазалъул ракьалде ана доб заманалда дунялалдаго машгьурав СалихIил Ямани абулев гIалимчиясухъе, 6-7 соналдаса ватIаналдеги тIад вуссун гIелму тIибитIизабуна. Гьелдаса хадуб Дагъистаналда рахъана кутакал гIалимзаби.
БатIаго бицен гьабизе бокьун буго 19-20-абилел гIасрабазда вукIарав кIиго гIалимчиясул хIакъалъулъ: ХIоцоса Доногъонол МухIамадил васал ГIабдулатIипилги Нажмудинилги.
Босеха ГIабдулатIипил, авараг веццун хъвараб, «ТалагIлагIа» назму. Алкъадарияс жиндие (тахмис) гьабураб, гIараб мацIалда хъвараб ва гIажамияталъул кинабгIаги махI жиндилъ гьечIеб. Босеха Нажмудинил «Азгьаруравиягь» — Авараг (с.гI.в.) веццун гIараб мацIалда хъвараб, гIарабазул улкабиго гIажаиблъизарулеб. Гьел назмаби руго, Дагъистаналда лъица щиб гIараб мацIалда хъван батаниги, тIолго дунялалъулго чIумазулъ маржанал. Дица гуро гьезие гьединаб къимат кьолеб бугеб, гьеб кьолеб буго тарихалъулги гIелмуялъулги ритIухълъи цIунулел чагIаз.
Руго гьезул гIараб мацIалда цIакъго пасихIал жеги назмаби. Гьеб буго Дагъистаналда инкъилабалда цебесеб заманалда букIараб диналъеги, адабияталъеги, гIараб хъвай-хъвагIаялъеги, цересел умумузул кIалзул хазинаялъеги, биялъ белъун хъвараб нилъер тарихалъеги нугIлъун бугеб хIужа. Гьайгьай, маданияталъеги адабияталъеги нугIлъи гьабулел хIужаби гIемерал руго, рукIунги ратила, амма гьезул гIемерисел гъанкъизаруна, тIагIинаруна, рухIана.
ГъазимухIамад имамасул, ХIамзат имамасул ва 25 соналъ халат бахъараб Шамилил къеркьеялъги гьелъие нугIлъи гьабула, нилъер тарих меседил хIарпаз хъвазе ре- къараб букIиналъе. Амма жакъаги камуларо гьелде рагIад рехизабулел, хIакъикъаталда канлъиялде рагIад рехизе ресго гьечIеблъиги бичIчIуларого.
Щалха рукIарал Доногъонол МухIамадил васал? Цояв дунялалъул миллатго гьабичIев, жиндие кколеб инсул бутIаялдасаги инкар гьабурав, жиндир гIумру гIелмуялъе вакъпу гьабурав, дунялалъул политикаялде гъорлъе лъугьинчIев, пачаясул изну гьечIого хIежалде анин абун, ватIаналдаса къватIивеги витIун, 39 сонил ригьалда чияр ракьалда хварав гIелмудал ралъад ГIабдулатIип.
Гьесул гьитIинав вац Нажмудин – бечедав, боцIи-малги, гIелмуги бугев, динияб гIелмуялъе гIарабазул гIалимзабаздаса нахъе кколарев чи вукIана. ГIарабазул цересел машгьурал шагIирзабазул шигIрабаздаса ратIарахъизе лъалареб хIалалъ жиделъ гIажамияталъул махI гьечIел гIараб шигIраби хъвалев шагIирги гIалимги, цIияб политикаялде дандечIарав политик, хIукуматалъ халкъалъул тушманлъун рикIкIарав ва 1925 соналда Ростовалда, «тройкаялъ» чIвазе хIукмуги гьабун, чIварав чи.
Гьединаб буго гьаб дунялги дунялалъул гIумруги хисардулеб, цоялъ цояб гьересиги гьабулеб жо. Хисулареб жо цохIо Къуръанги хIадисги буго. Аралъул хIисаб гьабуни, ни- лъер лъикIалщинал гIалимзабиги, бажари бугел чагIиги цоял чIван, цоял гъурбаталде ритIун, хвана. Аллагьас цIунаги гьанжеги цIидасан гьебго кIкIалахъе гIумруялъул гьоко гириялдаса.
Щивха ворчIарав репрессиялъул кIичIикьа? Нажмудинида данде рукIарал, батIи-батIияб багьанаги батун, цоял чIван, цоял ватIаналдаса къватIире ритIун, тIагIинаруна. ГIалихIажи ГIахъушияв ахиралда хIукуматалъ къадру-къиматалда цIунун вукIарав, кIиго соналъ жиндирго рокъов туснахъ гьавун хадув хвана 1930 соналда, 83 сонил ригьалда. Гьесул рукъалъул агьлу- хъизан Гъиргъизиялде битIана. Гьесул наслудал чагIи гьабсагIатги руго гьенир.