ГIумруялъулъ, захIматалъулаб хIаракатчилъиялъулъ щивав чиясе щолел бергьенлъаби, жамагIаталда гьоркьоб гьесул букIунеб къадру-къимат бараб букIуна хъизамалъулаб тарбиялда.
Дир эбел-инсуца гIумру гьабулеб букIана магIарухъ. Инсуца гIахьаллъи гьабуна япониялъулазулгун букIараб рагъдаги. Гьес жиндирго лъимал ругьун гьаруна намус бацIцIадго хIалтIизе ва цогидазул адаб гьабизе.
ГIолохъанаб заманалда нухмалъулевлъун, политикияв цевехъанлъун вахъине дица дидаго цебе масъала лъун букIинчIо. Араб гIасруялъул лъеберабилел соназда дун учительлъун хIалтIулев вукIана Харахьи, ГIоротIа росабазул школазда. ЛъикIал гIадамазул сверуде ккана дун. Цо нухалда дир дарсиде вачIана партиялъул Хунзахъ райкомалъул хIалтIухъан, гьев вукIана гIурусав. Гьелдаса хадуб гьесул гьариялда рекъон, дун районалъул лъай кьеялъул отделалде методистлъун хIалтIизе вачана. Гьел соназда гьеб идараялда культураялъулгун лъай кьеялъул рахъалъ инспекторлъун хIалтIулев вукIана ЦIадаса ХIамзат, райОНОялъул нухмалъулевлъун – МухIамад Къебедов. Гьез кIудияб асар гьабуна дие политикияб болъодухъа тIаде вахине, кумек гьабуна лъай босизе. Цеве иналъе дие кумек гьабуна хIалтIуде бугеб рокьиялъ, кIвахI тIун, намус бацIцIадго гьеб тIубазабиялъ.
Советияб заманалда, араб гIасруялъул 70-абилел соназде щвезегIан нижеда лъалароан, гIарац кьун хъулухъазде тIамизе кадраби тIаса рищизе бегьулеблъи, тIадегIанал цIалул заведениязде гIарцухъ лъимал цIализе рорчIизаризе кколеблъи. Ришват боси кидаго заралияб ишлъун рикIкIунаан. Низам гьечIолъи, коррупция, ришватал роси ва кьей рикIкIунаан къабихIал ишаллъун.
Ункъо районалда КПССалъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIана дун, амма доб мехалда гьединал суалал гьоркьор лъезе, гьезие къимат кьезе кколароан. Дида божизе кIолеб гьечIо ВУЗалъул ректорас, преподавателас, тарбиячияс лъималазухъа гIарац босулин абураб харбида. ВахIшияб рагъги гьабизе ккола гьединазде данде. Ихтиярал цIунулел органаз ришватчагIазде данде къеркьеялъул моцIал (месячникал), конкурсал лъазаризе бегьилаан, гьединал хIиллачагIи тIатинарурал хIалтIухъабазе шапакъаталги кьезе ккела.
Советиял соназда гIадамал хIалтIулаан, гьезул захIматалъухъ лъикIаб мухьги кьолаан. Гьанже иш гьедин гьечIо. Нужецаго хал гьабе, кигIан гIемерал хIалтIун бажарулел гIолохъаби «инвалидаллъун» лъугьун ругелали, гьезие гьелъухъ пачалихъалъ гIарацги кьолеб буго. ХIамил гIадин гарбалги ккун, чан магIарулав вугев шагьаразда сверулев, херал эбел-инсул пенсияги кванан кепалда. ГIадамаз рилизе тун руго гIаданлъиялъул принципал, гражданлъиялъулаб борч. Лъимал къадарго цIалулел руго, гIумруялъулъ цIалиялъ жидее щибго кьоларин абураб пикруги гьезулъ щулалъун буго. Школазда, тIадегIанал цIалул заведениязда тIоритIулел дандчIваязда дица гIолилал ахIула цIализе, батIи-батIиял гIелмабазул кьучIал лъазаризе.
Кидаго цIикIкIараб гIелалъул гIадамазде гIайиб гьабулаан гьезда цIиял, лъикIал хиса-басиял рихьулел гьечIин, квешаб кIодо гьабун, тIаде жубан бицунилан. Амма дие бокьун буго гIолохъанаб гIел лъикIаб букIине.
Ахираб заманалда чIороголъулел руго росаби, гочунел руго гIадамал умумузул ракьаздаса, рекьулел гьечIо хурзал, чIунтулел руго ахал. Хъарцинлъулеб буго гIолилазул рухIияб рахъ. ДРялъул Халкъияб собраниялъул данделъабазда кIалъазе рахъаразе суал кьезе лъаларел чагIи рищулел руго парламенталъул депутаталлъун ва нилъеца гьединазе гьаркьалги кьолел руго. Гьел ва цогидал суалаз дир рахIат хвезабулеб буго.