Адабалъе мустахIикъав насихIатчи-ветеран

1979 соналъул июналда, Хунзахъ районалъул халкъияв судиявлъун хIалтIулев вукIарав дихъе кIалъан вачIана республикаялъул прокурор М. Ибрагьимов ва лъазабуна метерго жиндихъе вачIаян абун. Нахъисеб къоялда гьесухъе щведал прокурорас абуна Гъуниб районалъул проку­рорлъун хIалтIизе витIулев вугин дунан абун. КIиго къоялдаса дун щва­на Гъуниве ва тIоцебесеб нухалда дандчIвана райкомалъул тIоцевесев секретарь ГIинчилов ХIажигун.

 

Райкомасул кабинеталде лъугьа­равго, диде данде вахъун вачIана гьоркьохъеб ригьалъул, къартIав ва аскариясул рилълъин хасиятав бихьинчи. Дир саламги буссина­бун гIодов чIаян абуна. Дун вукIана вихха-хочун – живго Сталин вугин кколаан дида цеве эхетун! Гьурмал сипатго букIана Сталинилалда релъ­лъун – михъал, ботIрол кар, досулго гIадинаб аскариясул партал, галифе- тIажу ва кенчIоледухъ рацIцIадго чIезарурал солдатасул чакмаби…

Байбихьудасаго ниж хехго ричIчIана цоцада. Гьелдаса нахъе, батIи- батIиял хъулухъазда хIалтIаниги, кIикъогоялдаса цIикIкIун соналъ цоцазул адабалда унеб буго нижер гьудуллъиялъул гIумру. ХIажи кида­го вукIана жавабчилъи тIокIав нух­малъулевлъун. Гьединабго жаваб­чилъи тIалаб гьабулаан гьес цогидал хIалтIухъабазухъаги. Гьесул жига­ралдалъун ва нухмалъулесул бажа­риялдалъун дол соназда, районалъул киналго идарабазул хIалтIухъабиги гIахьал гьарун, гIуцIун рукIана хасал къокъаби. Гьел щолаан щибаб ро­сулъе, халгьабулаан бакIалъул нух­малъиялъул хIалтIул ва гьабулаан хIажатаб кумек. ЦIакъ пайдаяб иш букIана гьеб. Гьединаб хIаракаталъул хIасилалда Гъуниб районалъул цIар чанцIулго хъвана республикаялъул ХIурматалъул хъорщода.

 

 

«1968 соналъул февралалдаса нахъе ХI. ГIинчилов вуго Гъу­ниб районалъул нухмалъуле­зул цоявлъун. Район санайилго мустахIикълъула КПССалъул Обкомалъулги республикаялъул Министразул советалъулги хьва­дулеб БагIараб байрахъалъе. Гьев жигаралда гIахьаллъула районалъул жамгIиябгун политикияб гIумруялъулъ. ГIадамазул къваригIел тIубазе хIадурав вукIиналъ, гьесул адаб гьабула районалда. Гьединлъидал нижеца гьев мустахIикъавлъун рикIкIуна Ленинил орденалъе», — ян хъван буго дол соназда Обкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вукIарав М.-С. ГIумахановас гъулбасараб архивалъул документалда.

1942 соналъул январалда Сугъ­ралъ росдал ичIабилеб классалда цIалулев вукIарав ХIажи жиндие­го бокьун ана КIудияб ВатIанияб рагъде. Цин гьев витIана Бакуялъул лъелазул училищеялда цIализе. Гьеб лъугIизабураб мехалда витIана ар­миялде – 1356-абилеб дивизиялде. Гьебго соналда гIахьаллъана Моз­докалда, Малгабекалда, Абинскиял­да фашисталгун ккарал рагъазулъ, вагъана Новороссийскиялъул, Туап­сеялъул ва Крымалъул мухъаздаги.

 

 

1942 соналъул декабралда гьев лъукъана тIоцебесеб нухалда. Щвана рагъулъ контузияги, цIорон рукIана хIатIикилщалги. Амма госпиталал­да сахлъун хадувги ХIажица кьаби щвезабуна тушманасде. Рагъулаб хъулухъалда гьев вукIана 1946 со­налъул июналде щвезегIан. Рагъ лъугIун хадуб гьев цIалана Москва­ялда – БагIараб армиялъул Рагъу­лабгун финансазул училищеялда ва тIокIлъиялда гьебги лъугIизабун, гьесие щвана гвардиялъул подпол­ковникасул цIар.

Рагъул ветераназе бокьуларо дол захIматал соназда ккарал лъугьа- бахъинал ракIалде щвезаризе. Гьес абула, кидаго беразда цеве вукIунин рагъулъ лъукъарав, бида вецIцIулев вукIарав гьалмагъ ва кIочонарила гьесул ахирисел рагIаби: «Гьу­дул, дун холев вуго, амма холев вуго ВатIаналъе гIоло, Сталиние гIоло!». «Дида гIемер ракIалде щола гьев солдат. Рагъана ниж, ВатIаналъул тIолалго солдатал, тушманасдаса киналъухъго рецIел босизе кIудияб гъирагун. Туш­манасде бугеб ццидаца кьвагьи­зе къачIан рукIана киналго ва щивав солдатас ахIулаан: «Рахъа гьужумалъе, церехун! ВатIаналъе гIоло! Сталиние гIоло!» — ян. Дица­ги гIемер ахIулаан гьел рагIаби», — ян ракIалде щвезабула ХIажица.

 

 

Гьесда тIад ретIун кидаго букIуна Сталинил заманалъул форма. Щай дуца гьеб тIаса бахъуларебан гьикъараб мехалда, ГIинчиловас кьуна гьадинаб жаваб: «Нижеца киназго ретIунаан гьеб рагъдаса хадусел со­наздаги. Гьеб буго дие цIакъ хи­рияб форма. Цо данделъиялда М. ГIумахановасги бадибчIвай гьабу­на дие форма сабаблъун. Дир жава­балдаса гьесда бичIчIана, дие гьеб хирияб бугеблъи – рагъул соназул ракIалдещвей хIисабалда», — ян. Гье­ле гьеб аскариясул кителалда гьан­жеги ран руго ХIажие рагъулгун захIматалъул фронтазда щварал ки­налго орденалгун медалал.

1948 соналда ХIажи ГIинчилов хIалтIулев вукIана ЛъаратIа рай­оналъул прокурорлъун. Гьесул хIаракаталдалъун районалда бецIизабуна пачалихъалъе гьабун батараб батIи-батIияб тайпаялъул зарал. Гьелъул мурадалда следова­телаз гIуцIараб хасаб халгьабиялъул хIисабалда хъван буго «жидерго мулк цIунизе багьа хириял алаталги рукъалъул хIайваналги, магIардасан рачун, щвезарун ратана Азарбай­жан республикаялдаян». ГIинчилов вахана чоде ва кIиго анкьил болжа­лалда валагьана мадугьалихъ бугеб республикаялда вахчарулев вукIарав къоло лъабавго чи. Милициялъул кумекалдалъун гьел щвезаруна рай­оналде ва гьезда бецIизабуна гьабу­раб зарал.

 

 

1985 соналда ГIинчиловас хIалтIи тана. Ва байбихьана ветеранасул насихIатчилъиялъулаб хIаракат. Абизе бегьула гьеб букIанин гIолеб гIелалъе моралияб тарбия кьеялъул рахъалъ рагьараб ХIажил «лъабабилеб фронт». Гьеб ишалда вуго бахIарчияв вете­ран кIикъогоялдаса цIикIкIун соналъ. Гьев дандчIвала школазул ва коллед­жазул цIалдохъабигун, вузазул сту­денталгун, захIматчагIигун. Гьес нух­малъи гьабула Росдал магIишаталъул министерствоялъул ветераназул гIуцIиялъе.

ХIажил патриотизмалъул хIакъалъулъ бицуна Гъуниб росулъ «ХъахIал къункъраби» абураб па­мятник баялъе гьабураб хIаракаталъги. «КъватIисел улкабаздаса тIадвуссарав Расул ХIамзатов гIемер щолаан Гъуниве. Япони­ялдаса тIадвуссарав гьев вачIана районалде ва дирги гьесулги ха­бар ккана памятникалъул хIакъалъулъ. Райкомалъул бюроялда гьабуна гьелъул хIакъалъулъ хIукму ва бана гьеб. Гьелъул скульптор вуго ЧIохъа ХIажи Гъаниев.

 

 

Гьеб буго тIолабго кIудияб ул­каялъул ватIан цIунулаго рагъ­да чIварал бахIарчиял васазул хIурматалда бараб. Биччанте гьеб букIине нилъер халкъалъул цере рукIаралги жакъаселги наслаба­зул бухьеналъул нугIлъун!» — ян ракIалде щвезабуна ветеранас.

Памятник рагьана 1986 соналда. Диеги рес щвана гьеб рохалил байра­малда гIахьаллъизе. Гьенир рукIана памятникалъул ва кочIол авторалги — Расул ХIамзатовгун Ян Френкель.

 

 

Прокуратураялъул хIалтIухъаби- ветераназда гьоркьоса жакъа чIаго вуго гIицIго ХIажи ГIинчилов. Дун гьевгун дандчIван вукIана ВатIан цIунулезул къоялда. Гьесулгун на­къиталда вукIаго, нижеца ракIалде щвезабуна рагъул соназда гьарурал лъималазул гIумру, хIехьезе кка­раб захIмат. Бокьилаан жакъасел гIолилазда гьелъул магIна бичIчIизе ва нилъер тарихалъул адаб гьез гье­бизе.