ЦIумада районалъул Лъондодаса тохтур ГIабдурашид СагIидов миллатцоязда лъала Москваялъул цо клиникаялъул нухмалъулев ва жамгIияв хIаракатчи ва публицист хIисабалда.
Жакъа ГIабдурашидица ракIалде щвезавулев вуго жиндирго инсул вацгIал, «БагIараб Байрахъ» газеталъул бетIерав редакторлъун гIемерал соназ хIалтIарав МухIамад Шамхалов.
— Гьадинав чи вугилан инсуца бицун гурони, вихьун МухIамад дида лъалароан дун 7-8 классалде вахъинегIан. Гьесул вацасул яс ригьнаде кьолеб мех букIана гьеб. МухIамад Лъондоде вачIана жиндирго кIияйго ясгун цадахъ.
ТIоцебе МухIамадица диргун гьабураб хабар букIана цIаралда хурхараб. Рагъда тIагIарав жиндир вацгIал ГIабдурашидил цIар бугила дуда лъун, гьелъие мустахIикъавлъун вукIине ккелин насихIаталги гьаруна гьес.
Киве унев вугониги, ай хIухьбахъизе рохьове яги цогидалъуве унелъул, дунги цадахъ вачунаан. Гьесул ясал – Зюмагун Татьяна дир гIел бащадал рукIиналъги батилаха. Гьедин гьудуллъи ккана МухIамадилгун дир. Санайилго март моцIалъ МахIачхъалаялде Олимпиадабазде щведал, гьесухъе ваккичIогоги дун чIолароан.
— Нужерго росдал хасаб мацIги бугеб бакIалда гIурав чиясда хадубккун хъвадарухъанлъун, миллияб газеталъул бетIерав редакторлъун вахъунеб махщалида болмацI лъай буго гIажаибаб жо. Хасго доб мехалда.
— БолмацI кутакалда лъалаан гьесда. Росулъ лъондодисезул мацI бицаниги, шагьаралде щвараб мехалда дида, щаялиго, болмацIалда кIалъалаан гьев. Байбихьуда дида кколаан гIемер заманалъ шагьаралдаги вукIун, гьесда багвалазул мацI кIочон батилилан. Дица гьикъана гьесда дуда гIезегIан лъикI лъалеб бугин росдал мацI, амма гIагарлъигунги росуцоялгунги авар мацIалда кIалъаялъул магIна щибилан.
Гьес жаваб кьуна мацI бугила устарасухъ кодоб бугеб алат гIадаб жо. Щивав устарасул букIунила жиндирго квер ругьунлъараб алат. Гьединаб алатлъун жиндаги авар мацI бихьулила, гьелдалъун бигьалъулила жиндие пикрабиги, гIумрудул хаслъиги загьир гьабизе.
БолмацIалде рокьиги пагьмуги лъимерлъудасанго букIун буго МухIамадил. ГьитIинго ЦIадаса ХIамзатилгун ккараб дандчIваялъги кIудияб асар гьабун буго хадубккун гьесул гIумруялъе.
ХIамзатги машгьурав летчик-испытатель Георгий Байдуковги цо соналъ Агъвалире рачIун рукIун руго избирателалгун дандчIвазе. Байдуков СССРалъул Верховный Советалде депутатлъун Дагъистаналдаса вищизе кколев вукIун вуго. Гьеб дандчIваялда вукIун вуго КIванада школалъул цIалдохъан МухIамад Шамхаловги. Доваса бахъарав Агъваливе щвезегIан хIатIида гIицIго вачIун вуго гьев.
Гьениб МухIамадица ЦIадаса ХIамзатида абун буго жинда дур киналго кучIдул рекIехъе лъалилан. Гьедин батани, «ГIадатазул жул» цIалеян абун буго ХIамзатица. Гьеб параялъго двар-двариялда цIалун буго МухIамадицаги гьеб. Гьелдаса хадуб – цогидабги.
Гьедин лъикIаб лъай-хъвай ккун буго ХIамзатилгун МухIамадил. Школа лъугIун цIализе индал, жеги щулалъунги буго гьеб. Валлагь, МахIачхъалаялде щвараб къоялдаса нахъе жиндие ХIамзатица эменлъиги, Хъандулалъ эбеллъиги гьабунин бицунаан гьес.
Цинги ХIамзатица «МагIарул большевик» («БагIараб байрахъ») газеталъул мухбирлъун тIамизавун вуго.
Москваялде, партиялъул тIадегIанаб школалде цIализе иналде цебе хъизан гьабизе ккеялъул хабарги ккезабун бугоан Хъандулалъ МухIамадие, бокьараб бакIалде квер битIейин, жидеца ячинин дуе лъадийиланги абун.
Амма Москваялдаса гьев тIад вуссана цадахъ цIалулей йикIарай Фаинагун (Кострома областалдаса комсомолалъул цеехъан).
Гьеб заманалда магIарул ва цогидал миллатазул мацIазда риччалел газетал «Дагестанская правдаялъул» дубляжлъун кколаанин бицунаан дос. Мухбирзабиги таржамачилъи гьабулел хутIун рукIанила, творчествоялъе бакI яги миллаталъул масъалаби рихьизаризе рес букIинчIила газеталда.
Гьабизе жо тIагIарав МухIамадица гьеб суал цебе лъун буго ГIабдурахIман Данияловасда. Пикрудуй дагьабниги эркенлъиги кьечIого гьеб хIалалда тани, миллиял газетазул иш лъугIизе бугин абун буго гьес досда. Гьоркьоб заман иналде тIубан буго ГIабдурахIманица гьеб суалги.
МухIамадие ЦIадаса ХIамзатидасан щвараб кумекалъул цойги мисал бачинин. 1930-абилел соназул ахир букIун буго. ХIалтIуде унаго, гьесда ятула цо къотIной цIарагIги тIахьалги ричулей гIадан. Росги хун, жинцаго лъимал хьихьулей гIадан йикIун йиго гьей. Гьелъухъа Троцкиясул тIехьги босун, МухIамад хIалтIуде щвейги КГБялъул чагIи жанире лъугьинги цадахъ ккун буго. Щиб ячейкаялда гъорлъин мун вугев, Троцкиясул тIехьалдалъун щиб гьабизе хIадурулевин вугевилан абун азарго суал кьун, рахIат хвезабулеб букIун буго гьесул. Хадуб ЦIадаса ХIамзат гьеб ишалда гьоркьове лъугьинчIевани Аллагьасда лъалаан щиб ккезе букIарабали.
— Партиялъул школаги лъугIарав, ЦIадаса ХIамзатилгун ГIабдурахIман Данияловасулгун лъай-хъвайги бугев мисалияв редакторасул хадубккунисеб гIумру гIезегIан бигьаяб букIун батила.
— Валлагь, тIаде балагьун гьединин кканиги, рукIун руго МухIамадил нухдаги чанги ганчIал. Масала, 1971 соналда Дагъистаналда ракь багъариялъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь буго гьесул – «Маргьу гуро гьаб» абураб. Партиялъул обкомалъул данделъиялдаги лъун, пухъ-рахъ гьабун какун буго гьеб ГIумахановас (доб мехалда республикаялъул бетIерлъуда вукIарав МухIамадсалам ГIумаханов – авт.). Партияги хIукуматги сурун бихьизабулеб тIехь бугин кIалъан вуго гьев.
Амма магIарул мацIалда къватIибе бачIиналдего, Москваялда «Современник» басмаханаялъ биччан буго гьеб. Доб мехалда кутакалда къанагIатаб жо кколаан миллияб мацIалда къватIибе бачIиналдего гIурус мацIалда тIехь бахъи.
«Антисоветчина» абун бадирчIваял гьарун, уголовнияб дело гьабизе дагьалъ хутIун буго «ВатIаналъул унти» абураб тIехь къватIибе бачIиндалги. ГIурус мацIалда къватIибе биччан букIарабани, хIакъикъаталдаги досие тамихI гьабизе рес букIана, щайгурелъул дора аслияв героясул кIалдир лъун руго улкаялда гIорхъаби къан рукIиналдаса, доб заманалъул политикаялдаса разилъи гьечIолъи бихьизабурал рагIаби. Гьединал рагIабазе гIоло Сахаровасе, Солженицыние тамихI гьабулеб заман букIана доб.
— Гьебго жо жиндиегоги гьабизе бегьулеблъи лъалеб букIинчIодай досда?
-ТIехьалда кьураб хIакъикъат къватIибе кьезе бокьун, живго жинцаго кваналев вукIанилан абулаан МухIамадица. ТIадежоялъе, тIехьалъул байбихьиги как ахIиялдасан байбихьулеб бугелъул. Гьелъухъги гIемерал бадирчIваял щун руго.
«Гьудуллъи» альманахалда бахъун букIун буго гьеб асар. Гьединлъидал, подписчиказухъе щваралниги, библиотекабаздасаниги гьел журналал нахъе ракIарун руго милициялъ, КГБялъ, халкъалда гьоркьоб гьеб пикру тIибитIиларедухъ.
Улкаялъул цебесеб гIуцIи хисараб мехалда кутакалда ракI къварилъун, пашманго вукIана гьев. Гьесде кьолеб кIварги букIинчIо хIукуматалъул, пенсияги букIана мукъсанаб. Дун доб заманалда революциялъул чода рекIарав чи гIадин, коммунизмалда данде хIалтIулев вукIана. Гьединлъидал, дица чиясда ругъун лъолеб куцалда, вахIшиго хъвалеб бугин малъа-хъваял гьарулаан МухIамадица дие. Гьес мисалалъе бачана цо машгьурав революционерасул хIакъалъулъ букIараб дир макъала. ГIезегIан чи доб дунялалде витIанин дос, ахиралда НКВДялъ хIама гIадин живгоги чIванилан хъвалеб бугила дуца. Гьедин хъвазе бегьуларила, чиги инжит гьавун.
Цинги ахиралда унтун вукIана дов – дица гьесие Москваялдаса дараби ритIулаан. Бородинский чедалде хьул лъун бугин абулаан, гьебги битIулаан Москваялдаса. Цо нухалда абуна чIахIахатIалъ хъвараб Къуръан битIейила жиндие.
ЦIакъ гьунар бугев чи вукIана МухIамад. Жив гьитIинаб мехалда хварав инсул суратцин бахъун букIана гьес къалмица. Гьебги – гьадинав вукIун ватилилан ракIалдеги ккун. Жив хьихьарав инсул вац ГIабдулхIалим МахIачхъалаялде вачIиндал, гьав чи лъалищин гьикъун буго МухIамадица гьесда. ВахI, гьев дур эмен гурищин абун буго досги.
Дун гIажаиблъулаан жиндирго къваригIелазе гIоло редакциялъул машинаялдаса гьес пайда босулеб букIинчIолъиялда.
Шамат къоялъ дун, мединституталъул общежитиялдаса МухIамадил рокъовеги ун, босун газа- белгун, рахун № 18 автобусалде тIадегун, Учхозалда букIараб гьесул дачаялде унаан. Къоялъ дораги хIалтIун, къаси гьадалго алаталгун добго автобусалда нахъги руссунаан. Гьебгиха, цоцада тIа-тIала рекIарал гIадин, цого хIатIида рахъунги чIун.
Цо нухалда дица гьесда абуна, бугIун цIураб гьаб автобусалда рекIинчIого, къаси-къасиниги бегьулирищин дуца дурго шофер ахIизеян. Гьес жаваб кьуна гIолохъанчиясул пикруялъул мекълъиго щибилан. Дуда щайила бичIчIулареб жиндир шоферги гIадан вукIин, гьесулги гIодобкъо букIин; яги унтарай эбелалда аскIов ватизе бегьулила гьев, ялъуни хъизангун кино-концерталда ватилила, гьединлъидал, досул заман жинца щайдила чIвазе кколеб.
РухIияб аслу гьединаб букIана МухIамадил — жиндиего гIоло чиясе квалквал гьабулареб.