ХIажие их цIакъ бокьула. Кидаго гIадин, исанаги хIалакун вукIана гьев, ихдада дандчIвай гьабизе. ТIабигIат цIилъиялдаго цадахъ цIилъула гьесул пикрабиги, ихалъ санайил цадахъ бачIуна тохтурасул хIалтIизе бугеб шавкъалда куркьбал гъолеб цо балъгояб къуватги. Амма ХIажида жеги лъалеб букIинчIо ихалъ исана щубалъул бакIалда саву бачIине бугеблъи. Ва гьеб савуялъ кватIичIого гIумру чIурхIизе хIаракат бахъизе букIин.
Къвалакь хвелгун щвараб
ихдалил бакънал
Ва гьале доб рекIелъ ругънал лъураб ихдалил байбихьи. Апрелалъул байбихьуда коронавирусалъ гьабураб гучаб гьужумалъ рихха-хочизаруна ихалъухъ чIалгIарал тохтурасул пикраби. Ургъизе заман букIинчIо — къойидаса къойиде цIикIкIунел унтаразул угьи-зигараги, жал хвасар гьарейилан ахIи балеб гьезул гьариги, ихдалил пашманал сариналги – гьеб кинабго тIухьилъун бегун букIана тохтурасул пикрабазулъ. Унтуе къуркьизе, гьелъукьа къезе заман букIинчIо. Гьасде кIудияб хьулгун балагьун чIун букIана савуялъ хъахI гьабураб гIумру.
ХIажи Идрисов хIалтIулев вуго республикаялъул урологиялъулаб централъул анестизиологиялъул ва реанимациялъул отделалъул заведующийлъун. Тахшаралъул киналго больницабаздего гIадин, урологиялъулаб централъги апрелалъул байбихьудасанго къабул гьаруна унтарал. Гьенир рукIарал унтарал цогидал хас гьарун гьезие рихьизарурал батIи-батIиял больницабазул отделениязде рикьана.
РекIелъ гъваридаб пашманлъигун бицана дие гьеб къоялъги ХIажица дол къоязул къварилъиялъул хIакъалъулъ. Гьевги вихьизе гьесулгун лъай-хъвайги гьабизе дун щвана урологиялъулаб централде.
Лъала ва бичIчIула ихалъеги бигьаго букIинчIеблъи, цадахъ вахIшияб унтигун бачIине. Гьеб бачIана гIодилаго, жиндирго хIайранал саринал бакIаб магIуялъги хисулаго. Щибаб къоялъул гьоркьоса къотIиго гьечIел къваридал лахIзатал жакъа цереса унел гьечIо тохтурасда. Кидаха цебеса инеб жидер гIумру хвасар гьабеян ахIи балел унтаразул сипат. Гьел рукIана ХIажи Идрисовасул гIумруялъулги хIалтIулги бищунго захIматал къоял. ТIоцересел къояз гIолел рукIинчIо больницаялда кислородалъул аппаратал. Цо-цо унтараз гьел, жидедасаго захIматал рихьидал, жидедасагоги рахъун, гьезухъе кьолел рукIана. Цо-цоязин абуни, цIакъго цIакъ унтуца хIал гьабидал, цогидаздасаги рахъун, жидехъего тIалаб гьабулел рукIана. ХIисаб гьабеха – кинаб хIал букIун батилеб тохтурзабазул. Щивав унтарасе бицине кколеб гьесие данде кколеб мацIги, бицунелъухъ гIенеккизе сабру тIагIарал унтаралги, унтаразул зигараялъ лъолел ругъналги…
Амма цо кинабалиго бигьалъи бачIунеб букIана ХIажил рекIелъе унтаразул цоцаздехун бугеб адаб бихьидалги, гьезул гIага-божараз гьабулеб кумекалъ хIайран гьавидалги, кумекалъулаб квер бегьизе хIадур ругел дагъистаниял рихьидалги.
Нилъер гIадамазул сахаватлъиялъул бицунаго, гьес ракIалдещвезаруна «Инсан» фондалъ Рамазан моцIалъ жидее, ай тохтурзабазе, кIалбиччаялъе чIезарун рукIарал шартIалги. МоцIаца рокъоре ине рес ккечIел тохтурзабазе гьеб букIана кIудияб кумек.
Унтаразде унти бищунго тIаде къалеб рогьалил гIужалъ, ХIажил ракI гIеккезе лъугьунаан – гьесда лъалаан унтараз гьаб нухалдаги жал хвасар гьарейилан хвалил квачIалъукьайилан гьаризе букIин. Ккун гъежгун, чIезавулаан гьез тохтур. Биунеб ракIгун валагьулаан гьев унтаразухъ гьел минутаз. Гьединаб букIана гьел къояз щивав тохтурасулги унтаразулги кьогIаб къиса.
Дагь-дагьккун рукIалиде бачIине лъугьана ахIвал-хIал. Унтарал сах гьариялъе шартIалги чIезурана, гьеб макруяб унти кин сах гьабилебали хадурги гъуна. Ккана гIемерал камиялги. Бугониги, гьаб нухалдаги гIумру бергьана. Централда хваралги цересаго унел гьечIо ХIажида. Унтун рокъов вугеб заманалдаги, гьев живго ругьунлъараб рогьалилъ ворчIулаан ва вихха-хочун тIаде вахъунаан. Гьесда бичIчIулебцин букIинчIо жив рокъов вукIин. Исана мединститут лъугIарав васги вукIана ХIажи Идрисовасул батIи- батIиял больницабазда волонтерлъи гьабулевги гьелдаго цадахъ унтарал сах гьарулевги. Гьелъги ракI бохизабула ХIажил-хъахIаб халгIаталъе ритIухъавлъун вукIине вугев ирсилав гIун вачIунев вукIиналъ. Гьеб ритIухълъиги гьес ритIухъ гьабуна тохтурлъиялде тIамурал тIоцересел галабаз.
ХIажи Идрисовасулги гьесул отделениялъул тохтурзабиги мустахIикъал руго бищунго тIедегIанаб рецц-бакъалъе, амма гьелъукьаги нечолев вукIана ХIажи. Гьебги ккола тохтурасул гIадатлъи – кигIанги тIадегIанлъиялда вугев жив гIодовегIан вихьи. Россиялъул президентасул указалдалъун ХIажи Идрисовасе Н. Пироговасул орден.
Бокьулеб хIалтIуе кьурал сонал
ХIажи Идрисов ккола ЦIумада районалъул Гьигьалъ росулъа. ГIагараб росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, цIализе лъугьана МахIачхъалаялде, мединституталде. Гьебги лъугIизабун, ХIажи ана Пермалде. Гьесие цIакъ битIккана Россиялда хIалтIизе иналъ. ГIолохъанав хирургасе щвана кIудияб хIалбихьи.
1988 соналда тIадвуссана гIагараб Дагъистаналде. ХIалтIизе лъугьана республикаялъул клиникияб больницаялде (Централияб больницаялде). Гьелдаго цадахъ хIалтIана санавиациялдаги. ГIемер щвезе ккана республикаялъул шагьаразде ва росабалъе, захIматго унтарал хвасар гьаризе.
1993 соналда республикаялда рагьана урологиялъулб центр ва ХIажиги ана гьенив хIалтIизе. Цо соналдасан гьениб рагьана реанимациялъул отделениеги. Ва гьелдаса нахъе ХIажи Идрисовас нухмалъи гьабулеб буго гьелъие. Гьенибго буго операциял гьарулеб ункъо блокги. Лъеберго хIалтIухъанги вуго гьенив. Гьезда гьоркьов вуго анкьго тохтурги.
ХIажи ккола тIадегIанаб категориялъул тохтурги. Буго гьесул Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул отличник абураб цIарги. Амма гьеб киналъулго тIогьиб байрахълъун парпалеб буго тохтурас хвасар гьабураб нус-нус гIумруялъул баркала.