КIуядаса ПатIиматие кIиабилеб бакI щвана 23 октябралда, Ингушетиялъул тахшагьар Магасалда тIобитIана канлъукъал ясазда гьоркьоб «РакIал гвангъизарулеб» абураб Къуръан цIалиялъул рахъалъ къец. Гьениб кIиабилеб бакI ккуна Гъуниб районалъул КIуядаса ПатIимат Кимайловалъ, ва гьей мустахIикълъана 2018 соналда чIобого хIежалде ине ихтияр кьолеб сертификаталъе. ПатIиматие исламияб лъай щвана «Муслимат» абураб Дагъистаналъул регионалияб руччабазул жамгIияб гIуцIиялда цебе рагьараб...

