Новость на родном

Фидель Кастро “кодов восарав” магIарулав

Нужеда лъалищ Совет Союзалдаги Со­циалистияб Кубаялдаги гьоркьор цо зама­налда хун рукIарал дипломатиял бухьенал цIидасанги лъикIлъиялъе ккараб аслияб гIилла?     Хваниги хадур гъезе гьечIо, дицаго бицинчIони.     «Бахьикъосалъул» халкъазда гьоркьо­себ отделалъул хасав мухбир ХIамза аль Гъамсукь ибн ХIабибил донесениялда рекъон, кIикъого соналъ цеве, ай 1980 со­налъул масковски Олимпиадаялде вачIарав Кубаялъул Команданте Пидель Кастро Рус...

Новость на родном

Рокьукълъиялъ рекIелъ кверщел гьабичIо

Дир кIодоэбел Ингердахъа ПатIиматил гIадамаздехун букIараб рокьиги рекIел бухIиги кидани­ги ракIалдаса унаро. Гьей гIадатияй мугIрул ясалда гьитIинаб къоялдаса бихьанщинаб къоялъул цо макъалаялдаса бицун хIалкIвеларо. Цониги цIакъав бахIарчиясда гьелда гIадин къварилъи би­хьун букIарабани, гIаданлъиялъул хасият цIунизе кIвелеб букIанадай абун ракIалде ккола.   Халатаб гIумруялда жаниб гIемераб гIакъубаги гIадамазул хиянатлъиги бихьана нижер бахIарчияй кIодода. Квешал ва жахIдаял...

Новость на родном

ГIолохъанлъиялъул куркьбаздаги рекIун…

Анищалъул цIваялъул канлъухъе   Унго-унгоги, гIолохъанлъи, дулъ бугебщинаб гьунарги, гучги, гьелчейги, къеркьейги, роржен­ги. Дулъ гьелегьун беролел пи­крабазги анищазги тIаса бищула гIицIго тIадегIанлъи. Дуца щивав гIолиласухъе кьола жиндирго ани­щалъул цIва. Гьеб цIваялъухъе нух бахъулаго, гIолилал тIуркIуларо, гьезда лъаларо захIмалъи щи­балиги. Доба борхалъуда бугеб гьеб цIваялъ гIолилазухъе ритIун рачIуна жиндихъе щвезелъун гьез тIуразаризе кколел тIадкъаял. Цинги байбихьула...

Новость на родном

МатIугIан бацIцIадаб ГIусманил гIумру

80 сон тIубана нижер гьудул ГIусман Демеше­вас. Гьев гьавуна 1940 соналъул ичIабилеб июнал­да ЧIарада районалъул ЦIенеб росулъ учителасул хъизамалда.     Росулъ школа гьечIолъиялда бан, араб гIасруялъул къоабилел соназул ахиралда росдал лъимал хьвадулел рукIана ГIумар Демешевасухъе рокъоре. Гьев вукIана росулъа тIоцевесев учитель. ЦIенеб щвезегIан гьесухъе цIализе хьвадулаан КIулзеб, Шугъинуб ва цогидал росабалъа лъимал­ги.    ...

Новость на родном

Наккдалъ бахчун варани тIубачIо

Дагъистаналъе коронавирусалъ гьабураб зарал борцун бажарулеб ро­ценго батиларо. Пандемия байбихьаралдаса нахъе РФялъул президен­тас хасаб данделъи тIобитIизегIан ДРялъул официалияб статистикаял­да ругел баяназда гIажаиблъизе бачIунаан. Хварал гIадамазул къадар бихьизабулеб букIана цIакъго дагь. Гьайгьай, гьел баяназда божизе рес букIинчIо, щайгурелъул вацапалда ругел курсцоязул къокъабазда щибаб къойил бицунеб букIана жиде-жидер росабалъ ккарал камиязул хIакъалъулъ. Гьел тIатIала журараб мехалда кколеб...

Новость на родном

ТIаса бищараб махщалиде щулияб рокьи

ГIемерал сонал руго дида Кав­сарат ШугIайбова ва гьелъул рос Нажмудин МухIамадов лъалелда­са. Гьел кIиялго руго тохтурзаби. Кавсарат ккола Хасавюрт райо­налъул больницаялъул бетIерай тохтур, Нажмудин — Бамматюр­талъул участкаялъулаб больни­цаялъул бетIерав тохтур. Гьезул вас АхIмадги эбел-инсул нухдасан ана — Дагъистаналъул пачалихъ­ияб медицинаялъул академияги лъугIизабун, гьев вахъана стомато­логлъун. ХIалтIулев вуго Муцала­улалъул амбулаториялда. КIудияв вас Рустамицайин абуни, тIаса би­щана...

Новость на родном

Тохтурзабазеги къваригIуна кумек

Исана июлалда байбихьизе буго коронавирусалъ унтарал гIадамазул сахлъи цIунизе къеркьарал тохтурзабазе психологияб кумек гьабизе. Гьелъул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановасулгун гьабураб гара-чIвариялда бицана «Журавли» абураб ГIелмиябгун сахлъи цIуниялъул комплек­салъул (НОК) генералияв директор, М.В. Ломоносовасул цIаралда бугеб Москваялъул пачалихъияб университеталъул (МГУ) профес­сор, Гъуниб районалъул Шангъодаса МухIамад ХIабибовас.   — МухIамад, дуца загьир гьабу­на нужер сахлъи...

Новость на родном

Нилъ киналго руго -бат|и-бат|иял

Нилъ киналго руго -бат|и-бат|иял ва хасго гьел бат|алъабаз буго нилъее цоцада рич|ч|изе квалквал гьабулебги.Ва амма, нилъер цогосеб к|удияб, киназего г|аммаб рокъор нилъ киналго цоцае ккола мадугьалзаби. Нилъер рокъобе балагь-къварилъи бач|индал, гьеб киназдаго хъвала Жакъа дица къват|ибе биччалеб буго ц|ияб кеч| «Рач|а лъутизе» абураб.  Гьаракь хъвалеб @universalmusicru абураб дир идараялъ, гьеб коч|охъ дие цебеккун кьуна мухь,...

Новость на родном

«Киданиги кколароан васас дие гьерсал рицинилан»

Красноармейскиялдаса 23 сон барав МухIамад (цIар хисизабун буго), гьудулзабигун цадахъ, Сириялде ана. Гьев вукIана эбелалъул цохIо ву­гев вас. Гьесул эбелалъулгун ккараб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб гъор­кьехун.     – Дун киданиги божуларо гIарцухъ гIадамал чIвазе анин дир вас дове- йин абулеб жоялда. Гьев лъица вата­ниги махсараде ккун вуго. Гьесие кутакалда бокьун букIана цIализе лъугьине. Масала,...

Новость на родном

Жаниб ракI бецIцIулеб бугониги…

Избербашалдаса Ризван (цIарал хисизарун руго) лъади Дианагун ва кIиго лъимергун Сириялде ана 2015 соналда. Лъабабилеб лъимер гьезие гьабуна доба.  Лъимал Сириялде араблъи Ризванил эбелалда нусалъул гIагарлъиялдаса лъан буго. Гьелъулгун ккараб гара—чIвари кьолеб буго гъоркьехун.   — Дун цIакъ къварилъана гьеб ха­бар лъайдал. Цинги гIагарлъиялъ гIодое йиччазаюна кватIичIого гьел нахъруссун рачIунинги абун. РачIинеги рачIана чанго къоялдасан....