«Гьидаяталъул» баракат камугеги

Руччабазул лъай кьолеб центр «Гьидаят» нуц1би рагьарал руго киналго г1елму т1алаб гьабизе бокьаразе, ч1ах1иязеги г1исиназеги. центр х1алт1улеб буго анлъабилеб соналъ гьеб заманалда гьенир ц1алана г1емерал руччабаи, Дагъистаналдасаги ва гьединго цогидал улкабаздасаги.Гьеб централда руго бат1и-бат1иял курсал гьезда гьоркьоса Къуръан ц1ализе, бит1ун как базе малъи, диналъул аслаби малъиялъул дарсал,инглисазулаб ва г1арабазул мац1 малъи,ва гьединго рет1ел лъут1изе ва букъизе малъулел курсал. Къад рук1унел дарсазда рач1ине санаг1ат гьеч1езе х1алт1ула къасисел курсал.  
Г1усманова Г1айшат йиго Гумбет районалъул Мехьелт1а росулъа, гьей яч1ун йиго ц1ализе жиндирго лъималазул лъималги рачун. Ц1ализе зах1малъулеб гьеч1ищин гьикъараб мехалъ, гьелъ бадиса маг1у чвахулаго абуна: «Дун ц1ализе кват1ун яч1ун йиго гьединго рек1екълъунги йиго цейеса нахъе ц1ализе яч1инч1елъул, амма гьаний щвараб мехалъ дида бич1ч1ана дун г1адада яч1ун гьеч1елъул. Зах1малъаби кидаго дандч1вала нилъеда, амма Аллагьас кумек гьабула».  
Мух1амадова Зарина яч1ун йиго Астраханалдаса, жиндирго хъизан, лъимал, ва гьезул лъималги тун, гьей ц1алулей йиго к1иго отделениялда: Къад бук1унебги, къасисебги.
«Цебегоялдаса нахъе дие бокьун бук1ана г1елму ц1ализе, Къуръан ц1ализе лъазе, гьадинаб центр бугеблъи лъараб мехалъ дица х1укму гьабула гьание ц1ализе яч1ине дирго мурад т1убазе. Г1агарлъиялъги дир рахъ ккуна гьале дунги яч1ана гьание»- абулеб буго Зариналъ.  
Гъоркьияб соналъул сентябралдаса нахъе «Гьидаят» централда байбихьана онлайн-курсал. Гьел курсаз г1елму ц1ализе рес кьуна Мах1ачхъалаялда свера-хъерун ругезе гуребги, т1олго дуниялалда нилъер ракьяцоязеги лъай т1алаб гьабизе. «Гьидаят» централъул онлайн-школалъул география г1ат1идго т1ибит1ун буго. Гьенир руго  Томск, Тюмень, Новороссийск, Сочи, Чачаназул республика, Великобритания, Малайзия ва гьединго цогидал шагьараздаса ва улкабаздаса студентал. Сулебанова Бика йиго онлайн-школалъул студентка, Великобританиялда г1умру гьабулей гьелъ абулеб буго: «Цогияб улкаялде гочараб мехалъ дие бокьун бук1ана байбихьараб ц1али иш теч1ого цебе бачине гьелъие дие кумек гьабуна «Гьидаят» централъул онлайн-курсаз. дунялалъул бат1и_бат1иял рахъалъ ругониги, гьенир х1алт1улел махщел ц1ик1к1арал муг1алимаз малъула нижеда бищун къвариг1унеб пайда бугеб г1елму. Гьеб Аллагьасул к1удияб ниг1мат буго.  
Лъай кьеялъул гуреб гьединго Гьидаят г1ахьаллъула бат1и-бат1иял лъик1аб асар гьабулел акциязда, ва гъоркьисеб соналъул ноябрь моц1алъ гьез г1уц1ана к1удияб лъай т1ибит1изабулеб руччабазул вечер «Хрустальная шкатулка».  
Жакъа къоялъ къанаг1ат гурони гьеч1о, лъай кьеялда бащадго г1амал-хасияталдеги к1вар кьолел ц1алул идараби. Амма г1амал-хасият буго бергьенлъиялъулаб бет1ербахъиялъул гъоркьлъел. Щай гурелъул вас г1езавуни нилъеца г1езавула бихьинчи, амма яс г1езаюлаго г1езабула т1убараб миллат.
 
МухIамадова Мальвина. ДГУялъул журналистазул отеделениялъул 3 курсалъул студент