МагIарул академия

Дагьалъ цебегIан Хунзахъ районалда тIобитIана ХIариколо росдал школалъ 100 сон тIубаялъулаб юбилей. 2024 соналъго тIобитIизе кколеб букIараб гьеб байрам нахъбахъизе ккун букIана сверухълъи, нухал къачIаялъул хIалтIаби росулъ унел рукIиналда бан.

ПалхIасил, байрамкъоялъ баркиялъулаб кIалъай гьабулаго, районалъул лъай кьеялъул нухмалъулей ПатIимат ХIамзатовалъ бицана цIалулъгун жамгIияб гIумруялъулъ школалъ ва коллективалъ гьабулеб жигараб гIахьаллъиялъул, цIалана районалъул нухмалъулев НурмухIамад Задиевасул рахъалдасан баркиялъулаб кагъат, школалъул ункъо хIалтIухъанасе кьуна республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул ХIурматалъул грамотаби.

 

Школалъул тарихалъул бицана директор Абакаров МухIамадица. Жакъа школалъул буго лъабго корпус, 15 класс, 56 цIалдохъан. Коллективалда вуго 28 хIалтIухъан.

ГIагараб ракь бокьиялда ва гьеб лъазабиялда сверухъ ХIариколо росдал школалда гьабулеб хIалтIуе нугIлъи гьабула гьелъул цIалдохъаби ТIолгороссиялъулаб гIагараб ракь лъазабиялъул республикаялъу­л олим­­­пиадаялда бергьиналъги. ТIолго­­рос­сиялъулаб лъималазул ва гIолилазул «Движение первых» ба­гъа-бачариялъул школалда бугеб байбихьул гIуцIи бищун лъикIаблъун рикIкIана тIолабго улкаялда, ва командаялъе щвана 500 азарго гъурщил грант.

ГIагараб школалде, учительзабаз­де гьарурал кучIдул цIалана цIал­дохъабаз, байрам баркана ба­тIи-батIиял росабазул школазул нух­­малъулез. МугIалимзабазе Бар­ка­­лаялъул кагътал кьуна росдал бе­га­вул СагIадула ХIайбулаевасги.

Жакъа гIадин ракIалда буго, пе­дагогикияб ишалъул щибго хIал­бихьи гьечIей гIолохъанчIужу, дун, школалъул коллективалъ къабул гьаюраб куц. ХIал алжаналъуб бата­ги квешаб-лъикIаб дида малъарал Хваджа МухIамадовичасул, Му­хIамад Лъе­белаевичасул, Ша­­мил ГIалиевичасул, Жамал ГIус­ма­новичасул, ГIали ХIасано­вичасул.

ГьабсагIатги йохула ишцоял дандчIвайдал. ПатIимат МухIама­довна, ГIунайзат ХIажиевна, Барият МухIамадовна, Хадижат Загьидовна, Гъази МухIамадович, бокьулеб ишалда нахъа гIемерал соназ сахлъиялда таги нуж. Мансур Набиевичги ПатIимат Гунащевнаги, нужедеги дир адаб, нужеца учителасул хIалтIи тун букIаниги. Хасаб баркала буго дилъ гIадлу-низам куцарав, школалъул директорлъун вукIарав Абакаров ШамсулгIалиеги. Гьесул выговоралдаса хадуб дун цониги нухалда кватIичIейха кинаб бугониги хIалтIуде. ЛъикIаб, цоцазе кумекалъе хIадураб коллективалда хIалтIараб кIиго сон дие лъугьана унго-унгояб магIарул гIаданлъиялъул, адабалъул къебелъилъун. ТIоцересел цIалдохъабиги хутIиларищха думалъго бищун рокьулеллъун, лъикIаллъун.

ГьитIинабго рокьуе мукIурлъиял­даса хадуб байбихьилин школалъул 100 сонилаб гIумрудул бицинеги. 

1921 соналда байбихьана гьелъул тарих. Инкъилаб ккезегIан Авар округалда букIун буго гIицIго цо школа. Инкъилабалдаса хадуб школал рагьизе квалквал ккун буго граждан рагъул ва учительзаби гIунгутIиялъул. Гьедин букIаниги, 1921 соналъ округалъул халкъияб лъай кьеялъул заведующий Асадула МухIамадовасул хIисабкьеялда хъван буго: «Росабалъ рагьун буго 11 школа. ХIариколо вуго 15 цIал­дохъан, ГьоцIалъ — 36, Могьохъ-Коло — 3, ГIарани — 44. Хунзахъ буго 2 школа: цоялда 53 ясалъе, кIиабилелда — 70 васасе кьола дарсал. ХIарикологи Хунзахъги къадияс лъималазда Къуръан малъула. Округалда вуго 339 цIалдохъан, гьездасан — 75 яс. ГьоцIалъ росдал школалда хутIизегIан гьечIо столал-бакIал, лъимал цIалула я чIарбида, я жидецаго рокъоса рачIарал бакIазда гIодорги чIун», — ан.

Гьеб документалдасан бихьулеб буго ХIариколо школа 1921 соналъго букIараблъи. Турказул мацIалда дарсал кьолел рукIун буго ХважахIажил МухIамадица. Гьесда лъикI лъалел рукIун руго гIарабгун латин мацIалги. Росулъ жеги цIунун буго гьезул бечедаб хъизамалъулаб библиотека.

1924 соналъ ХIариколо, цин Шаридадал (хадуб ХIайдаровазул) ро­къоб рагьула ликбез. Гьенире хьвадулел рукIана чIахIиялги. Ликбез рагьараб соналъ лъай гьечIолъи лъугIизабун буго росулъа 39 чиясул. (Гьел тIоцересезул жакъаги чIаго йиго ГьитIинова Узлипат). Дарсал кьолел рукIун руго Сулейманов Набица.

1928 соналъ, 44 цIалдохъангун ХIариколо рагьула байбихьул школа. Гьаниб бихьизабизе ккола, хIа­рисез жакъаги кIудияб адабалда рехсола гIумрудул 48 сон росдал ва магIаруллъиялъул лъай кьеялъул гIуцIабазе кьурав, тIоцевесев мугIалим, «ЗахIматалъул БагIараб Байрахъалъул», «ХIурматалъул гIа­ла­мат» орденазул кавалер, ДАССРа­лъул мустахIикъав учитель Сулейманов Набил цIар.

1947 соналъ байбихьул школалъул гьабула анкьгосонилаб, хадуб 1962 соналъ — микьгосонилаб.

1967 соналда школа гьабуна гьоркьохъеблъун. Гьелъ къадруялда цебехун босулеб буго рагъул бахIарчи, капитан Айтбер Бижановасул цIар.

БатIи-батIиял соназ школа­лъе нухмалъи гьабуна: Хунзахъа ГIаб­дусамад БатIаловас (1955-58 сонал), фронтовик ГIарип МухIамадовас (1958-1966 сонал) (гьесул заманалда рана школалъе кIитIалаяб минаги мастерскаялги). 1960-1970 соназ школа цебетIеялъулъ жигарчилъи гьабуна Гьиматова Нупайсатица ва Сулейманова ПатIиматица.

1970-1984 соназ школалъе нухмалъи гьабуна дунялалдаго цIар рагIарав педагогасул методика росдал школалда билълъанхъизабиялъ «бакIалъулав Сухомлинский» абун цIар лъурав СагIидов МухIамадица. 1975 соналдаса нахъе гIуцIана бечедаб тарихияб музей. РакIалда руго лъималазе музеялдеги рачун кьолел рукIарал пайдаял, чIагоял дарсал…

Чорхол сахлъиялъ рехун тезегIан школалъе бажарун нухмалъи гьабуна «1996 соналъ Россиялъул лъагIалил директор», тIадегIанаб категориялъул мугIалим Абакаров ГIалица. Гьесул заманалда рагьана школалда цебесеб гIанкIабазул ферма (бокьараб тадбиралъе школалъул коллективалъул букIунаан жидецаго гIезарурал гIиялъажалазул, гIанкIуязул, гIанкIазул гьан). Жакъаги, киса-кибго захIматалъулаб тарбиялъул кьичIи бакъваниги, хIарисезул лъималаз школалъул цебебакIалда гIезабула картошка, ламадур ва пихъ.

1999-2009 соназ школалъе нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул халкъияб лъай кьеялъул отличник, 2000 соналъ Россиялъул «Школазул гIасруялъул директор» Хваджаев Хваджаца, гьесдаса хадуб — 2022 соналде щвезегIан — гIагараб ракь ва тарих лъазабиялда бергьун кIудияб хIалтIи гьабурай, республикаялдаго машгьурал ТОКСалъул къокъабазул цояб — ХIариколо отрядалъул нухмалъулей Хваджаева ПатIиматица. Хваджаевал ккола педагогазул тухумилан жидеда цIар лъезе бегьулеб махщалилазул хъизам.

ГьабсагIат школалъе нухма­лъи гьабулеб буго Абакаров Му­хIа­мадица. Шагьаралда рахIатаб гIум­руялдасаги вузазда преподавательлъун хIалтIиялдасаги цебеккуна Му­хIамад ГIалиевичас вижараб росдал мактабалъул иш цебе бачин.

Рехселин цо-цо бергьенлъабазул хIакъалъулъги. 1958 соналъ школалъул юннатазул кружок гIахьаллъана ТIолгосоюзалъулаб росдал магIи­шата­лъул выставкаялда. 1978, 1982 соназ школалъул пионеразул гIуцIи мустахIикълъана ВЛКСМалъул ЦКя­лъул ХIурматалъул грамотабазе, 1984 соналъ щвана СССРалъул ВДНХялда мазгарул медаль, чанго соналъ тIатIалаго ккуна Дагъистаналъул туристазулгун краеведазул слеталда цересел бакIал, камичIо районалъул лъай кьеялъул Рецца­лъул хъорщодаса…

ХIариколо росдал школалъ 100 соналъ гIезарулел руго сахал, лъайги иманги бугел гIадамал, педагогал свак тун хIалтIулел руго росуги районги лъикIаб рахъалдасан гурого бихьизабуларел выпускникал къватIире риччаялъул масъалаялда тIад. Таваккалал нухмалъулез (бегавулас, директорас, мугIалимзабаз, росдал сахаватчагIаз) росулъ рукIа-рахъиналъе шартIал гIуцIун, лъай кьеялъул иш роцIинабун цIигьабизе тIаде босун буго ХIариколо ро­су. Гьедин, умумузул кьалбазу­хъе тIадруссунел руго лъикIаб гIум­руялда хадуб гIатIиракьалде ра­хъарал гIолохъанал хъизамал, чIа­го­лъулеб буго некIсияб, тарих бечедаб ХIарикил кули. Школалъин абуни, гьеб ишалъулъ ккола бищун кIвар бугеб, рухIияб бутIа.

Байрамгун, гIагараб ХIариколо росдал школа, жеги чанго гIасруялъ кIодо гьабизе хъван батаги дуца юбилей, сахаватал, лъай бугел цIал­дохъабаздалъунги сси бугел му­гIалимзабаздалъунги машгьурлъаги дур цIар!

Ф. МухIамадова, Хунзахъ районалъул «Росдал захIматчи» газеталъул редактор