Гьал къоязда, гIуцIаралдаса нусго сон тIубаялъул юбилей гIатIидго кIодо гьабуна Северияб Кавказалда бищун кIудияблъун рикIкIунеб Дагъистан Республикаялъул ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб миллияб музеялъ.
Гьеб тадбир тIобитIараб куцалъул, музеялъул тарихалъул ва хIалтIул бицун нижеца гара-чIвари гьабуна музеялъул генералияв директор МухIамадов Пахрудин ГIумаровичасулгун.

— Пахрудин, байбихьилин тарихалдаса. Музей кида гIуцIараб, лъил хIаракаталдалъун ва киб?
— Музеялъул тарих байбихьула 1898 соналдасан. Гьельие байбихьи лъуна Темир-хан-Шураб букIараб пачаясул Россиялъул рекIаразул полкалъул штабс-лекарь Иван Семенович Костемировскияс. Гьев вукIана нилъер ракьги гьелъул халкъалъул махщелчагIиги рокьулев чи. Жиндирго гIумруялъул ахиралда гьес гьабуна кIудияб васият. Гьелъул тIоцебесеб пункталда хъван букIана Дагъистаналда кустарный промыслабазул (квераз гьарурал тIагIелазул) музей гIуцIеян абун. Музей гIуцIиялъе гьес бихьизабун букIана 2779 гъурущ гIарцулги.
И. С. Костемировский гIумру гьабун вукIана Гъоркьа Жунгуталда. Хъизан-рукъги гьесул букIинчIо. Гьесул мурад букIана халкъиял махщелчагIазул искусствоялъул асарал: халичаби, нусал, хунжрул, кIилкIал, баргъичал, пахьул тIагIелал-гулгунал, гIертIал, парччаби ракIари ва цIуни.
Гьеб васият тIубазабизе тIаде босана Темир-хан-Шура гIумру гьабулев вукIарав, машгьурав, лъай тIибитIизабулев чи Евгений Козубскияс. Музей гIуцIиялъул комитеталда лъабго соналъ хIалтIана гьев.
Ахирги 1913 соналъул 6 маялда музей рагьана Темир-хан-Шураб Дагъистан областалъул губернаторасул минаялъул чанго рокъоб (гьанже гьеб ккола Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб педколледжалъул цо корпуслъун). Гьелда абулаан Костемировскиясул цIаралда бугеб кустарный музей абун.
— 1913 соналда музей рагьун батани, музеялъул тарих нусго сон гуреб, 112 сон кколеб гьечIищ?
— Музейин абуниги, гьеб букIана жеги гIадамазда рагIичIеб, дагьалго экспонатал гурого гьечIеб бакI.
Официалияб къагIидаялъ музей рагьана Совет власть Дагъистаналда щулалъараб 1925 соналъул апрель моцIалда.
ХIуригат. Общественнияб гIуцIи хиси
1917 соналда Россиялда Октябралъул революция бергьана. Гьелдаса хадуб Дагъистаналда букIана бичIчIизе кIолареб хIалуцараб ахIвал-хIал, граждан рагъ. Музеялде регIараб хIал букIинчIо. Гьел соназда музеялъул экспонатазул цо бутIа хъамихъул гьабун тIагIана, дагьабго бутIа гурони нахъе хутIичIо.
Дагъистаналда тIубанго советияб власть бергьиндал, Дагъревкомалда цебе гIуцIула искусствоялъул отдел. Гьеб мехалъ ракIалде щвана музейги. Лъабнусго экспонаталъул 70 гурони хутIун батичIо.
Гьел экспонатал Темир-хан-Шураса (1921 соналъул 14 маялдаса Буйнакск) Порт-Петровскиялде (1921 соналъул 14 маялдаса МахIачхъала) рачана ва гьеб гьабуна Дагъистаналъул тахшагьарлъун.
Гьеб 70 экспонат букIана цIияб музеялъе кьучIлъун. Музей букIана халкъияб лъай кьеялъул Комиссариаталъул тIалабалда. 1922 соналда лъай кьеялъул комиссарлъун тIамуна революционер, машгьурав политикияв хIаракатчи ГIалибег Тахо-Годи. 1923 соналда гьесул бетIерлъиялда гIуцIула Дагъистаналъул музеялъулаб комитет. Ва байбихьула тIадчIун гьеб хIалтIи цебе бачине.
ГIалибег Тахо-Годица гьеб ишалде Пятигорскиялдаса Дагъистаналде ахIула Дмитрий Павлов, Воронежалда гьавурав, Харьковалда университет лъугIарав филолог. Кавказги гьелъул тарихги бокьулев чи вукIана гьев. ГIумру гьабун гьев вукIана Пятигорскиялда. Д. Павлов тIамуна музеялъул тIоцевесев директорлъун.

— Музеялъул бечелъи буго фондазда экспонатазул къадар цIикIкIин. Дуца абухъе, 70 экспонат гурого букIинчIеб фонд цIикIкIиналъе щиб гьабураб?
— ГIалибег Тахо-Годи вукIана гIорхъи гьечIого гIагараб Дагъистан бокьулев патриот, гьеб цебетIезабизе къеркьолев, нилъерго ва дунялалъулго культураялде нилъер халкъ цIазе хIаракат бахъулев интеллигент. Живгоги гьев вукIана лъай бугев чи. Гьесие бокьун букIана музеялда художественнияб отдел гIуцIизе. Гьесул чIахIиял бухьенал рукIана улкаялдаго цIар рагIарал гIемерал тарихчагIазулгун, гIалимзабазулгун.
Дагъистаналъул музеялде экспонатал кьеян гьес гIарза-кагътал хъвала СССРалъул чIахIиял музеязде. Гьелдаса хадуб бечедал коллекциял рачIана Гуржиязул Рагъулабгун тарихияб, Румянцевасул цIаралда бугеб, Пушкинил цIаралда бугеб музеяздаса, Эрмитажалдаса.
Дагъистаналъул хIукуматалъ музеялъе кьуна МахIачхъалаялда дол соназ бищун чIухIараблъун рикIкIунеб букIараб Инженернияб къотIноб бугеб мина (гьанжесеб Р. ХIамзатовасул къватIалда бугеб проспект). Гьеб мина букIана гьанже Ленинград гостиница бугеб бакIалда.
Араб гIасруялъул лъеберабилел соназда цIакъ цебетIун бачIана краеведение, ай гIагараб ракь лъазаби. ГIагараб ракь лъазаби, гьелъул тарих лъай — гьеб ккола гIелмуялъул кьучI, битIун абуни, гьелъул база. Гьелъие бищун цIикIкIун хIаракат бахъулев чи вукIана живго ГIалибег Тахо-Годи. Гьел соназда рагьана культураялъул гIелмияб цIех-рехалъул институт (НИИ). Гьелда цебелъураб масъала букIана Дагъистаналъул культура ва тарих лъазаби.
Гьел арал соназда музеялъ чанго батIияб цIар ва бакI хисана.
2017 соназда музеялда цIар лъуна ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб Дагъистаналъул миллияб музей абун.
— КигIанасеб къадар экспонатазул музеялъул фондалда бугеб?
— Нилъер музей ккола Северияб Кавказалда гуребги, тIолабго Россиялъул югалда бищун кIудияб ва бечедаб музей. Республикаялъул шагьаразда, районазда, росабалъ нижер буго 33 филиал, тахшагьаралда щуго филиал. Кинабниги музеялъул фондазда буго 180 азарго экспонат.
— Газетал-журналал цIалулезул къадар дагьлъулел ругин абулеб буго. Библиотекабазде рачIунелги къанагIалъун руго. Музеялде гIадамал рачIиналъул рахъалъ иш кин бугеб?
— Музей гьеб буго миллаталъул хазина, рухIияб ирс бакIарараб къиматаб гъамас. Нижехъе рачIунезул къадар къойидаса къойиде цIикIкIунеб буго. Музеялде рачIунел руго нилъерго дагъистаниял гурелги, Россиялъул регионаздаса, хIатта къватIисел улкабаздаса республикаялде рачIунел гьалбалги. Ахирал соназда цIакъго гIемер щолел руго Дагъистаналде рачIарал туристалги.
Мисалалъе, 2024 соналда музеялде вачIун вуго 124 азаралда 979 чи. Гьаб соналъул араб ичIго моцIалда жанивин абуни 127 азаргоялда 431 чи.
— Командировкаялъ щведал, магIарул росабалъ ратула къиматал экспонатал цIунарал бечедал музеял. Мисалалъе, гьединаб музей бихьана ЦIунтIа районалъул Шагьикь росулъ МухIамадов ГIабдулмуслимил, Казбек районалда Буртунай росулъ Байбулатов Камилил минабазда. ЦIакъго бечедаб буго Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росулъ Ибрагьим Ибрагьимовас гIуцIараб музей. Гьел музеял нужер филиалаллъун гьаризе бегьуларищ? Ялъуни гьенир ратани тарихиял, кIвар бугел, къанагIатал экспонатал, музеялъе росизе бегьуларищ?
— ЧIиркъатIа бугеб музей нижеца филиаллъун гьабуна. Дуца рехсарал гурелги, магIарулазул, Дагъистаналъул гIемерал росабалъ, районазда руго краеведаз, тарих бокьулез гIуцIарал музеял. Гьел киналго нижер филиалаллъун гьаризе хIалкIоларо, ресги букIунаро, хIажалъиги гьечIо. ЦIакъго къиматаб тIагIел-экспонат бугони, Культураялъул министерствоялда цебе буго фондовая закупочная комиссия. Гьеб комиссиялъ музеялъе бичун босизе бегьула гьединаб экспонат.
— Музеялда ругел экспонатал рихьизаризе Россиялъул цогидал музеязда выставкаби гьарулищ?
— Щибаб соналъ улкаялъул анлъго-анкьго чIахIиял музеязда тIоритIула нижеца выставкаби. Гьел нижехъеги рачIуна, выставкаби тIоритIизе.
— Кинха тIоритIарал юбилеялъулал тадбирал?
— БачIинахъего абила, гьел анин ниж разияб хIалалда, тIадегIанаб даражаялда. Гьанибго абила, нижеда баркизе рачIун рукIана федералияб ва регионалияб 45 музеялъул вакилзаби. Юбилей тIобитIулеб тадбиралде ахIун рукIана, цереккун музелда хIалтIарал, гьанже хIалхьиялда ругел ветеранал, тIолабго республикаялдаса нижергун пишацоял — музеялъул хIалтIухъаби. Баркала буго юбилей тIобитIиялъе кумек ва квербакъи гьабураб республикаялъул Культураялъул министерствоялъеги.
8-9 октябралда хIадурун букIана лъабго выставка, кIиго ретро, цо жакъасеб музеялъул бицунеб. 8 октябралда ГIурус театралда тIобитIана рохалилаб данделъи. Театралъул жанахIалъуб лъун букIана музеялъул тарихалъул бицунеб кIудияб тематикияб выставка. Гьенир лъун рукIана батIи-батIиял архиваздаса, фондаздаса хасал гIадамазул коллекцияздаса цересел суратал.
Рохалилаб данделъиялда музеялъул хIалтIухъаби кIодо гьаруна шапакъатаздалъунги: щуго хIалтIухъанасе кьуна «Дагъистан республикаялъул Культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб цIар, цоясе лъабабилеб даражаялъул Дагъистан Республикаялъул хIурматалъул орден, кIигоясе кьуна хIаракаталъулаб захIматалъухъ медаль, цоясе Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб медаль.
ИчIабилеб октябралда музеялда тIобитIана гIадатлъун лъугьараб ГIалибег Тахо-Годил цIалиял (чтение) ва гIелмиябгун практикияб конференция. ТIаде рачIарал гьалбадериеги гIуцIун букIана культурияб программа. Гьел экскурсиялъ рачана некIсияб Дербент шагьаралдеги тарихиялгун тIабигIиял памятникал ругел цогидал бакIаздеги.
— БакI ккун букIаго абила, мун Ругъжаса чиги вугелъул, МахIачхъалаялда бугеб ГIабдурахIман Данияловасул мина чIунтизе тун буго. Гьеб къачIаялъе ва гьениб музей гьабиялъе тIалаб гьабизе бегьуларищ нужер росуцояз?
— Росулъ ГI. Данияловасе музей гьабун буго. МахIачхъалаялда гьеб мина къачIазе ва музей гьабизе нигатгун 4-5 соналъ цебе ниж рагъарун рукIана. Гьелъул бетIергьан кколей йиго ГIабдурахIманил вас МахIачил йикIарай лъади. Гьелъ изну кьечIо. ХIасил-калам, ГIабдурахIманил ирсилал цо хIукмуялде рачIани, нижеца гьеб мина къачIаялъулъги музей рагьиялъулъги гIахьаллъи гьабизе буго.
— МагIарул газеталъул коллективалъул рахъалдасанги баркула, Пахрудин, дуда ва тIолабго коллективалда музеялъул гIасрудал байрам. Гьарула нужее сахлъи, хIалтIулъ икъбал.
— Баркала.
Гара-чIвари гьабуна Пайзула Пайзулаевас.
Баян
Пахрудин МухIамадов гьавуна 1970 соналда Гъуниб районалъул Ругъжаб росулъ. Росдал школа лъугIун хадув цIализе лъугьана МахIачхъалаялъул финансазул техникумалде, хадув ДГУялъул экономикияб факультеталде. 1994-2011 соназде щвезегIан хIалтIана федералияб налогазул хъулухъалъул республикаялъул управлениялда.
2011-2017 соназда вукIана Гъуниб районалъул бетIерлъун. Гьев ккола экономикиял гIелмабазул кандидат. 2017 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб республикаялъул миллияб музеялъул генералияв директорлъун.
