Россиялъул президент В. Путинил указалда рекъон, халкъал цолъиялъул лъагIеллъун лъазабураб 2026 сон Дагъистаналда Шамил имамасул гIумруялда, тарихалда бугеб гьесул кIваралъул хIакъалъулъ бицунел, гьеб бихьизабулел тадбираздалъун байбихьи лъикIаб гIаламат бугин абуни, мекъи ккеларо. Щайгурелъул Дагъистан цолъизабулеб гьесул къисматалъул бахIарчияб мисал буго гIелаз гIелазухъе кьун бачIунеб.
Р. ХIамзатовас абухъе, нилъер республикаялъул гIемерисеб тарих хъван буго хвалчабазгун хунжруз. Гьеб захIматаб, амма бахIарчияб тарихалъул аслиял хIаракатчагIазул цояв ккола Шамил имам.
Нилъеца къимат гьабула Дагъистаналъул тIоцевесев нухмалъулев (1921-1931 сонал), гьелъул тIоцебесеб Конституция хъваразул цояв Жалалудин Къоркъмасовасул. Амма, хIакъаб жо буго, гьеб Конституциялъул кьочIое босун букIин Шамилица гIуцIараб пачалихъалъул миллатазул цолъи, халкъазул эркенлъиялъул пикру.
Шамилил цIар ва гIумру жакъасел шартIазда буго халкъазул пикру жиндехун буссинабулеб мисаллъун. РухIияв цевехъан, гIакъил, пачалихъ гIуцIарав хIаракатчи, дипломат, рагъул цевехъан, бахIарчи – гьел ккола цо чиясул гIумруялде рахъинаризе кIоларел напсиял хасиятал ва бергьенлъаби.
Имаматалда ритIухълъиялъул, эркенлъиялъул, намус-яхIалъул, миллатазул гъункиялъул хIукъукъал хIакъикъаталдаги аслияллъун лъугьинаризе, пачаясул къуват цIикIкIарал аскаразда тIад тарихалде арал бергьенлъабиги росулаго, кIудияб империялде данде чIезе бажари ва гьеб ракълиде бачин – гьеб бигьаяб масъала гуро. Гьеб буго унго-унгояв халкъияв бахIарчиясул кIочонареб мисал. Гьел аслиял рахъаз кигIан имам какизе, гьесул кIвар гIодобегIан гьабизе цо-цояз хIаракат бахъаниги, гьел мурадалдеги щвезе гьечIо.
Шамилил къисматалде гIелмияб бербалагьи
Кидаго букIана Шамилил къисматалдехун цIикIкIараб гIелмияб бербалагьи. Гьенир аслияллъун рихьизарулел руго гьес кьучIдасанго цIияб пачалихъ гIуцIиялъул ва гьелъие нухмалъи гьабиялъул, пачаясул аскаразде данде гIемерал соназ бахIарчияб рагъ гьабиялъул, ва гьеб ракълидалъун лъугIизеги гьабун, Кавказ Россиягун цолъизабиялъул хIужаби.
Жакъа нилъер тушбабаз бицунеб буго Шамил 25 соналъ гIурусазде данде вагъанилан. ГIицIго гьелдехун кIварги буссинабун, хадусеб тарихги хIисабалде босичIого, гIурусаздаги кавказалъулаздаги гьоркьоб питна бекьизе кIвараб хIаракат бахъулеб буго. Гьеб буго нилъер гIолеб гIелалда тарих къадарго лъалеб букIиналъул хIасилалда бицунеб гьереси.
Лъиеха жакъа гьеб гIакса буссинабураб къисматалъул гIахьучIалгун чIанда хIажат бугеб? Гьеб суалалъе жаваб гьабулаго, хIисабалде босизе ккола гьединаб къагIидаялда тарих мекъи бихьизабулаго, нилъер «гьудулзабаз» жакъасеб гIумруялда гъоркь гьеб кьвагьизе тункIил хер лъолеб букIин.
Имамасул рекъел —
халкъалъул мурад
Бокьараб рагъ лъугIула рекъел гьабиялдалъун. Амма рекъел гьаби букIуна батIи-батIияб. Кидаго гуро гьеб къадруяблъун букIунеб. КIудияб ВатIанияб рагъда ккараб гIадин, къеялъе мукIурлъигун гьабураб рекъелги рекъел ккола. Амма бергьарасул ихтияралде гIадатияб куцалда тIубанго къисмат кьечIого гьабураб рекъел – гьеб буго рагъулезда гьоркьоб, кIиябго рахъалдасан цо пуланал шартIалги чIезарун, гьабураб ракълилаб къотIи-къай.
Гьелде тIадеги, гIемерал рагъазул хIасилалда къуват-къадар дагьал, ресукъал пачалихъал империяз жидедаго жанире рачуна. Гьеб буго гIадатияб иш ва гьелда гIажаиблъи гьабизе кколаро.
Амма жидеда тIад бергьенлъи босарал гьел пачалихъазул гIадамаз кинаб бакI кколеб империялда жанибали лъазе захIматаб жо гуро. Балагье, кире арал Америкаялъул индейцал, кибе тIагIараб гьезул маданият, дин? Ялъуни халгьабе кинаб бакI ккураб Испаниялъ гъорлъе бачараб, жидеца исламияб дин гьабулеб Мавританиялъул халкъалъали. Гьединал халкъаз гьел жанире рачараб империялда хIурматияб бакI кквей буго кутакалда къанагIатаб иш. Аслияб куцалда гьел, ихтияраздаса махIрум гьарун, жидеего бокьухъе чIезарула.
Имам Шамилие абуни рес щвана жинца байбихьичIеб рагъ къотIизабизе ва, рекъелги гьабун, бусурбабазул динги, маданиятги, гIадат-гIамалги хIакъир гьабичIого цIунизе.
Гьединлъидал имамас доб заманалда гьабураб рекъел ккола кIудияб бахIарчилъиги дипломатасул гьунарги: гьале жакъаги Кавказ буго Россиялъул хIурматияб бутIалъун. Гьединал мисалал цоги гьечIо. Северияб Кавказалъул къадар дагьал халкъал Россиялъул империялде гъорлъе инчIого, батIияб къисматгун талихIаллъун рукIин цIакъго щаклъи кколеб хIужа буго.
Инсанияталда машгьурлъи — ритIухълъиялъул гIаламат
Шамил имам жакъа вуго улкаялдаго цIар рагIарав бахIарчи, гьесул гIумруги буго нилъер гIаммаб бечелъи. Гьесул цIар кьун буго районалъе, къватIазе, цIалул идарабазе, музеязе, мажгитазе, мадрасабазе, фондазе, жамгIиял гIуцIабазе ва батIи-батIиял премиязе.
Имамасул цIар тIибитIун буго Россиялъул насраниязул машгьурал хIаракатчагIазулго, философазулго гIадин.
Гьесул къадруялъе кIудияб къимат кьола насранияб диналъул хIаракатчагIазги. Масала, Шамил имамасул цIаралда бугеб ТIолгодунялалъул «Имам Шамил: халкъ цолъизабулеб ирс» абураб тIоцебесеб форум рагьулаго, гьениб доклад гьабуна Москваялъул ва тIолабго Россиялъул Патриархасда цебе гIуцIараб Экспертияб советалъул председатель, иеромонах Григорийицаги (Матрусов).
Жиндир заманалда динияб ва дунявияб кверщел кодоб букIарав имамас жакъаги кьолеб буго нилъее гIаданлъиялъул, рекIел бацIцIалъиялъул ва рацIцIадго хьвадиялъул унго-унгояб дарс. Пачаясул генерал, мемуарист Дмитрий Ильич Романовскияс хъван буго, Шамилил хазинаялдаса гIемераб бечелъи, гIарац унеб бугониги, гьев живго вукIанила кутакалда вацIцIадав, бугелдалъун чиясе кумек гьабулев инсанилан.
1996 соналда дун Дагъистаналъул халкъ социалияб рахъалъ хьезабиялъул министрлъун тIамидал, дие бокьун букIана кисан тIоцебе пенсия баккарабали лъазе ва гьелъие гIоло гIемерал тIахьал цIалана. Аслияб куцалда гьениб бицунеб букIана гьеб Совет Союзалъул заманалда гьабураб бигьалъи бугилан. Жеги гъварилъуде ваккидал, лъана пенсия тIоцебе гIумруялъул 70 сон тIубаразе 1889 соналда Германиялъул канцлер О. Бисмаркица чIезабиялъул хIужа. Гьеб заманалда Германиялда инсанасул гьоркьохъеб ригь букIун буго 30 сон. Амма 1871 соналдаго Аллагьасул къадаралде щварав Шамил имамасул Имаматалда ресукълъиялде ккарал, язихъал гIадамазе гьединаб напакъа кьолеб букIун буго гIезегIанго цересел соназдаго. Гьелъ бихьизабула кинаб социалияб рахъалде, рахIмуялде, ритIухълъиялде кIвар буссинабураб пачалихъ имамас гIуцIун букIарабали.
Шамилие кутакалда тIадегIанаб къимат кьун букIана К. Марксицаги Ф. Энгельсицаги. Гьесул гIумру ва тарих машгьураб буго Турциялда, Ираналда ва гIарабазул улкабазда.
ГIумруялдаса ватIалъаралдаса 155 сон араб жакъа къоялдаги имамасул бахIарчияб къеркьеялъги, жигараб хIаракаталъги халкъал цолъизарулел, гьезулъ бихьинчилъиги бахIарчилъиги бижизабулеб батани, цоги кинабха букIине кколеб гьесие кьолеб къимат.
Дагъистаниязда киданиги кIочонаро гьесул гIумруялъул, гьунаралъул хIакъалъулъ гIелмиял, художествиял, публицистикиял хIалтIаби ва тIахьал хъварал гIалимзаби: Къарахъа МухIамадтIагьир, Аполлон Руновский, Александр Богуславский, Марям Ибрагьимова, Расул МухIамадов, Расул ХIамзатов ва цогидалги. Гьезда гьоркьоб хасаб бакI ккола Рустам Ибрагьимовасул Кавказалъул рагъулъ гуребги, тIолабго тарихалда жаниб имамасул гIумруялъул тIанчал рагьулеб, дагьаб цебе газеталъул гьурмазда жиндир хIакъалъулъ бицун букIараб «Имам Шамиль. Восхождение к миру» абураб 10 томалдаса гIуцIараб асаралъги.
Зикрула Ильясов
