Гьалбал цIикIкIунел руго Берцинаб тIабигIатги лъагIалил бокьараб заманалда гьалбал къабул гьаризе рекъараб гьава-бакъ букIиналъги соналдаса соналде цIикIкIунел руго Дагъистаналде рачIунел туристазул къадар. 2021 соналде дандеккун, гъоркьиса нилъер республикаялде рачIарал гьалбадерил къадар цIикIкIана 43 проценталъ. Масала, 2022 соналда 1,5 миллионалдаса цIикIкIун чи вачIана Дагъистаналде. Исана гьезул къадар жеги цIикIкIине рес буго. ...
