Кьер-кьерал тIугьдузул квацIи гIадаб Дагъистан

«Россия – дир тарих» абураб музей-паркалда араб анкьалда бихьизабуна «МацIазул мегIер» абураб документалияб фильм. Гьеб бахъана режиссер Родион ИсмагIиловас ва гьабсагIаталда рикIкIуна Дагъистаналъул мацIазулги маданияб бечелъиялъулги хIакъалъулъ бицунеб бищунго кIудияб проектлъун.

Фильмалъухъ балагьизе рачIун рукIана ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов, министерствабазулгун ведомствабазул нухмалъулел, маданияталъул вакилзаби ва цогидал дагъистаниял.

«МацIазул мегIер» — гьеб буго кIиго соналъул хIаракаталъул хIасил. «ТIоцебесеб соналда нижеца гара-чIвариял гьаруна щибаб мацIалъул вакилзабигун. КIиабилеб сон ана тIабигIаталъул сураталги видеоги бахъулаго. Гьелъие кутакалда гьунар бугев чи вуго ГIалихан – дроналдаса видео бахъулев оператор. КIудияб икъбаллъун рикIкIуна дица, республикаялъул букIинеселъул тIалаб гьабулел гIадамал съемкабазул къокъадулъе ккей», — ан бицана фильмалъул режиссер Родион ИсмагIиловас. Хасаб баркала кьуна гьес ДРялъул хIукуматалъул министр БатIал БатIаловасе (жиндир пикруялъул рахъги ккун, батIи-батIиял министерствабазул кабинетазде цадахъ хьвадаралъухъги, фильмалда харж гьабизе гIарац балагьизе гьабураб кумекалъухъги ва гь.ц.), Болъихъ районалъул РахатIа росулъа ПатIимат МухIамадзагьидовалъул нухмалъиялда гъоркь хIалтIарал руччабазул къокъаялъе (сураталгун видео бахъиялъе квербакъаралъухъ). Гьединго баркала загьир гьабуна Москваялда гIумру гьабулев «Мега-Дом» социалияб рахъалъ хIалкъарал гIадамазе кумек гьабулеб фондалъул нухмалъулев Тажудин Исрапиловасеги. Гьев ккола ЧIарада районалъул ГIурухъ-СотIа росулъа. «Фильмалде харж гьабизеян кьураб гIарацги лъугIун хутIана ниж. Гьеб мехалда кумекалъе ватана Тажудин: гьесул квербакъиялдалъун рес щвана хIажатабщинаб босизеги, сапарал гьаризеги», — ян абуна Р. ИсмагIиловас.

Фильм бахъулеб къокъа щвана 42 районалдегун лъабнусго росулъе. Гьез фильмалда вихьизавуна 32 миллияб мацIалъул вакил. Гьезда тIадретIун букIана миллияб партал ва жидерго гIумруялъулги, халкъиял гIадатазулги, тарихиял лъугьа-бахъиназулги хIакъалъулъ рахьдал мацIалда бицунеб букIана гьез. Дагъистаналъул халкъазул мацIазулги маданияталъулги энциклопедия бугин гьеб фильмилан абуни, мекъи ккеларо.

Фильм бахъиялъул мурад щибан гьикъидал, Р. ИсмагIиловас гьадин бицана: «ГьитIинабго ракьул бутIаялда гIасрабаз гIумру гьабулеб буго дагъистанияз. Тарихалда гьечIо гьезул дандеккунгутIиялъе, гьезда гьоркьосеб тунка-гIусиялъе нугIлъи гьабулеб цониги хIужа, амма гьелъул хIакъалъулъ щибниги лъаларо цогидал пачалихъазда щиб гурин – нилъерго улкаялдаги. Аслияб масъала букIана батIи-батIиял мацIазулги диназулги вакилзабаз цоцалъ гъункун гIумру гьабулеб Дагъистаналъул мисал тIолабго дунялалъе загьир гьаби», — ян.

Дагъистаналда бихьизабилалде «МацIазул мегIер» Австриялда бихьизабуниланги бицана режиссерас. «ГIажаиблъун хутIана гьелъухъ балагьарал фестивалалъул гIахьалчагIиги эксперталги. ГьедигIан берцинаб тIабигIатги гьайбатал гIадамалги ругеб бакI жидеда жеги бихьичIин абулеб букIана гьез», — ан бицана режиссерас.

Кавсарат Сулейманова