«Чорокаб гIарац гьабун ругьуназда хIехьезе кIолеб гьечIо нижеца Дагъистан бацIцIад гьабулеб букIин»

19 апрелалда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас Халкъияб Собраниялде гьабураб хитIаб халатбахъана кIигониги сагIаталъ.

Гьелъухъ гIенеккизе ахIаразда гьоркьор рукIана Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиев, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумаханов (гьединго цогидал депутаталги), цереги гьанжеги тIадегIанал пачалихъиял хъулухъазда рукIарал ва ругел нилъер ракьцоял, муниципалиял гIуцIабазул киналго нухмалъулел, жамгIиял хIаракатчагIи, машгьурал журналистал ва цогидалги.

Меликовас хитIабалда рехсарал хIужабазухъ гIенеккун, бихьулеб букIана гьесда гьел масъалаби гIезегIан гъорлъе ваккун лъалел рукIин. Гьел рукIана нилъер щивас рокъорги, къватIирги, хIалтIудаги рорхулел политикиялги, социалиялги, экологиялги, рукIа-рахъиналъулги, жамгIиялги, мацIалъулгун маданияталъулги суалал.

 

 

СВО

Жибго тадбир байбихьана СВО- ялда гIахьаллъулаго гIумруялдаса ратIалъарал нилъер ракьцоял ракIалде щвезариялдалъун.

ХитIабалда аслияб бакI ккуна гьелъул гIахьалчагIазеги хъизама- зеги кумек гьабизелъун республи- каялъул хIукуматалъ тIоритIулел тадбиразул бицунаго. Гьедин Дагъи- станалъ СВОялде битIана щуазарго- ялдасаги цIикIкIун тонна гуманита- рияб кумек.

Бечедал чагIаздаса байбихьун, гьеб кумекалъулъ жиде-жидерго бутIа лъун буго рахIмуялъул гIуцIабазги, рагъухъабазе щватаби хьухьунел гIадатиял руччабазги, СВОялде урба-хьон, гьан-нах, хIан, гьоцIо битIарал росдал магIишаталъул хIалтIухъабазги, фронталде кагътал хъварал лъималазги, учительзабазгун тохтурзабазги.

 

 

«КIикIундерил завод хIалтIизе ккола!»

ЛъикIаланго тIадчIей гьабуна росдал магIишаталдаги.

«Нилъеца гIезегIан нигIматал гIезарула, амма гьел къачIалеб куц буго гIодобегIанаб даражаялда. Консерваздалъун улкаялдаго бечедаб КIикIуни росдал заводгицин чIун хутIун буго гIарцул рахъалъ къварилъи букIиналъ. Гьеб хIалтIизе ккола. Гьединлъидал республикаялъул хIукуматалда тIадкъалеб буго пихъ бакIарулеб заман тIаде щвелалде гьелъул суал тIубазе хIалтIи байбихье», — ян абуна Сергей Меликовас.

 

ХъантIарал застройщиказул хIакъалъулъ

Ракьазда хурхун тартиб чIезабизе ДРялъул Мал-мулкалъул министерствоялъе тIадкъайги кьуна гьес. Масала, муниципалиял гIуцIабигун цолъун, исана сон ахиралде щвелалде гьез ЕГРНалъул сияхIалде росизе ккола жидерго гIорхъаби.

Гьединго Сергей Меликовас Халкъияб Собраниялда тIадкъана къокъабго заманалда жаниб законопроект хIадуризе — кьучIаб хIукму букIун гурони, бакIал рачIого тезе.

МахIачхъалаялдагун Каспийскиялда къойилго гIадин ралел гIемертIалаял минабазул бицунаго, ганчIил джунглиязда релълъинару- на Меликовас гьел. Сурукъго рарал гIечIого, жеги законги хвезабун, гIадамалги махсараде ккунги ран ругин гьел. Цебеккунго гIарацги бакIарун, хасал идарабазухъа изну щвечIолъиялъ рачIого тарал минаби чанги ругелъул нилъер гьанир.

Меликовас бицана цо-цо застройщикал сихIирго хIалтIулел рукIиналъулги: «Масала, гьез абула жидеца кIванагIан кумек гьабилин СВОялъул гIахьалчагIазе, гьезул хъизамазе рукъзалгицин кьелила жидецаго рарал минабазда жанир. Амма жидее изну кьейила жидеего бокьараб бакIалда мина базе. Гьелде иш ккани, дицаго кьела гьезул жидерго хъизамазе рукъзалги цогидабги, гьел доре СВОялде анани».

Гьединго Сергей Меликовас рехсана гIадамаз жидецаго гIарацги данде рехун къачIалел жидерго минабазда цересел азбаралги. «Гьеб бакIалде рачIунгицин, щибниги базеян хIалбихьизе лъугьунел руго хъантIарал, гIорцIи гьечIел нилъер цо-цо ракьцоял», — ин бицана республикаялъул бетIерас.

 

 

Кьищниги роржанхъулел къучIбиги

Унго-унголъунги республикаялъе кIвар бугел суалал тIуразе лъугьунелъул, цо-цо мехалда гIажаибаб дандечIейги загьирлъулин бицана Меликовас. Рагьун бихьизабичIониги, гьеб халлъулеб буго расги гуреб бакIалда квекIеналги гьарун, бюрократия хIалтIизабиялдалъун. Гьерсазулги бугьтаназулги тIубараб гIомогоро гIадаб жо ургъулин гьединал суалазда сверухъ. Масала, рищникъул, хутIелал рацIцIад гьариялъе хIукуматалъ гьабулеб хIалтIи рехсана республикаялъул нухмалъулес: «Цо рахъалъ босани, кинха данде чIезе бегьулеб чанго анцI-анцI соназ гьадигIан гьайбатал нилъер мугIрулги ракьалги инжит гьарурал рощногохIал лъугIизариялда, кьищниги бухIун киса-кибго заралияб кIкIуй тIибитIунгутIизе гьабулеб хIалтIуда, роржанхъулел целлофаналъул къучIбузул респу- бликаян Дагъистаналда лъураб цIар нахъе бахъиялъе гьабулеб ишалда? Амма щолел гъурщазухъ балагьун, миллион чиясул сахлъиялда тIаде ракь хъвалел гIадамалги ратулел руго. Гьезда гьоркьор руго тIабигIат цIуниялъе цебехун жидеца бер бахилаб хIалтIи гьабичIел чагIигицин, чороклъизе Дагъистаналъул гIорал­ гун хIоралги тун, гIодориччан чIун рукIарал гIадамалгицин. Гьан- же гьезул пикру щай хисарабали бичIчIулеб жо буго. Чорокаб гIарац гьабун ругьунал чагIазда хIехьезе кIолеб гьечIо нижеца Дагъистан бацIцIад гьабулеб букIин».

Хадуб Сергей Меликовас тIаде жубана 2024 соналъул ахиралде рищни-къулгун хутIелал рацIцIад гьариялъул масъала тIубан букIине кколилан.

 

 

Нухал

Гъоркьиса МахIачхъала, Хасавюрт ва Дербент шагьарал сверун машинадул нухал рахъизе байбихьиялъ нухазда ахIвал-хIал гIодобе биччалин, гIадамазеги бигьалъи лъугьинилан абуна гьес.

Гьеб мехалда Меликовас рехсана нухда халлъулел цо-цо сурукъал рахъалги: «МахIачхъалаялдаса Дербенталде унеб мехалда нухда берчIвала гIицIго река-риххарал къадазда яги лъиениги къваригIинчIеб гIадаб къайи-цIаялда. РачIа гьенибги гIадлу гьабизе».

 

КIочон тарал унтаби

Эбел-инсул ургъел гьечIолъиялъги жагьиллъиялъги лъималазда вакцинаби гьаризе риччалел гьечIиланги бицана гьениб. Гьелъ нилъехъе тIадруссун рачIунел руго анцI-анцI соназ церего нилъеда кIочон тарал унтаби.

Меликовасул пикруялда рекъон, хадуб гьелъ квешаб асар гьабизе буго лъималазул сахлъиялъе.

 

 

Лъай кьей

ГIураб къадаралда школал разе хIажат букIиналъул бицунаго, республикаялъул нухмалъулес муниципа- литетазул бутIрузда бичIчIизе жоги бицана: «АзаргогIан цIалдохъанасе школа базе бакI хьуцIилъ кьолеб бугони, суал бижула администрациялъул нухмалъулесдехун, кьурда тIад гьелъие бакI бихьизабулеб бугони, суал баккула психиатрасдехун». Хадубго гьес кIвар буссинабуна цо иш тIадкъазе республикаял- да хасаб махщалил чагIи кодоре щунгутIиялдеги. Гьединлъидал гьел ахIизе кколел руго Кабардино-Балкариялдаса яги цогидал бакIаздаса.

 

 

Туризм

Нилъехъе рачIунел туристал гIемерлъулел ругилан бицунаго, Сергей Меликовас мисалалъе рачана ЦIадаса ХIамзатил рагIаби: «Ралъад аскIоб бугел чагIазул гIумру бечедабги берцинабги букIуна, гьезухъ гьалбалги гIемер щола. Ралъдадаса берцинал жал цохIо мугIрул гурони рукIине рес гьечIо. Нилъерин абуни гьелги руго».

 

Палата

ДРялъул ЖамгIияб Палатаги чIун хутIун бугилан абуна С. Меликовас. ГIицIго берцинлъиялъе лъурал сурахIабазда релълъун рукIине бегьуларила гьелъул вакилзаби. Ккараб бакIалда тIалъиялъе критикаги гьабизе ккола. Амма гьебги кьучIаб букIине ккола. Лъай-хъваялде, гIагарлъи-божилъиялде рачIун рищизе кколаро ЖамгIияб Палатаялде вакилзабиги.

 

Ракьа рехулел чагIи

Меликовасул рагIабазда рекъон, халкъияб информациялъул алатаздасанги соцсетаздасанги дагъистаниязда гьоркьобе ракьа рехизе хIаракат бахъулел къватIиса къуваталги руго. «Амма гьел киданиги щвеларо гьеб мурадалде».

 

 

Муниципалитетал

Сергей Меликовас рикIкIунеб буго муниципалитетазул хIалтIи цIилъизабизе кколиланги, гьел доб цебегосеб куцалда хIалтIулел ху­ тIун ругилан. Хадубго гьес тIаде жубана бакIалъул администрациязул хIалтIухъабазе харжал цIикIкIинаризе кколиланги. Гьеб мехалда хъатчIвазе лъугьана залалда гIодор чIарал.

 

P.S. ПалхIасил, гIага-шагарго гьединаб букIана Сергей Мели- ковас Халкъияб Собраниялде гьабураб хитIаб. Гьанже хьул буго гьенир рехсанщинал масъалаби нилъер депутатазги пачалихъалъул ишазул гIоркь кодосезги гIумруялде рахъинаризе ратилилан абураб.

 

Зульфия ХIАЖИЕВА