Терек басандулел расалъабазда

Маялъул байрамкъоял магIарухъ тIоритIизе ракIалде ккарал ракьцоял дореги риччан, нижеца гьабугьинан сапар гIатIиракьалде – Терек гIурул рагIалдехун бухьана.

Кьварун ракъварал, бакI-бакIалдаса (цIамхIаллъиялъ) хъахIлъи цебе рехарал мучIдуздасан, цин гвандазухъе, цинги хIарщулъе ккун, гирулеб машинаги букIана. МагIарухъе гочунел гIиязул рехъабаз нухги къан, зама-заманалдасан лъалхъизеги кколеб букIана гьеб.

 

Ахирго бихьиладай гьал нухлулин ккараб гIадаб мехалда мукъсанал хъархъал хисун, цебе рехун бачIана керчал гъутIбузулги гьанжего-гьанже тIирщун бачIараб гIурччинлъиялъулги сураталъ берцин гьабураб тIабигIат. Гьелда тIаде — кваранисан бубудилаго чвахун бачIунеб Терекги, гъотIодаса гъотIоде кIанцIон, тирхи-твархиялда маргьабалъ гIадал – азаркьерал хIанчIиги, ихдал харил тIагIам босулел чуялги, гIачи-бачалги…    

 

Гьез асир гьарурал нижер пикраби риххизаруна Терек гIурул цояб рахъ щула гьабизелъун гьенибе ракь баччулел КамАЗаз. БукIине кколеб куцалда гIурул тIину бацIцIад гьабичIолъиялъ, зама-заманалдасан ихдал заманалда гьеб къватIибе кIанцIулеб гIадатги букIуна. Хасго 2005 соналда ккун букIана гьениб кIудияб балагь. Гьелдаса хадув, 2006 соналдаса нахъе «Дагводресурсы» гIуцIиялъ Терекалдаса гIебеде бугеб ахIвал-хIалалъул тохал-хал гьабизе тарав чи вуго Унсоколо районалъул ЦIатIанихъа ХIажи. Нижин абуни рокъосанго гьесухъеги гьесул лъади Батулихъеги гьоболлъухъин рахъарал чагIи рукIана.

 

ГIицIго гьеб хIалтIуда божун чIечIого гьел кIиязго гьениб хьихьун буго боцIи-панзги, ордекалги. Гьелда цадахъго гьаби рокьулев чи вукIиналъ, ХIажил рагьтIаса камулеб гьечIоан чанго батIияб гьойги.

Гьеб бакIалде рахъиналде ХIажил хъизаналъ гIумру гьабуеб букIун буго дагьалъ добегIан бугеб Насосная абулеб бакIалда. ХIалтIун руго «Теречное» совхозалдаги.

 

ПалхIасил, гIодоса гIодобе 40 сон буго ХIажилги Батулилги гьеб гIатIиракьалда жалго жидецаго тIуран. Батулил абуни анищ букIун буго школа лъугIун хадуб медицина тIаса бищизе.

Гьадин ракIалде щвезабулеб буго гьел кIиязго жидецаго нахъа тараб гIумрудул нух.

 

ХIажи:

— 1980 соналда данделъана ниж. Ячана айги, дирго бетIер гIадал гьабизе (велъулаго. Махсаро гIемерав чи вукIиналъ Смешной ХIажиянги абула гьесда цо-цояз – ред.).

Дир эбел-эменги гIумру гьабун гьанирго (хъутаналдаго) рукIана. ЛъикIал хIалтIухъаби хIисабалда ХIурматалъул хъорщодеги росулаан гьел. Нижер росдал хъутаби руго гьанир. Эмен – Ибрагьим — колхозалъул фермаялъул заведующий вукIиналъ, гIи гочарулебщинахъе эхеве хьвадун, эхеде хьвадун вукIунаан. Хадув абуни гьанивго чIана. Дун цIализе магIарухъе витIулаанха. Дора дир кIияйго кIудияй эбелги ункъгIалги рукIана. ЦIалини кибха дица гьабулеб букIараб, гьелдасаги бищунго бокьулаан гьаби хьихьизе. Мунагьал чурад, Маккашарипилан ункъгIалалъул бетIергьанчи вукIана гIияда. Гьебги бачун росулъе вачIарав гьесда цадахъ гьабиги рукIунаан. Дунги вукIунаан гьел рагъизарулев щиб, кварида ран гьел тира-сверизарулев щиб.

Минаги къачIан, ниж (лъадигун) магIарухъ данделъана. Амма цо моцIидаса цIикIкIун заман базе кIвечIо дида. Гьанив ругьунлъиялъ батила.  

«Теречное» совхозалда бригадирлъиги гьабуна дица – боцIудаса харибакIал цIунулаан. Цо заманалъ боцIудаги вукIана гьевго бригадирлъун.

Бечедаб совхоз букIана «Теречное». МухIу ГIалиевасул вац МухIамадица гьабулаан гьелъие нухмалъиги. ЦIакъ лъикIав чи вукIана. Совхозалда хьихьулаан ордекал, гургурал. ГIи-боцIиги букIана. Цо заманалда ПатхIулаев МухIамадги вукIана гьенив нухмалъулевлъун. Гьев гьаниса нахъе индал, дунги ун вукIана гьаниса нахъе. Хадур гьенир хиса-басиял ккана — совхозги биххана, боцIиги лъугIана.

Пасатаб совхоз букIанаха, чIере, гьаб. Грузиялдаса, Осетиялдаса, Кочубеялдаса, Тарумовкаялдаса бахъараб рачIунаан гьанире харида хадур. Анкьалъги рукIунаан машинаби цIезе иргаби щоларого. ЦIакъ тIагIамаб, гьарзаяб хер бижула гьаниб.

Гьанже ГУП гьабун буго гьеб совхозалъул.

2006 соналдаса нахъе дун вуго гьанив Терекалда «Дагводресурсы» гIуцIиялъул хIалтIухъанлъун. Кутакалда лъикIав нухмалъулев вукIана гьенив доб мехалда ГIали абун — тумав. ЦIияб расаги (лодка) кьун, хIалтIуда лъуна гьес дун (осмотрщиклъун).

БатIи-батIиял лъугьа-бахъиналги ккана гьенив хIалтIулаго. ЛъагIалица тIагIарав чиясул жаназа батана цо нухалъ. ГIурул рагIалда ракьулъ вукъун вукIун, хадуб лъеца чурун гьеб бакIгун, къватIиве рехун вачIун ватилаха.

— Нугъаязул ракьалдаса гIебеде гIисинал лъарал ракъван лъугIанилан бицен буго. Гьединлъидал гьанибги лъим дагьлъун батила.

— У, гьанирги гIемерисел заливал ракъван лъугIана. ГIадамаз харибакIал гьаруна гъора, рухIун къамишалгун, лъимги бакъвазабун. Амма аслияб чугIа гьениб букIунаан. Бокьараб сорталъул ччугIа букIунаан. Гьанже Терекалдагицин дагьлъун буго гьеб. Гьанже гьал элекроудочкаби раккаралдасаги тIубанго балагь рещтIана гьелда.  

 

Батули:

— ХIажил хъизанги нижги магIарухъ мадугьалзаби рукIана. I980 соналъул декабралда данделъана ниж. Цо нухалда вакьадас абуна цодагьаб мехалъ эхере щайдила рачIунарел ЦIияб сонги гьабизе, гIи къунцIулел чагIазе кумекалъе рукIине. Рилълъана.

Гъоб моцIги ана, хадур соналги ана. Гьале гьелдаса нахъе ниж гьанир ругоха. Дир эмен районалда (Унсоколо) пекарнялъул директорлъун вукIана. Нижер яцал-вацалги цIаларал руго — тохтурзаби, учительница, росдал магIишаталъул институт ва цогидаб лъугIарал. Гьединлъидал дирги анищ букIана медалде (училищеялде яги институталде) цIализе лъугьине. Вакьадасулги кIудияб дандечIей букIинчIо гьелда, гьение лъугьине дие квербакъизе тIадегицин босун букIана гьес. Гьедин экзаменал кьезе заманги тIаде щвана. Гьеб мехалда вакьадас абуна (цIодорлъи бихьуларищха кIудиял чагIазул!) гьалейила нужеего боцIиги, гьалейила гIиги — ричун гьелгун айила МахIачхъалаялде, жидеда гьел хьихьизе кIоларила. Амма рос чIана мун цIалун яхъинегIан, бичун бугеб-гьечIеб боцIигун, гIодов вукIун чIезе жиндихъа бажаруларилан.

Гьале гъагъаб соналдаса нахъе гIумру хъутаналда ана.

 

— Батули, ХIажини Терекалдаса гIебеде вукIунев ватила. Дур хIалтIул къо кинха байбихьулеб?

— Дун яхъуна радал сагIат анлъгоялдаго. Щибаб къоялъ 10-15 гIака бечIчIизе ккола радалги къасиги. Гьелъие хасаб аппарат босаниги, гIемерисеб мехалда дицаго речIчIула гьел.

Бищун кIудияб масъала буго бахъараб хIан-нах бичиялъул. Гьанжени цо гIадан ячIуна гьание гьеб босизе. Амма базаралдеги ун бичизейин лъугьани, нуж киса щалилан, цIех-рех гьабизе ритIун рачIуна базарчагIаз цо хасал гIадамал. Цере нижеда кIалъалев чи вукIунароан. Бичун нижерго къайигун, гьаругьинан щолаан рокъоре.

 

— Нужееялдаса цIикIкIун хайир нужехъа босун гьеб бичулел чагIазе щолинги абулаха.

— БитIараб буго. КIалккун моцIалдаса нахъе дица хIанил кило 180 гъурщиде бичулеб буго. Бищун учузал конфеталгицин гьелде рукIунел ратиларо гьанже. Базаралда абуни доз хIан 350-400 гъурщиде бичулеб буго. Щолеб гьечIебищха гьезие нижееялдасаги гIемер гIарац?

ХIукуматалъ гIуцIулебани гьеб рахъалъ хIалтIи – рачIун фермераз жидерго продукция бичизе щвезабулеб хасаб бакI рагьани – нижее бигьалъилаанха, хIалтIизе ракIги балаан.

Васасе минаби ралеб мехалда бичун, боцIи дагьлъун букIана нижер. Цинги гьел лъугьана цIидасан гьеб босизеян. БоцIи босулел чагIазе щуго млн гъурущ биччалеб бугилан харбал рукIана. Амма нижеда тIад ккана гьеб. Нужер киналалиго налогал рачIун ругин гьаниреян абун, гьел къазе 120 азарго гъурущ кьуна. Лъаларо, ниж махсародейищ ккурал, яги унголъунги гьединищ гьеб букIарабали.

Гьединго колхоз-совхозалда хIалтIулаго гIумру аниги, пенсия бахъизе араб мехалда дие бахъараб жо буго 8 500 гъурущ. Лъимер гьабун анкь байдал, больницаялдаса къватIие йиччарайго хурие унаан хIалтIизе. Рос рокъов гьечIеб мехалда, аскIов тезе чи гьечIолъиялъ ахиралда гьаюрай яс боцIуде цадахъ ячунаан дица. Бусби сверизе араб заманалда гIодой лъун тарай гьей киб бакIалда йигеяли лъаларого тирулей хутIулаан дун. Гьедин гьабуна магIишат, захIматго.

Лъималги рукъалде руссинаруна нижеца — лъабго васги кIиго ясги. Хасавюрталда руго гьел, бищун гьитIинав вас хутIизегIан.

ГьабсагIаталда нижго руго «Дагводресурсы» гIуцIиялъул минаялъур. Гьеб къачIазе яги тIаде бакI базеги гьукъараб буго. Гьадал гIачиязе бокьалгицин щай раралин гьикъизе рачIун рукIана гьезул хIалтIухъаби.

Гьаб нижеца пайда босулеб ракьалъухъ налогги кьола нижеца.

Амма бокьа-бокьараб бакIалдаса вачIарав чиясухъе кьоларо гьаниб ракь. Я бичизе, я босизе лъилниги ихтияр гьечIо. Гьеб буго хIукуматалъ щиб кканиги запасалда (резервалда) тараб бакI. ГIицIго лъагIа-лъагIалие къотIиги хъван, гIи кваназе биччала гьанибе. Гьединго рециги буго гьаниб, рекьи гьечIо. Цебе жеги беричго бижулаан гьаниб хер. 2005 соналда Терекги къватIибе кIанцIун, ракьалги гъанкъана. Ергъен абулеб херги бижана.