«МугIрул росаби церетIезаризе гIарцуда барахщуге»

Кавказалъул регионазде ц1икIкIун кIвар кьезе гьесизаруна инвесторал

 

3-4 маялда МинВоды шагьаралда тIобитIана «Кавказалъул инвестициялъулаб выставка» абураб кIудияб тадбир. СКФОялъул регионал экономикияб рахъалъ церетIеялъул мурадалда ахIараб гьеб тадбиралъ данде гьавуна 3000-ялдасаги цIикIкIун чи. Гьезда гьоркьор рукIана республикаялъул нухмалъулел, хIакимзаби, бизнесменалгун инвесторал, пачалихъиял хIаракатчагIи. ХIасил-калам, кIудияб чIаголъи букIана МинВодыялъул дармилаб централда жаниб кIиябго къоялъ. Выстакваялде вачIана РФялъул хIукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустинги. Гьединго Москваялъул ХъахIаб Рокъоса г1езег1анго хIакимзабиги.

 

«Хьитал гьарулезул шагьар», МахIачхъалаялъул дармил порталъул цIиял сапарал ва Мишустиница Расулил кучIдул лъазаризе бугеб къасд

 

Дагъистаналдасаги цIакъ кIудияб делегациялъ гIахьаллъи гьабуна гьеб тадбиралда. Республикаялъул бет1ер Сергей Меликовасул ва х1укуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасул бетIерлъиялда гъоркь вице-премьеразул ва министрзабазул саламатаб къокъа букIана гьенибе ун. Гьединго гьеб вывставкаялда гIахьаллъи гьабурал республикабазда гьоркьоб бищун лъикIаб стенд Дагъистаналъул букIанин хъвана гIемерисел информалатаз. ХIакъикъаталдаги цIакъ лъикI хIадурун ругоан нилъер республикаялъул вакилзаби гьеб тадбиралде. КIиябго къоялда жаниб гьел дандчIвана рикIкIен гIемерал инвесторалгун. «Газпром-Медиа» ва гьелъулго гIадаб даражаялъул анцI-анцI машгьурал бизнес-корпорациялъул вакилзабазулгун хъвана къотIи-къаял.

 

Выставка рагьараб тIоцебесеб къоялъго Дагъистаналъул стендалде аскIове вачIарав РФялъул премьер Михаил Мишустиница кIудияб къимат кьуна гьелъие. Сергей Меликовас улкаялъул хIукуматалъул нухмалъулесе бицана Дагъистаналъ гьеб тадбиралде бачIун бугин 30 батIияб проектин абун. Мисалалъе босани, республика экономикияб рахъалъ цебетIеялъул мурадалда хIадур гьабураб экономикияб моделалъулгун лъай-хъвай гьабуна РФялъул премьер-министрас гьеб выставкаялда. Гьезда гьоркьоб хасаб бакI ккола «Город обувщиков» абураб кIудияб проекталъги.

 

Дагъистаналда гьабураб хьит гьанже дунялалдаго лъала. Хасго Европаялъ санкциязул гизма лъазабуралдаса хадуб цIакъго машгьурлъанин гьел дунялалдаян бицана «ХIакъикъаталъе» ДОФ (Дагестанская Обувная Фабрика) абураб кIудияб предприятиялъул нухмалъулев Фейсал ГIалишаевас. Республикаялдаго бищун кIудияб хьитал гьарулеб фабрика буго гьесул, 300 чи жанив хIалтIулеб.

 

— МахIачхъалаялда гьабсагIаталда буго 4 предприятие нижеца гIадин рагъулаб ретIел-хьит гьабулеб. Заказал хехго кьезе ккола, гьединлъидал ниж хIалтIула полуфабрикатал риччалел гIуцIабигун. Гьел хехго гьарун лъугIула. Жакъа киса-кибго гьукъа-къаял, санкциял рукIиналда бан, ретIел-хьит цIикIкIараб къадаралда хIажалъулеб буго. Цебе нижер конкурентал рукIана Китаялда. Гьанжейин абуни, гьенисаги цебе гIадин гьарзаго бачIунеб гьечIо къайи-къоно. Гьединлъидал, коронавирусалъул пандемиялъул заманалдаса нахъего нилъер промышленность цебетIун унеб буго. РетIел-хьиталъул цIех-рех 50 проценталъ цIикIкIана. Дунялалда бугеб ахIвал-хIалги роцIун, гIурхъаби рагьараб мехалъ, рес буго нилъер промышленносталъул иш 90-абилел соназ гIадаб ахIвал-хIалалде ккезеги, ай конкурентал цIикIкIинеги.

 

Жакъа букIараб дандчIваялдаса хадуб дида бичIчIана Северияб Кавказ цебетIолеб букIин. БитIун бицани, дида цебеккун, мисалалъе, нилъер республикаялдехунги, жибго Кавказалдехунги хIукуматалъул гьадинаб бербалагьи бихьун букIинчIо. Сон бихьаралдаса хадуб кутакалда ракI бохана.

 

Дун гьениве ун вукIана инвестициял тIалаб гьаризе мурадалда гурев, дунго инвестор хIисабалда. Фабрика цебетIезабизелъун, дицаго лъуна гьениб инвестициязул кIудияб къадар ва гьелдасаги пашманлъичIо. РукIана батIи-батIиял пикраби, кибедай гIарац биччан лъикIилан абун. Бищунго лъикIаблъун дида бихьана гIагараб Дагъистаналда фабрикаги рагьун, гьенибе гIарац биччазе. Узухъда, щивав инвесторасул гьелъие байбихьи лъолаго васвасал рукIуна, кьеладай гьелъ хайир ялъуни хIурудахъ гIарацги ун, бакъалдадай хутIилевин абурал. Амма дун мекъи ккечIо ва дицаго тIамураб галиялдаса пашманго хутIичIо. Жакъа дир фабрикаялда хIалтIулев вуго 300-гIан хIалтIухъан. Республикаялдаго бищун кIудияб фабрика буго жакъа нижер. Амма гьелдалъун гIей гьабичIого дида ракIалда буго гьеб дагьабги бечед гьабизе ва къватIибе биччалеб къайи-цIа цIикIкIинабизе, — ян бицана Фейсал ГIалишаевас.

 

Амма цохIо инвестициязул рахъалъ хIадур гьарурал проектаздалъун гуребги, маданияб бутIаялъул рахъалъги бечедаб букIана Дагъистаналъул стенд. Расул ХIамзатовасул нусго сонилаб юбилеялда хурхун, кIудияб программа хIадур букIана выставкалде. Гьелъги кIудияб асар гьабуна улкаялъул хIукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустиние. Сергей Меликовасулгун букIараб дандчIваялда гьес абуна кIудияв шагIирасул асарал ракIалдаса лъазаризе ният кканин жиндирилан.

 

Выставкаялда чанги Дагъистаналъе пайда бугеб ишазул бицен гьабуна. Мисалалъе босани, МахIачхъалаялъул дармил порталъул рес бугин хур беэн гьабулел удобрениял ва гьединго цIул-цIа къватIисел пачалихъазде баччизеян бицана С. Меликовас.

 

Гьеб мурадалда кIалъа-ралъаял гьарун руго Иран, Азербайжан, ГIиракъ ва цогидалги бакъбаккул рахъалда ругел пачалихъазулгун.

 

Росабазул гIузраби цоги нухалъ рагIизаруна Москваялда

 

Ункъабилеб маялда, ай выставкаялъул кIиабилеб къоялъ, тIобитIараб «СКФОялъул экономикаялде цIиял инвестициял» абураб пленарияб дискуссиялда спикерлъун вукIана ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов.

 

МугIрул росаби цIикIкIун инвестицияздалъун хьезаруни, нуж пашманлъиларин абураб пикру рагIизабуна гьес выставкаялъул вакилзабазда.

 

— Кавказалъул мугIрузул регионазул хаслъи ккола гьел тIабигIияб рахъалъ бечедаллъунги берциналлъунги рукIин. РоцIцIараб гьаваги, цIорорал иццалги, гIалам хIайран гьабулеб бечедаб мацIги, маданиятги тарихги – гьеб кинабго буго жакъа доба. Гьединлъидал гьезие чара гьечIого хIажат буго экономикияб рахъалъул цебетIей.

 

СКФОялъул регионазда ралъдал гьумералдаса 500 метралъул борхалъиялда буго 1700 гIанасеб росу-ракь. Дагъистаналда гIумру гьабун ругезул абуни халкъалъул лъабил бутIаялъ гIумру гьабун буго магIарухъ. Гьединлъидал инвестициял къабул гьариялъул рахъалъ гьезул ресал цIикIкIарал руго. Гьезул рукIа-рахъиналъул суалал тIуразеги, тарихгун маданият цIунизеги гьенибе биччараб гIарцул пайда цIикIкIун букIина, — ян абуна ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас.

 

Кавкзалъул инвестициязулаб выставкаялда гьединго гIатIидго бицана СКФОялъул регионазда туризм цебетIезабизе букIиналъулги. Хас гьабун Дагъистаналда гьеб рахъалде кьолеб кIваралъул бицана МинВодыялда букIараб тадбиралда.

 

Сергей Меликовас РФялъул хIукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустинилгун букIараб дандчIваялда абуна исана ракIалда бугин кIиго миллион турист къабул гьавизейилан абун. Гьезие санагIатал шартIал чIезаризе тадбир гьабулеб, гьалбадерил рукъзал ралел ва гьеб гуребги гIемерал хIалтIаби гьарулел ругинги бицана Дагъистаналъул нухмалъулес.

 

Выставкаялъул хIасилал гьарулаго РФялъул Экономкияб цебетIеялъул рахъалъ министерствоялъул нухмалъулев Максим Решетниковас абуна СКФОялъул регионал, соналдаса соналде инвесторазда лъикIаб бералдалъун рихьулеб даражаялде рачIунел ругин абун.

 

ХIурматиял гьалбал хIисабалда нилъер республикаялдаса машгьурал спортсменал ГIабдулрашид Садулаевги Ислам МахIачевги ахIун рукIана выставкаялде.

 

Сурат босана гьаниса: dagpravda.ru