15-16 январалда Москваялда, ВДНХялда, тӀобитӀана «ГьитӀинаб ватӀан – Россиялъул къуват» абураб ТӀолгороссиялъул форум. Гьелда гӀахьаллъана тӀолабго улкаялъул росабазул бегавулзабиги районазул ва шагьаразул бутӀрулги. Рузман къоялда редакциялде гьоболлъухъ рачӀун рукӀана рехсараб форумалъул гӀахьалчагӀи – БежтӀа участокалъул бетӀер Шамил Арадахов ва БежтӀа росдал бегавул МухӀамад МухӀамадов. Форумалда гӀуцӀун рукӀарал тадбиразулги участокалда гьабулеб хIалтIулги хӀакъалъулъ гьезулгун гара-чIвари гьабуна...
