Ругънада чIорто бухьун, чIахIил чурпа кванарал…

 (ГIидалъул къо тIаде гIунтIулаго, умумулги ракIалде щун, рекIелъе лъугьарал пикраби)

 

Ассаламу гIалайкум, хIурматиял «ХIакъикъат» газеталъул гьудулзаби. Бихьиналги руччабиги. ГIисиналги хералги. ГIатIиракьалда ругелги, магIарухъ яшав гIуцIулелги. РакI-ракIалъулаб салам буго нужеде редакциялъул рахъалдаса. Гьалеха ахиралде щолеб буго исанасебги рамазан моцI. Бицун бажаруларебгIан гIемер баракатги, рахIматги, рохелги, лъикIлъиги, гьарзалъиги, берцинлъиги жаниб бугеб исламалъул анцIабилеб моцIалъ къо-лъикI гьабулеб буго нилъергун. Нилъ киналго ралагьун чIун рукIуна аб тIаде щвеялъухъ. Рохунги рукIуна. КIалалги ккола. Радакьги рахъуна, ракъи-къечалъухъ балагьичIого, нилъерго ругьунабго пишаялде руссунги рукIуна. МаркIачIудехун тIагIамаб квен-тIех хIадурулел, цоцазухъе гьоболлъухъе хьвадулел, рохелги ракIгъейги гIахьал гьабулел рукIуна тIубараб моцIалъ. СухIурги, ифтарги, таравихIазул какалги, «кIалбиччазе къаси нижехъе ракке» абун цоцазухъе ритIулел ругьалабиги. МаркIачIул гIужалдехун шагьаралъул бищун гIемерал гIадамал рукIунеб гIадаб, машинаби гIемераб мухъалда чамасдакги лъимги бикьулел гIисинал гIолохъаби, маркIачIул как ахIулев будунасул гьаркьиде машгъуллъун сасараб шагьар, сверухълъи. РакIалги гIажиз гьарун, какие жаваб гьабулел нилъги. МагIарухъги гьебго сурат… Богорокъосан бежулеб, белъунеб кванил тIагIамаб махI. Бицун бажарулареб, кагътиде бикьун бахъунареб хIалкIояб асар. Сундухъ кьелеб гьеб кинабго? Гьединаб сагьвиллъиялъ асир гьарун, ракIги гъун, чурхдулги ракIалги рацIцIад гьаризе хIаракат бахъулел, гIибадаталде руссун ругел нилъги хадур ралагьун тун уна рамазан. Хадур ралагьун нилъги хутIула, букIараб ракIгъураб моцIилан бутIрулги кIирикIун, цо щибалиго къиматаб, хирияб хазина кодоса араб гIадин пашманго. Гьединабго асар батула гьабсагIат нужер щивасулги рекIелъ.

Хъухъанчадалги, натIухIги, найил гьоцIоги

Ахиралде щолеб бугеб рамазан моцIалъе нухги регIулаго, нижеда ракIалде ккана жакъасеб номералда ракIалде щвезабизе кинаб букIараб нилъер умумузул заманалда кIалбиччанкъояли абун? Щиб гьел гъаримаз хIадурулеб букIараб хирияб къоялде? Ракъул заманалъул квачIакълъиги, рагъул кьогIлъиги, чанги захIмат-гIакъуба къулчIизе ккарал гьезул щиб букIараб, аслияб къагIидаялъ, кIалбиччанкъоялъул столалда тIад лъезе?

ГьабсагIат, хириял руччаби, нуж ратила сардал рорчIун, макьу тун, пирогал режулел, натIухI къа — лел, тортазе заказал кьолел. Абухъего «цIадабе бегьаниги квер бухIуларебин» абулел къоялги тIаде гIун тIун, жигаралда.

Гьедин хIадур гьабула руччабаз кIалбиччанкъоялде тIагIам, цогидазул бугеб дирги букIине ккелин абураб пикруялъ толарого къачIала столал. АнцIго батIияб гьуинлъи, конфет-чакар, тортал, анцIго батIияб пихъ. Камураб жо букIунаро гьениб.

Амма… Амма, гьудулзаби, гIемери себ мехалъ лъицаниги кверги бегьичIого гьединго хутIула гьадаб къоги бихьун, макьуги тун хIадур гьабураб нигIмат.

Нусгоялда гьоркьоса анцIгоясцин хIалбихьуларо гьуинлъиялъул. Тортги хутIула къотIухъе, пирогалдеги лъицаниги бертIамуларо. Сваризеги сварун, къвакIун, тIагIамги хун ахиралде боцIуе кьезе кканин цоцазде гIарзахъдулел рагIула руччаби.

Гьанже рачIаха раккизин цебе заманалде. Кинаб букIараб, мисалалъе, гьалдаса нусго яги 70-80 соналъ цебе нилъер умумузул кIалбиччанкъо?

ЧIахIиял чагIаз гIемер бицун а гьелъул. Гьарзалъи гьечIеб за — ман букIаниги, доб мехалъ кIалбиччанкъоялде букIараб тIа гIама лъул берцинлъиги баракатги цIи кIкIараб букIанин абула гьез.

Хиси гьечIого кидаго умумузул хирияб къоялде хIадурулеб нигIмат букIана натIухI. Гьеб камураб бакI кибниги батизе гьечIо нужеда. Хасго гьанже бекьизе гьукъун букIиналъ хIалтIизабулеб гьечIеб габаниги гъорлъ жубан гьабураб натIухIалда букIараб батIияб тIагIам. Кида гьеб кIочон телеб?

— Доб мехалъ халкъ мискинго букIана. Гьарзалъи букIинчIо гьанже гIадин. Амма кинабго кунеб тIагIам букIана татуяб, бацIцIадаб. ЧIахI гIемер хIалтIизабулаан цебе. Гьелъулъги букIана къуват. ТIадехун абухъе, гьуинлъи, конфет-чакар щвезе бигьаго букIинчIо доб мехалъ. Чакарги къанагIат гурони щолароан. Гьединлъидал аслияб къагIидаялъ кIалбиччанкъоялъ столалда тIад букIунаан натIухI, бахъухъ, гьоцIо, хъухъанчадал, урба, пурщаби, — гьедин бицунеб буго цIикIкIарал чагIаз.

 

РукIана умумул, букIана заман…

«Доб соналъ кIалбиччанкъо битIун завалаб риидалил гIужалде дандеккун букIана. Хьиндаллъиялъул ахакь тIадбан барщун букIана багIли.

Радалго рахъун росу сверизе БуцIраса ИсхIакъил МухIамад цояб рахъалдехун Къарахъа ГIабдуллагьги ЧIикIаса ХIамзат-ХIажиявги цогидаб рахъалдехун ана. Рокъор хутIарал ЧIанкIаги ГIашилтIаса Къур бангIалиги тIаде рачIарал чагIазда дандчIвай гьабизе хIадурел ру кIана. Азбаралъуб бакараб цIадуда тIад лъураб къанда тIад бежулеб букIана цIияб гьан. Киданиги гьал кIочон толарев Колоса Зайнудиница сон вацасул вас витIун вачIана кьагIрил гьанги кIудияб хIанил чедги гьазие босун. ХIарччинир жанир сокIкIун рукIана мутагIилзабаз гIухьбузул къагIидаялъ гьарурал хинкIал. ТIаде бан букIана белъараб рассукI».

Гьадин цебечIезабулеб буго гьалдаса 130 соналъ цебе гIадин магIарухъ букIараб кIалбиччанкъоялъул сурат ГIумархIажи Шахтамано вас. БакьагьечIиса Тажудинил (ЧIанкIа) ва ХъахIабросулъа МахIмудил хIакъалъулъ гьес хъвараб «Му гIалимги мутагIилги» абураб тIехьалда.

Ток гьечIеб, цIумур кьабулеб сагIат рокъоб гьечIел соналги рукIана нилъер умумузул. Доб мехалъ, как ахIилалде гIадамал тIаде рахъинаризе батIи-батIиял ресал ургъулел рукIун руго гIадамаз. Гьединаб цо мисалалъул бицунаан эбелалъ дие.

Гьан тIамулел тIаде рахъа,

ТIех буцулел дагьалъги чIа,

ЧIагIа бугес дунги ахIе,

Гьо-гьо-гьо. Гьа-гьа-гьа. Гьегье-гье!

— янги ахIулаго, бухулаго резил тIарсгун росу сверизе унаанин мунагьал чураяв жиндир эмен Ахкул МухIамадилан бицунаанин жиндие кIодоэбелалъ. БукIун бугеб цIакъаб заман, хIисаб гьабураб

мехалъ.

ГIадамал доб мехалъ рукIана ракIал гIатIидал. ЛъикIаб, тIагIамаб квен гьабидал, «гIайиб гурищ, цо гьоболги гьечIого нилъецаго квине кколеб гьаб, баркаманин» рукъалъул бетIергьанас абулеб. ХIамагIанасеб куй хъведал, гьелъул бутIа мадугьалзабазе щвезабичIого ракI гIодобе биччаларел, ролъул гурга бежидал гьеб бащдаб бекун, рукъ цурав мадугьаласе бащад гьабулел, цоцада тIаде-гъоркье хьвадулел, гъасде ракIарулел, ракIалда бугеб жо цоцада бицунел, къварилъиги гIатIилъиги гIахьал гьабулел – унго-унгоял умумул рукIана нилъер.

Гьединал ракI сахаватал, квер цIалтIарал, буголъиялда барахщуларел гьел рукIиналъ рокъоб баракатги, кванда батIияб, хасаб тIагIамги букIана. КIалбиччанкъоги дозул берцинаб букIана. Кинабго буго жакъа бичун босизе щолеб. Джипазда, Лексусаздаги рекIун, бер къанщилалде гIадин магIарухъеги щола. Хирияб къо кIодо гьабизе росулъеги ракIарула.

Умумузул хабадеги рахуна, дугIа-алхIамги цIалун, гьезул рухIазеги кьола. Амма, гьудулзаби, кинабго гьарзаго бугеб заманалда цо жо гIолеб гьечIо жакъа нилъее. Щиб гьебали нужго ургъун рихье, дица гьаниб ургъунго хъвачIого толеб бугин. Щивас жиндиего кье гьеб суал ва жаваб кьезеги хIалакунге. ХIамзатил Расулица абухъе:

КIочон тоге магIарухъ,

Магьал раччарал гIарщал,

ГIамал кIодолъаразда

КIичI-кIичIун рехе цере.

Кинабго цадахъ босе,

Кинабго кIочон тоге.

Умумузул хабада,

Хурдузул сас кIочонге.

 

Баркула тIолалго магIарулазда тIаде щолеб бугеб гIидалъул байрам — КIалбиччанкъо. Аллагьас нужер ккурал кIалалги, рахъарал сахIалги, таравихI какалги, гьабураб лъикIаб гIамалги азариде бахинабеги. ТIадеялъул бачIунеб къоги гьадин рохалида, гьоркьоса чи камичIого, дандчIвалеб батаги. Амин. Рохун таги киналго БетIергьанас!