ЦерегIан соназда инсанасул магIишатияб рахъ цебетIеялъулъ хIама букIана кIудияб кIваралъул хIайван. СогIаб тIабигIаталъул, къваридал сухъмахъазул, кинабго жо мугъалъ баччун магIишат гьабизе кколел мугIрузул росабалъ инсанасе тIоцебе кумекалъе батулеб хIайван букIана хIама. СиратIалъул кьо гIадал мугIрузул сухъмахъазда хIамица баччулаан чоца босулелдаса кIиго нухалъ цIикIкIараб бакIлъи. ХIамида рекIун унаан магIардеги гIурухъеги. Диниял гIадатазда «цIадал хIама» букIана ракъдалал...










