Новость на родном

МагIарул росабазул хIакъалъулъ

«Росугун дагIбадани, чиякълъула…» Гьединаб буго магIарул кици. Щивасул гIумрудулъ гIагараб росдаца ккола кIудияб бакI. ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ байбихьулеб буго, магIарул росабазул хIакъалъулъ гIатIидал баянал кьун, гьезул гIумруялъул хIакъалъулъ хъвазе. Гьединлъидал газета цIалулездехун нижер гьари буго нужерго росдал тарих баян гьабун, гьелъул ва росулъа рахъарал машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ хъван нижехъе макъалаби, суратал ритIеян. Амма хIажат буго...

Новость на родном

Бесдаллъарал ганчӀазул магӀу

Нужеда бихьанищ рек-рекарал ганчӀазул бадибчӀвайги бесдаллъарал кулабазул магӀуги? Дида бихьана… Дир лъимерлъи ана Асатхва колода. Гьениб минаялъул гьитӀинабго гордуда бигъулаан оцол чохьол жанисеб хъал. БукӀинчӀо ток, букӀинчӀо нартил чирахъцин. Машинадул нух гьечӀел мугӀрузул районазул росабалъе бачӀунароан нарт. ГанчӀил «гъадринибе» толаан нах ва гьениб рекъезабулаан квасул кьурараб кун. Гьелда рекӀинабураб цӀаялъ кьолаан мукъсанабго канлъи. БукӀинчӀо печь....

Новость на родном

ЦIвабзазул мацI лъала гьезул щивасда…

Рорхатал мугIрузда руго гIадамал, Жидерго гIадатаб чIаголъиялда… Институтал цIалун рахъинчIониги, ЦIвабзазул мацI лъала гьезул щивасда… Расул ХIамзатов   Халкъияб кIалзул гьунаралъул гIакъил­лъия­лъухъе чан нухалда нилъ тIадруссунел. Хасго ки­цаби-абиязухъе. Чанго нухалда кодобе босула, масала, дица Зайирбег ГIалихановас данде гьабураб авар халкъалъул кицаби-абиязул тIехь. Гьелъул щибалъулги батула жиндирго тарихги. Жакъаги руго магIарухъ жидер кIалзул пасихIлъиялъ нилъ пана...

Новость на родном

Ихдал тIураб гIетI — хасало щвараб бачIин

Бокьараб экономикаялъул кьучIлъун кколеб ВРПялъул (валовияб регионалияб продукт, лъагIалида жаниб гьабураб ва къачIараб кинабго продукциялъул, гIезарурал нигIматазул, бараб мина-къайиялъул, тIурарал хъулухъазул гIаммаб багьа) къадар 2025 соналда нилъер республикаялда бахана 1,3 триллион гъурщиде. Гьеб буго хIакъикъаталдаги кIудияб тарих, исана гьеб гIодобе ккеялъе гIилла­биги киналгIаги гьечIин ккола.   Гьелъул 20-гIанасеб процент ккола росдал магIишаталъ (гьелдаса цере руго...

Новость на родном

Халкъияб кIалзул гьунараздаса асарал

Расандизе рикIкIунел Маргьа, маргьа цикIулди, Царал гIундул кIичIулди, Киго ГIали вагъулди, ГIалил лъимал гъулгъуди, ГъологIучIал квалквади, Кив вукIарав, кIалберцин? ** Гьадаб балагьуда тIегь буго, ТIогиб маххул хеч буго, Ахада гьабал руго, Гьабахъ гIадамал руго, ГIадамахъ кини буго, Кини цIун багIар буго, БагIар гIуруца ана, ГIурул кету лъабчIвана, Лъарал кету ункъчIвана, Ункъо букIараб чогьен ЧехатIаде рехана....

Новость на родном

Тухумалъул махщалие ритIухъал ЧIегIеровал

Абула мажгиталъул къадалъ лъураб цо гамачI хIеж борхиялда бащалъулин. Гьедин бугониги, нухазе хIадурараб гамачI мажгиталъе хIалтIизабизе бегьуларо. Инсанас гьарулел киналго хIалтIабазда гьоркьосан нухал гьариги кьоял райги рикIкIуна бищунго цIикIкIун кири щолеллъун. Бицине бокьун буго гьединаб камилаб лъалкI ракьалда толеб, тухумалъе квербакъарав, Шамил районалъул ГIурада росулъа ЧIегIеразул ХIажил ва гьесул нухдасан арал хъизамалъул гIагарлъиялъул хIакъалъулъ. Гьанибго...

Новость на родном

«ГIумруялъул дарсал» магIарулазе аманат гьабурав гIакъиласул вас

Нахъеги — гIагараб районалде, хунздерил тIалъиялде. Нахъеги — ЦIада росулъе. ГIакъил ЦIадаса ХIамзатил минаялъухъе гьоболлъухъ. Гьаб нухалда — гьесул гьитIинав вас ХIажиясул нусгосонилаб юбилеялде. Гьале доб мина. МагIарулазе ХIамзатги кьураб, дунялалъул адабияталъе Расулги кьураб, Дагъистаналъеги Северияб Кавказалъеги тIоцевесев академикги кьураб хIикматаб мина. Гьаб минаялъуб бижанщинаб гIакъиллъи! Гьаниса боржанщинаб машгьурлъи! Гьале гьаб минаялъ цIар рагIизабуна Дагъистаналъул....

Новость на родном

«Би бакъваларо, налъи холаро»

Бидул къисас ккола умумуз наслабаз наслабахъе кьолеб букIараб некIсияб гIадат. Гьеб баккиялъе гIиллаги букIана хасаб пачалихъ, хIукумат гьечIолъи яги законал хIалтIуларого рукIин. Тухумазулаб къавмазул заманалда гIадатал хIалтIулаан, жакъа законал гIадин. Гьелъ квербакъулаан жалго тухумал цIуниялъе, яхI-намусги, къадруги, низамги гIадлуялда чIезабиялъе. Советияб улкаялъул тIоцересел соназдаги жамгIияб гIумруялда жаниб бидул къисасалъ саламатаб бакI кколаан. Дагъистаналъул цо-цо бакIазда...

Новость на родном

Дагъистан, дур чилъи чотIайин гIураб

Гъогъолъа Даитбег-дибирасул, Къарахъа МухIамадтIагьирил ва чуязул хIакъалъулъ   Дирги букIана чу цIадул кьер бугеб, Кьолокь басандулеб, дир мацI бичIчIулеб. ХIихIиди гIарцулаб, гIамал чалухаб, ГIодоб хIетI хъвалареб, гIамал парччахIаб. Хасаб асар буго дир чуяздехун, Гьезул малакь гIуна дирни лебаллъи.   ГIумархIажи Шахтамановасул гьал рагIабаз гIемераб жо цебетIамизабула. ХIакъикъаталдаги чодул малакь куцана, гьелъул мугъалда лъадарана нилъер умумузул...

Новость на родном

Хуриса цIун бачIаги!

Исана Оц баялъул байрам гIуцIана БежтIа росдал советалъул хIаракаталдалъун. Администрациялъе хIалае рахъана муниципалитеталъул маданиял идарабазулги, Россиялъул БахIарчи ГIабдухаликъ Къурбановасул цIаралда бугеб БежтIа росдал гьоркьохъеб школалъулги, Искусствоялъул школалъулги ва цогидал идарабазулги хIалтIухъаби. БежтIадерил мацIалда байрамалда абула «БолIоос»: болIо — ракь беги, ос — оц. Байрамалъул гIахьалчагIи цудунго ракIарана росдал КIудияб кьода. Миллияб парталги ретIун чIахIиялги гIисиналги...