Иххица хвезабуна анцIгоялдасаги цIикIкIун мина-рукъ, школа, гIадамазул рагIи-хер 7 апрелалда «ХIакъикъаталъул» хIалтIухъабаз сапар бухьана чвахунцIадалъ зарал гьабурал росабазул цояблъун кколеб, Хасавюрт районалда бугеб ЦIияб ЦIиликье. Апрелалъул тIоцересел къояз республикаялде рарал гьалагал цIадаз гIадамазе ккараб къварилъиялъул киса-кибего рагIана. ГIемерав чиясул мина-рукъ лъелъе ккун гъанкъана. ГIумруялъ данде гьабун букIараб магIишат минатахъ щущазабуна. Гьеб рахъалъ бищунго цIикIкIун кьаби...










