Мурад — халкъалъул гIумру лъикIлъизаби

Щибаб санайил, лъагIел ахиралде щолеб заманалда, нижеца хIаракат бахъула районазул нухмалъулелгун дандчIвазе, гара-чIвариял гьаризе. Аслияб мурадги — лъагIалида жанир гьарурал лъикIал ишазул, гьаричIого хутIаразул бицин.

Гьаб нухалда ниж дандчIвана ГIахьвахъ районалъул нухмалъулев МухIамад МуртазагIалиевгун.

— МухIамад, ГIахьвахъ район ккола ракьалъул гIатIилъиялъул рахъалъ республикаялда бищун гьитIиназул цояб. Гьелда рекъон, районалда церечIарал масъалабиги гIемер ратилароха.

— ДРялъул бищун гьитӀинал муниципалитетазул цояблъун кколеб ГӀахьвахъ районалдаги руго гIезегIан кӀвар бугел масъалаби. Районалъул нухмалъулев хӀисабалда, дир мурад буго халкъалъул гӀумру лъикӀлъизаби. Дун гIемер щола росабалъе, дандчIвала гIадамалгун, гIенеккула гьез бицунелъухъ, гьабула гьеб киналъулго хIасил.

Нижер районалда абизе бегьула гьитIинаб Дагъистанилан. Гьанир гIумру гьабун руго аварал, багвалал, гIахьвалал, кIкIаралал…

Цолъиялъулъ буго къуватин абу­леб ахIиялда гъоркь хIалтIи гьабула нижеца.

— Нухмалъиялде вачIиндал тIаде росун рукIарал масъалаби тIуразарун бажаранищ?

— Аслиял масъалаби ккола лъим, газ, нухал. Районалъул нухмалъиял­да вугебгIан заманалда бажарана Болъихъ-КӀаратӀа нух хъил тIун къачIазе. ГьабсагIаталда КӀаратӀе лъим бачиналъул хӀалтӀи рагӀалде бахъунеб буго.

ЦӀолода-ТIарада-Инхело росаба­лъе унеб лъел рогӀоро цӀигьабулеб буго. ГIарчо-Маштада-Рачабулда-ГIан­чихъ росабалъги унел руго лъим бачиналъул хӀалтӀаби. РагӀалде бахъун буго районалде газ бачиналъе проекталъулабгун сметаялъул документация хIадур гьабиялъул иш.

«Культура» абураб федералияб прог­раммаялъул кумекалдалъун, ТIа­рада-Инхело ва Лъибищо росабалъ культураялъул рукъзабахъ ремонтал гьаруна ва гьел хьезаруна хIажатал тIагIелаздалъун. Умумузул ратIлил формаби ва музыкалиял алатал росана «ГIахьвахъ» фольклорияб ва «Каратинка» лъималазул кьурдул коллективазе. Райцентралда Совет Союзалъул БахIарчи М.-З. ГIабдулманаповасул цIаралда бугеб сквер цIигьабуна.

— Нухазул бицани…

— Республикаялда хъил тIун нухал къачIачIел районазул цояб ккола ГIахьвахъ район. Гьединлъидал гьанже гьеб хӀалтӀи гьабулеб буго АО «Ахвах ремонтно-строительное управление» (РКУ) филиалалъул ва «Дагавтодоралъул» квербакъиялдалъун. ГьабсагӀаталда ТIадмагъилъ-КIудиябросо участкаялда унел руго хъил тIезе хӀадурлъиялъул хIалтIаби. Гьелдаго цадахъ къачӀа-кӀатӀаялъул хӀалтӀаби унел руго КӀудиябросо-Изано нухдаги. Филиалалъ тасдикъ гьабураб графикалда рекъон, районалъул киналго росабалъ, гьоркьоса къотӀичӀого, гьарулел руго нухал къачӀаялъул хӀалтӀаби. Исана лъугӀана КӀаратӀа-ГIарчо нухде хъил тӀун. Гьединго рагӀалде бахъун буго Болъихъ-ЦӀолода ва МестӀерухъ-Ингердахъ нухда реконструкция гьабиялъул ишги.

— Токалъул ва росдал магIи­ша­талъул рахъ кин бугеб?

— Токалъул бицани, 176 хӀуби хисана, 11 километралъул манзилалда кварал хисана, 13 трансформатор хисана, 51 интегрированнияб трансформаторалъул подстанция (КТП) къачӀана, 3,5 км изоляциялъулаб тел (СИП) хисана.

Гьеб кинабго хӀалтӀул гӀаммаб багьа бахана 8,8 млн гъурщиде.

Росдал магIишаталъул рахъ фермераз, СПКяз ва рекьарухъабазгун гIи-боцIухъабаз данде бачунеб буго, цебе гIадинаб даражаялда гьечIониги.

— Районалдаса къватIире унел гIолилазул къа­дар цIи­кIкIун бугищ?

— ГӀолилал гIатIи­ра­кьазде иналъе гIилла буго хӀалтӀи гьечIолъи. ЦӀали лъугӀидал, гӀоло­хъа­нал махщелчагӀазе бокьулеб бу­го шагьаразда чIезе, росабалъ ракI рекъараб хӀалтIи букIунгутIиялъ.

МугӀрузул росабалъ гIолилазе са­нагIатал шартIалги махщалида рекъараб хIалтIиги чIезаби ккола цIакъ захIматаб масъала.

— Спорталъе санагIалъаби ругищ росабалъ?

— Спортивиял залал гьечIел росаби къанагIатги гьечIо. КIаратIа бана кIудияб ФОКОТ, футболалъул ва лъималазул спортплощадкаби рана КIаратIа, ТIадмагъилъ, Лъибишо ва цогидалги росабалъ.

Гьелъул хIасилалда районалъул лъималазул командабаз Россиялъул даражаялда тIоритIарал батIи-батIиял къецазда росана цересел бакIал, масала, футбол хIан. Хасго гIемераб хIалтIи гьабуна гьеб ра­хъалъ Халкъияб Собраниялъул депутат С. Айгубовасул нухмалъиялда гъоркь ЦIияб-ЦIолода росдал жамагIаталъ спортивиял майданал ва залал разе.

— Районалъул экономикияб це­бетIеялъе кинаб къимат кьолеб дуца?

— Дица нухмалъи гьабулеб заманалда районалъул социалиябгун экономикияб рахъалъул цебетӀей гӀемерго лъикӀлъана, гьелъие нугӀ­лъиги гьабула щварал грантаз ва шапакъатаз.

2022 соналъул социалиябгун экономикияб цебетӀеялъул хӀасилазул кьучӀалда, районазда гьоркьоб кӀи­абилеб бакӀ ккун букӀана районалъ. 2024 соналда щвана тӀо­цебесеб бакӀ.

— Райадминистрациялъ яги росабазул жамагIатаз гIуцIулел тадбиразе кумек гьабулел меценатал ругищ?

— 2021-2024 соназул хӀасилазда рекъон, районалда гӀезегӀан кӀудияб хӀалтӀи гьабуна социалиябгун экономикияб цебетӀей лъикӀлъизабиялъул мурадалда, инвестициял хIалтIизариялъул рахъалъ.

Масала, 2021-2024 соназда районалда хӀалтӀи гьабуна инвестораз, сахаватчагӀаз, спонсораз кьураб гӀарцуде гӀаммаб къагӀидаялъ миллиардгун 232 миллионалдасаги цIикIкIун гъурщиде.

КӀаратӀа балеб буго рукъарулеб фабрика (ООО «Пронт» абураб гӀуцӀиялъул хIаракат). Проекталъул гӀаммаб багьа ккола 209,0 млн гъурущ, хӀалтӀул бакӀазул къадар — 60 бакI. .

Лъибищо росдае, инвестициял хIисабалда, биччараб гIарцул къадар 200 млн гъурщидаса цӀикӀкӀун буго. Гьезда гьоркьор руго: мажгит базе (100 млн гъурщил инвестициял), жамгӀияб бакӀ лъикӀлъизабизе, террасаби гьаризе (тренажерал, лъималазул майданал, фонтан ва цогидабги), росдал жанисел нухал къачӀай (бетон тIей), спортивияб зал бай ва Лъисси росулъ мажгит базе.

КӀаратӀа «Эко-отель Шале-Карата» турбаза бай.

ТIукитӀа «Тукита-2000» абураб хӀухьбахъиялъул база баялъул хӀалтӀи гьаби.

— СВОялда чан чи вугев районалдаса?

— ГьабсагӀат СВОялда вуго 300-гӀанасев чи.

Райадминистрациялъул хIалтIу­хъа­би гьоркьоса къотӀичӀого щола гьезул рокъоре, къваригIараб кумек гьабула.

Учреждениязул хӀалтӀухъабаз ва школлъималаз гьаруна хандакъазул хIедучирахъал ва гьединго гьел ритӀана рагъулаб зонаялде. Гьал къоязда «БАРС» абураб волонтеразул гӀуцӀиялъул хӀаракатчагӀиги гӀахьал гьарун, СВОялде битIана иргадулаб гуманитарияб кумек.

— КватIичIого рукIине руго рищиял. ЦIидасанги гьебго хъулухъалде вищани, районалъе пайдаял кинал ишал гьаризе ракIалда бугеб?

— Дида ккола гьаб щуго соналда жаниб дица ва дунгун хIалтIулел гIолохъабаз саламатаб хIалтIи гьабунин абун.

ГьаричIого хутIаралги масъалаби гIезегIан руго. Гьел ккола район газалдалъун хьезаби, райцентралъул аслияб кIиго къотIнобе хъил тIей, рукъарулеб фабрика хIалтIизе биччай, гьениб 60 чиясе хIалтIи чIезаби ва поликлиникагун ясли-ах рай. ГIарчо, ГIанчихъ, Рачабулда, Маштада ва Ингердахъ, ЦIолода, ТIарада-Инхело росабалъе лъим бачин. Маштада ччукIулеб бакI рукIалиде бачин, КIудиябросолъ амбулаториягун культураялъул центр ва лъималазул лагерь бай, лъикI цIалулел лъималазул центр рагьи. Гьединалго хIалтIаби гьаризе руго, жамагIатазда дандги бан, цогидал росабалъги.

— Ахирал соназда кутакалда дагьлъун руго районалъулги республикаялъулги газетал хъвалел гIадамал. Дур пикруялда, щиб кколеб гьелъие гIилла?

— ГIемерисезухъ руго телефонал, щибаб рокъор — телевизорал, гьенисан бокьараб информация щолеб буго. БукIаниги, нилъерго мацI цIуниялъе ва миллаталъул къадру борхиялъе гIоло дица учреждениязул нухмалъулезда лъазабула районалъул «Заман» ва республикаялъулаб «ХIакъикъат» газетал хъвазе кколин абун. Хадубккунги гьеб суал роцIинабиялъе бажарараб квербакъи гьабизеги буго.

Гара-чIвари гьабуна Рукъият ГIалисултановалъ.