Дагъистаналда машгьурал речIчIухъаби кидаго рукIана ва жакъаги руго. Лъида рагIичIеб КIикIуниса ГIусманил, Сали Сулейманил, Суракъат Асиятиловасул ва цогидазулги цIарал. Гьезул кьерда хIурматияб бакI ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ чанго нухалъ Дагъистаналъул, миллияб гугариялъул рахъалъ Россиялъул, гIолилазда гьоркьоб тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Совет Союзалъул (1960 сон), ГIали ГIалиевасул призалъе гIоло тIобитIараб чемпионаталъул (1967 сон), «Динамо», «Урожай» ва «Локомотив» обществабазул эркенаб гугариялъул рахъалъ къецазда чемпионлъун вахъарав ГIалибег ХIажибековас. Эркенаб гугари бокьулезда ракIалде щвезавиялъул мурадалда бицине бокьун буго гьесул гIумруялъул хIакъалъулъ. ЦIакъ захIматаб ва жиндаса мисал босизе рекъараб букIана ГIалибегил гIумруялъул нух. Гьев гьавуна Шамил районалъул ТIелекь росулъ. Эмен хведал, 11 сон барав ГIалибегица жиндего тIаде босана хъизам хьихьиялъул, эбелалъе кумек гьабиялъул жавабчилъи. Гьарулаан батIи-батIиял хIалтIаби: бахъулаан рак, бекьулаан хур, къотIулаан саман. 14 сон байдал байбихьана къадахъанлъи гьабизе.
ГIел бащадаздаса гьев вукIана ворхатав ва къуватав вас, гьединлъидал бажарулаан бокьараб захIматаб хIалтIи гьабун. Амма кинабго хисана даргиязул росулъ къед балев гьесде тIаде эркенаб гугариялъул тренер МухIамад ГIалиев вачIараб къоялдаса нахъе. Тренерас абуна: «ГIалибег, Аллагьас дуе кьун буго зурбаяб черхги, лъикIаб чIаголъиги, хIинкъи лъалареб ракIги. Гьеб ккола кIудияб бечелъи ва лъазе ккола гьелдаса битIун пайда босизе. Дие бокьун буго мун гугаризе ругьун гьавизе», — ян. Гьедин байбихьана 16 сон барав ГIалибегил спортивияб нух.
Байбихьуда гугариялъул хIалбихьи гьечIев гIолилас мугъчIвай гьабулаан жиндирго къуваталде. Цо пуланаб къецалда машгьурав тренер А. Карапетянида бихьана ГIалибег гугарулев куц, ва гьесда бичIчIана гIолиласул лъикIав гугарухъан вахъине вукIин. Ва тренерас жиндаго тIаде босана гIолиласулгун тренировкаби гьариялъул жавабчилъи. ЛъагIалидасан цониги чи хутIичIо ГIалибеггун гугаризе бажарулев. 18 соналда жанив цониги нухалда гьев къечIо, Дагъистаналдаги вукIинчIо гьесулгун «бох бухьине» бажарулев бакIаб цIайиялъул гугарухъан. Гьев цеве вахъиндал, балагьараз, тIадеги рахъун, ахIулаан: «ГIалибег, лъабго минут, ГIалибег, лъабго минут», — абун. Гьелъул магIна букIана дандиясул мугъ гIодоб цвизабизе гьесие лъабго минут гIолин абураб.
1960 соналда МахIачхъалаялъул «Динамо» стадионалда унеб букIана Совет Союзалъул гIолилазул эркенаб гугариялъул рахъалъ турнир. 17 сон барав ГIалибегица данде рукIарал киналго гугарухъабазда тIад бигьаго бергьенлъи босана, гьев вахъана СССРалъул чемпионлъун. Хадуб ХIажибековас абуна: «Гьеб заманалда дида ракIалде ккана дунялалда тIад дидаса талихIав чиго ватиларин», — абун.
Гьеб къоялъ ГIалибегида аскIове вачIана дунялалдаго цIар рагIарав гугарухъан КIикIуниса ГIусман ГIабдурахIманов. Гьес чемпионасда къвал бана ва баркала кьуна. Хадур гьел лъугьана гьудулзабилъунги. Машгьурав гугарухъанас ГIалибегие рагьулаан гугариялъул балъголъаби, рихьизарулаан приемал.
Жиндирго бергьенлъаби ракIалде щвезарулаго, ГIалибегица абуна: «Киназго бицуна дир чорхол къуваталъул. Къуват букIуна оцодаги хIамидаги. Спортсменасе чара гьечIеблъун ккола роцIараб гIакълу, жиндаго кверщел гьабун бажари ва хIинкъи къинаби. Дун гIемер гугарана дидаса бакIал гугарухъабигун ва бергьунаан гьездаса. Щайгурелъул Аллагьас дие кьун гьечIо хIинкъиялъул асар. РечIчIухъанасе аслияб жо ккола щибабкъойилал тренировкаби. Бергьенлъаби щвеялъе гIоло тIезе ккола цIакъ гIемераб гIетI», — ан.
Дол соназда Дагъистаналда дагьал гурони рукIинчIо цIайи бакIал гугарухъаби, гьединлъидал ГIалибег рикIкIунаан цIакъ къанагIатаб гьунаралъул къей лъаларев речIчIухъанлъун. Гьев цеве вахъунаан эркенаб гугариялъул, самбоялъул, классикияб ва миллияб речIчIухъанлъиялъул къецазда. Гьесул бергьенлъабазул бицун казиятазда хъван букIунаан: «ХIажибеков вачIана ва бергьана»; «Дагъистаналъул гъалбацIалъ гьанжеги бергьенлъи босана», — ян.
Спорталда цадахъго ГIалибегица бачана МахIачхъалаялъул медучилищеялда, гьеб лъугIидал мединституталда гьабулеб цIалиги. ЦIалуда цадахъго хIалтIун, гьес балагьизе ккана гIумру гьабиялъе гIарацги. Институт лъугIарав ХIажибековас тохтурасул хIалтIул хIалбихьи босана республикаялъул психбольницаялда. Гьениб гьес хIукму гьабуна: «Гьанивго хIалтIун чIела, ботIролъ жагъаллъи бугел талихIкъаразе кумек гьабила», — ян.
ГIалибегил гIамал-хасияталъулъ букIана хъулухъчагIазе данде кколареб цо «гIунгутIи» – гьесда лъалароан хIакимзабазе хIелизе, кIолароан ккараб рагIи бадибе абичIого чIезе. Хвезе къо щвезегIан гьесул рекIелъ цIунун хутIун букIана ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул тIалъиялде бугеб ракIхвей. Гьес абулаан: «ТIасиял курсазде рахъине дица кумек гьабулел рукIарал мукъсанаб лъаялъул тохтурзабазе цебего щвана «Дагъистаналъул ва Россиялъул мустахIикъав тохтур» абурал цIарал. Гьеб цIар кьезе хIадурарал дир документал цо кIудияв хIакимасул столалда тIад руго. ХIалтIила «Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур» абураб цIар щвезегIан, бихьизабила дун гьелъие мустахIикъав вукIин», — ан.
ГIолохъанал соназда ГIалибег рикIкIунаан цIакъ санагIалъи гьечIев чилъун, хасго милициялъул хIалтIухъабазе. Гьесда лъалароан нахъе къазе, гIадат букIана, танк гIадин, тIаде кIанцIулеб. Гьелдалъун милиционеразулгун кколаан дагIба-рагIи, вачунаан милициялде. Жиндирго букIараб согIаб гIамалалъул бицунаго, гьес абуна: «Хъизамалдаги школалдаги нижее тарбия кьолаан кьварарал магIарул гIадатазда рекъон. ТIад калам тун, нижеца тIуразе кколаан херазул ва руччабазул адаб гьаби, загIипасе кумек гьаби ва ритIухълъи гьечIолъиялда данде рагъи гIадал гIадатазул тIалабал. Дол соназда магIарул росабалъ кIудияб кIвар кьолаан лъималазе жамгIияб тарбия кьеялде. Лъимадул гIадлу хвезабиялъе кьварараб къимат кьолаан годекIанире ракIарараз ва хъизамалъул горсвериялда. Лъималаз тохаб жо гьабулеб бихьани, росдал чIахIияз гьезие кьварараб гIадлу гьабулаан, гьелъие хIалтIизабизе бегьулаан хьоп ва рачел.
Шагьаралда дида гIадлу-низамалъул батIияб къагIида батана. Дун лъугьана зараздалъун тохал гIамалазде данде вагъизе. Къадарго гурони лъалароан гIурус мацI, гIолилас яги милиционерас цогидал къварид гьарулел рихьани, дир бераздаса канлъи босулаан, кIолароан гьел бахьикъосазе «жесткий массаж» гьабичIого тезе.
Гьеб гIунгутIиги гIиллаялъе бачун, дие нух къана батIиял улкабазул къецазде иналъе, гьединго махIрум гьавуна спортменазе кьолел рукIарал шапакъатаздасагун бигьалъабаздаса.
Дида хIехьезе кIоларо гьереси ва ритIухълъи гьечIолъи. ГIумруялъго къеркьана ритIухълъи цIунун, амма херлъидал гурони бичIчIичIо ракьалда тIад ритIухълъи гьезего гьечIеблъи. Гьеб балагьулел чагIиги, гьезда гьоркьов дунги ккола хIакъикъиял «фантазиячагIи», — ян.
Милиционер вухунин абун ахIи бачIиндал, институталъул ректорасул буюрухъалдалъун, гьев ДГМИялъул общежитиялдаса махIрум гьавуна. Шагьаралда чIезе бакI гьечIев ГIалибег, босун чемодангун, ана ДГМИялъул ректор МухIамад Макъсудовасул рокъове. «Дун ректорасухъе вачIун вуго», — ян, гьесул лъадуе жавабги кьун, гIодов чIана диваналда тIад. КватIун рокъове щварав ректорасда гьес абуна: «Дур буюрухъалъ дун общежитиялдаса нахъе гъуна, шагьаралдаги дир ракIчIарав гьобол гьечIо, гьелъ дица ният гьабуна гIумру гьабун дун гьанив чIезе. Дур кIудияб квартира буго, хъизамалъул чагIиги гIемерал гьечIо, киназего бакI гIела», — ян.
Макъсудовасда бичIчIана бигьаго ГIалибег тIаса хьвазехъин гьечIеблъи. Гьединлъидал гьес, общежитиялъул комендантасухъеги ахIун, гьебго сордоялъ ХIажибеков живго вукIараб бакIалда рекъезавуна.
Ригьалде вахиндал, ГIалибегица гIолилазда малъулаан: «ТIадегIанав Аллагьас малъухъе гьабе гIумруги магIишатги. Инсан ракьалде вачIун вуго лъикIлъи гьабизе ва цогидазе кумекалъе ватизе», — ян.
ЦерегIанго соназ гьесухъе гьоболлъухъ щварав дицаги хIалбихьана ГIалибегил лъадуца хIадурарал хинкIазул. Квандаса хадуб, Халикъасе реццги гьабун, гьес гьабуна гьадинаб дугIа: «Аллагьасе рецц, язихълъиялда, пакъирлъиялда вукIарав дие гьаб квартира кьуралъухъ, ТIадегIанасе дица нусго нухалъ бетIер къулула гьалбадерие кьезе дир столалда тIад ругел гьал тIагIамазухъ. Амин», — ан.
Нури Нуриев
Макъала хъвана, гIумруялъул ахирал соназда ГIалибегилгун ккун букIараб гара-чIвариялдаса пайдаги босун.
