ГIагараб росу. Лъидаха гьеб кIоченеб. Гьелъул хIикматаб тIабигIатги, лъикIал гIадамалги, гIумруялъул лъикIалги квешалги нухалги, эбел-инсул хинлъиги, кIодо-кIудил малъа-хъвайги, бухIараб риидал иццдаса гьекъолеб бацIцIадаб иццул лъимги. Гьеб киналъго асар гьабуларел чагIи рукIунелго ратиларо. Лъида кIочон толеб нилъер умумузул гъасда бицунеб рахьдал мацIги. Щибаб росдал батула жинди-жиндир хаслъи. Жиндирго хасаб хаслъи буго дир гIагараб ГIоротIа росдалги. Гьеб ккола Хунзахъ районалъул чIахIиял росабазул...

