Цо командирасул кIиго мухъилав

Гъизилюрт район ккола республикаялъул чIахIиял ва экономикаялъул рахъалъ церетIурал районазул цояблъун. Гьелда гьоркьобе уна 13 росу, гIумру гьабула 77-азаргогIанасев чияс, ракьалъул гIатIилъи буго 524 квадратияб километр. Гьеб рикIкIине бегьула гьитIинаб Дагъистанлъун — гьенир гIумру гьабун руго нилъер киналго абуниги миллатазул вакилзаби, гьезул гIемерисел, гIага-шагарго 85 процент, ккола магIарулал. Гьединлъидалги батизе бегьула (ратила цоги гIиллабиги) районалде уна лъикIаб къадар «ХIакъикъаталъул», 400-ялде гIагарун экземпляр. 2021 соналдаса нахъе районалъул бетIерлъуда вуго Рустам Татарханов. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвариги.

­- Рустам, дуда нахъа къеда ран руго кваранаб рахъалъ Путинил, квегIаб рахъалъ Меликовсул суратал. КIиясдаго гьоркьов вукIун хIалтIизе захIмат гьечIищ дуе?

— ТIад гьел руго, аскIор Россиялъул ва Дагъистаналъул пачалихъиял байрахъалги руго. Гьедин букIиналъ дир хIалтIуе кинабгIаги хасаб захIмалъи кьоларо, амма гьелъ тIад лъола цIикIкIараб жавабчилъи. Гьанисан хIанчIун, добасан тIинкIун рахIаталда толеб гьечIо нилъер пачалихъ, кьолеб гьечIо хIалхьиялда чIезе рес. Гьединлъидал киназдаго тIадаблъун буго жиде-жидер «тахалда», жидерго хIалтIуда кинабго тIубазе букIине кколеб хIалалда. Гьебго буго диеги, хIалтIи баччизе ккола бажарараб куцалда. Абила цоги. КIулзеб росулъ лъималазул ясли-ах «Умка» рагьулаго, 2021 соналда, ВКСалдасан диеги щвана Дальний Востокалда вугев Владимир Путингун кIалъазе рес. ЧIухIи бугев чи дун гуро, амма дун кутакалда вохарав вуго гьедин ккеялдаса, гьеб хIужаялъ гьабуна дие кIудияб асар.

— ЛъагIел унеб буго ахиралде. ХIакъаб жо, гьелъул мухIканал хIасилал лъала хадусеб соналъул байбихьуда, амма гIаммаб къагIидаялда босун, цереккунисел гьел кинал ругел, хасго 2024 соналда дандеккун?

— Районалда буго 13 кIудияб ва чанго гьитIинаб, чIахIиязда тIаде жубарабги (Мацаевка Нечаевкаялда, Шушановка Стальскоеялда, Гъадари ЦIобокь-Миякьоялда) росу. «Мой Дагестан — мои дороги», «Местные инициативы» программабазда рекъон гьенир гьаруна гIезегIан хIалтIаби. 2021 соналдаса нахъе районалда рана лъималазул ахал — КIулзеб (60 гьитIичасе), Комсомольское (80 гьитIичасе) ва Нечаевка (200 гьитIичасе). Школал: Кироваул-Манапхъала (604 цIалдохъанасе) ва Гъоркьияб Чирюрт (216 цIалдохъанасе) росабалъ. Гьединаб хIал букIинчIо ахираб 30 соналда жаниб. ГIарцуда хурхарал суалазда бан, гьеб рахъалъ исана ниж дагьал нахъе ккана — тIуразе рукIарал киналго мурадал тIуразе рес гIечIо, рагьичIого хутIана цо школаги цо ясли-ахги. Район, аслияб куцалда росдал магIишаталъулаб бугелъул, гьелъул хIасилал араб соналъулаздаса хашал рукIинчIо. Амма квеш ккараб жо буго росдал магIишаталда хIалтIизе бокьарал гIадамазул къадар соналдаса соналде дагьлъулеб, ракьалдехун бугеб бербалагьи тохлъулеб букIин. Дагь-дагьккун ракь буссунеб буго бича-хисиялъулаб, гIарцулаб роценалде, холеб буго гьелъул гIадлу-низам.

— ЧIахIиял инвестпроектазе нух рагьун бугищ районалда ?

— ЧчугIа гIезабиялда, гьеб къа­чIаял­да хурхараб кIудияб проект байбихьун буго Нечаевка росулъ. «Дагъмясо» проектги буго цIакъго кIвар бугеб, гьелъ рес кьезе буго кIудияб къадаралда гьан къабул гьабизе ва рагIа-ракьанде щун гьеб къачIазе.

— Хадусеб соналъул магIиша­тиял­­гун социалиял планал кинал ру­гел ?

— Хадусеб соналда гIумруялде ба­хъинабизе ккола тIадехун рехсараб «Дагъмясо» проект. Гьелда хурхун боцIи хьихьулел гIадамазул буго кIудияб гъира ва хьул, дагьабниги рес бугез росабалъ рагьулел руго фермаби. Гьеб рахъалъ буго лъалеб хIалалъул рагъа- рачари, гьеб буго цIакъ ракI бохараб иш. Цоги киналго рахъал росани, цIакъго цере инчIониги, тIасияб соналда исанасеб даражаялдаса нахъе ккезе ва гIодоре ине ниж бегьуларо, гьечIо гьединаб рес ва ихтияр.

«Рост Аква» компаниялъ, Нечаевка росулъ форель тайпаялъул ччугIа гIезабулеб кIудияб комплекс баялъе, инвестиция хIисабалда биччазе буго 1, 4 миллиард гъурущ. Байбихьуда лъагIалие гьелъ гIезабизе ккола 850 тонна ччугIил, хадубккун гьеб къадар бахине буго лъабазаргоялде.

— Мун районалъул бетIерлъуда ву­го ункъо лъагIелалъ. Гьелде щвезегIан мун гIемерал со­наз хIалтIана лъай кьея­лъул управ­­лениялъул нухмалъулевлъун­ги. ХIалбихьи бугев педагог хIи­са­бал­да, дуца дуего, районалъул бе­тIерасе, кинаб къимат лъелеб?

— Доб мехалъ дида гьаниб батана директоразул цIакъ лъикIаб коллектив — гьел рукIана цоги магIишаталда хадур лъугьинчIел, лъималаздехун рокьи бугел, лъайгун хIалбихьи тIадегIанал специалистал. Гьезде гьоркьове ккедал, кинабго рахъалъан дица гьездаса босана, гьезие дица кьуралдаса гIемерго цIикIкIун. Дица гIамал гьабуна батараб коллектив цIунизе, кинабго хIалтIи гIуцIулаан ва гьабулаан гьезда дандбан. Дунго нахъе унаго, цIияв нухмалъулевги тана гьезда гьоркьоса чи, гьезда дандги бан. Къимат лъей бигьаяб масъала гуро, амма дица диего лъелаан лъабилаб.

— Щай?

— ТIаса-масаго кинабго гьабуни гIолев, араб куцалда хIалтIи биччан толев чиясе бигьаяб батизеги бегьула гьадинаб хIалтIи. Дун гьанивго гIурав чиги вугелъул, дие гьедин данде кколаро, дун жувала кинабго тIубазейин абун. Кинабго лъугьунареб, цебе унареб мехалда дагьал хиса-басунги лъугьуна, захIматги букIуна, рекIелъги къала. Гьаб буго кинабго абулелъулги, гьабулелъулги жаваб кьезе, киназулгоги цевехъанлъун вукIине кколеб, цоязда бичIчIулеб цогидазда бичIчIулареб, цо-цо бичIчIарабги гьабичIого те­зе кколеб, цо-цо бичIчIизего би­чIчIи­чIебги гьабичIого гIолареб, диего гIумру гьечIеб хIисабалъул хIалтIи. Гьединлъидал дие бокьухъе кинабго тIубан бажарулареб, бажаризе ресги гьечIеб заманалда тIокIаб кинаб къиматха лъелеб.

— Гьедин бугеб заманалда лъеладай дуца хадусеб болжалалда районалъул бетIерасул хъулухъалде кандидатура?

— ГьабсагIаталда кинго бажаруларо гьелъие жаваб кьун. Дун ккола пачалихъияв хъулухъчи, республикаялда буго дир нухмалъи, руго дун гIенеккулел ва гIенеккизе тIадал гIадамал. Гьезги абунани, дунги гьелде вачIанани лъун букIина кандидатура, гурони… киналъего жаваб кьела заманаялъ.

— Мун ккола гьабсагIаталдаги спорталъулгун лъикIаб гьудуллъи бугев профессионалияв спорт­смен — волейболист (вукIана «Каскад» командаялда). Гьаб буго гIезегIан машгьурал спортсменал рахъараб районги. Гьединлъидал спорталъе дуца кьолищ хасаб кIвар? Гьединабго бербалагьи СВОя­лъул гIахьалчагIаздехун дур букIиналдаги кинабгIаги щаклъи гьечIо…

— Байбихьила СВОялдаса. СВОялъул гIахьалчагIазул, гьезул эбел-инсул кумек гьабичIого дица нахъчIварав чи цониги гьечIо. КIудияб, мисалалъе мина базе ялъуни кьезе гIадинаб кумек гьабун нижехъа бажаруларо, букIунаро гьединаб рес. Бажарараб, бокьараб куцалда гьеб гьабизе дагьаб халатбахъунеб батила, амма гьабичIого толаро, гьеб дица рикIкIуна нилъер, нижер тIадаб налъилъун. ХIакъикъаталда спортги бербалагьи гьечIого киданиги толаро. Волейболист вугелъул, дун ккола «командаялъулаб пикруялъул» чи, дие гIагарал руго спорталъул гьединал тайпаби. Амма тIаде гIолеб гIелалъул спорталдехун буго дагьаб батIияб бербалагьи, цебе гIадин гьезулъ дида бихьулеб гьечIо рекIел бохи, спорталдехун гъира, беразулъ цIагун чIаголъи. Аслияб куцалда, гьезул беразулъ кенчIолеб жо буго «господин гъурущ». Гьедин бугониги, районалда унеб буго гIезегIан хIалуцараб спортивияб гIумру. Гьаниб буго ункъо спортивияб школа, цIакъ цебетIун буго лъималазул спорт, единоборствабазде хьвадула гIемерал гIолохъаби. Гьал къоязда тIобитIана кIудияб турнир «кверзул рагъалъул» рахъалъ, энергетиказул къоялде тIобитIизе буго цоги кIудияб, 7 команда гIахьаллъараб волейболалъул турнир.

— Нужер районалдаса Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вуго дур гIагарав чи ГIабдулхIаким ХIажиев. ГIагараб районалъеги, гьелъул бетIер хIисабалда дуеги кинаб квербакъи букIунеб гьесул рахъалъан?

— БетIер хIисабалда, ботIролъ жо щун гурони, дие тIокIаб щибха букIинеб. Районалъе букIуна кинабго квербакъи, кидаго вукIуна аскIов вахъун чIун, цIехола, гьикъула, малъула, гьабула.

— Дагьаб цебе Гъизилюрталда вищана цIияв бетIер, Саид Маматханов. КIиго МО, кIиялъулго бутIрулги магIарулал. Къокъго абуни, кинаб бугеб нужер гьоркьоблъи?

— КинабгIаги конкуренция, кинаб­гIаги дагIба-къец, гьел жал нижер рукIунаро, нижер буго цо команда. Кидаго лъикI лъазе ккола дуда аскIов вугев чи, мадугьал, гьесул гIамал- хасият, рукIа-рахъин, кинабго гIаммаб хIалтIиги тIубазе ккола цадахърекъон. Шагьаралъул жаваб гъос кьела, районалъул жаваб дица кьела, амма нижер командир вуго цо, ниж руго цо командирасул кIиго мухъилав.

ГIабаш ГIабашилов