«ХIама гьечIого хутIиялдаса гIака гьечIого рукIинго лъикI»

ЦерегIан соназда инсанасул магIишатияб рахъ цебетIеялъулъ хIама букIана кIудияб кIваралъул хIайван. СогIаб тIабигIаталъул, къваридал сухъмахъазул, кинабго жо мугъалъ баччун магIишат гьабизе кколел мугIрузул росабалъ инсанасе тIоцебе кумекалъе батулеб хIайван букIана хIама. СиратIалъул кьо гIадал мугIрузул сухъмахъазда хIамица баччулаан чоца босулелдаса кIиго нухалъ цIикIкIараб бакIлъи. ХIамида рекIун унаан магIардеги гIурухъеги.

Диниял гIадатазда «цIадал хIама» букIана ракъдалал соназда цIад гьариялъул тадбиразул аслияб бахIарчи.

КIудияб кIваралъул хIайван букIаниги, «хIамие дару-тIил» абун, гIемерисез хIа­мил къимат гьабулароан, толароан гьеб хIал­хьи­ялда ва щолароан гьелъие рукъалъул хIай­ва­наздаса гъоркь хутIараб гурони квен-хер.

ВукIана «хIайваназул тушман» абун тIокI­цIар лъурав ГIусман абулев чи. Лъабрикьуде щведал, гьесул хIама, кьуричIого, унеб рахъ бихьизабизегIан эхетун чIолаан. Гьелда лъалаан, мекъи ани, хважаинас жиб тIилаца бухулеблъи.

КигIан буханиги, хIухьбахъичIого, свакараб хIама цо бакIалдаса кьуруларо. СвакачIеб хIама, лъалхъичIого, уне-унеб букIуна. ХIамица бигьаго ва гIемер мехалъ хIехьола ракъиги къечги, кваналеб жоялдеги гьелъул кинабгIаги чIухIи букIунаро.

ХIамузул тарих

ХIамузул умумул ккола Африкаялъул гIалхул хIамул. ТIоцебе хIама рукъалъулаблъун гьабуна НекIсияб Египеталда, гIага-шагарго 5000-6000 соналъ цебе. Европаялде гьеб щвана нилъер гIасруялде щвелалде кIиазарабилел соназда. ХIама ккола тIоцебе некIсияв инсанас юк баччизе ругьун гьабураб хIайван. Нилъер росабалъго гIадин, Египеталда хIамуца рекьулаан хурзал, тIамулаан лал, баччулаан юк, чуял унарел бакIазда рекIунаан гьезда. ХIамил мугъалъ баччулаан Египеталъул армиялъе хIажатабщинаб жо, хIатта аскариязул хазина.

Цоги жоялъул бицун щай, цо-цо бакIазда хIама ругьун гьабулаан кулабазда жанавараздаса гIи-боцIи цIунизе.

НекIо хъахIаб хIама рикIкIунаан батIияб-тIокIаб хIайванлъун, гьелда рекIине изну бу­кIунаан гIицIго ханзабазул, хункаразул ва диналъул церехъабазул.

ХIама кIодо гьабулелги руго

Египеталъул гробницабазда фараоналгун рукъулаан хIамул, ай хIамул ахираталде унаан цIакъ къадруял чагIазда цадахъ.

Нилъер заманалда хIамил сурат буго Норвегиялъул Осло ва Россиялъул Старый Осёл шагьаразул гербазда. Америкаялъул демократазул партиялъ жидерго хасаб гIаламатлъун гьабун буго хIама, хIалтIи ва гIумру бокьиялъул мисал абун.

«Монумент осла» абун, хIамие памятник лъун буго Китаялъул цо зоопаркалда. Гьединго цIул тIад къараб хIамил мазгаралъул памятник буго Босни ва Герцеговинаялъул Мостар шагьаралъул базаралда аскIоб. Москваялда буго Малла Насрудиние ва гьесул хIамие бараб памятник. ХIамие памятник бан буго Крымалъул Залесное росулъги.

ХIамил рахь – лъикIаб дару

Цо-цо регионазда хIамул хьихьула, гIа­чи­яз­дасаго гIадин, рахь бечIчIизе.

Биценалда рекъон, Египеталъул хан Клеопатраца радал бетIер «къачIалеб» букIун буго гIицIго хIамил цIекIаб рахь гьекъон, гьединго гIолохъанлъизеян гьей чвердолей йикIун йиго хIамил рахьдал ваннаялъуй.

НекIо заманалдаса нахъего хIамил рахь хIалтIизабула медицинаялъул ва косметикаялъул мурадазда. Масала, Гиппократица гьеб гьекъезе кьолаан рахунел, загьру ккеялъул ва сириялъул унтаби ругел чагIазе. ХХI гIасруялда аслияб куцалда хIамил рахьдадаса пайда босула сапун ва кремал гьариялъе.

ХIамил къадру хвана

Росабалъ машинаби гIемерлъанагIан, дагь­лъана хIамузул къадар ва хвана хIама-хьва­ниялъул къадру.

Дагъистаналда, дагь-дагьккун, дагьлъулел руго хIамул, хIинкъи буго гьел тIуранго тIагIиналда. Гьелъие нугIлъи гьабула гьал тарихаз: 2014 соналда республикаялда букIана 10940 хIама, 2015 — 9570, 2020 соналда 8109, 2025 соналда хутIун буго гIицIго 4500 хIама.

Цоги мисал, дун хIамулгун иргаялда унел соназда ГьентIа росдал хIамузул рохьдолъ букIунаан 70-80 хIама, жакъа нижер росулъ хутIун буго кIиго хIама.

Къокъал хIужаби ва баянал

Дунялалда тIад буго кинабниги 53 милли­он хIама, гьездаса Россиялда буго гIицIго — 6000 бетIер. Бищунго гIемерал хIамул руго Эфиопиялда — 11 миллионалдасаги цIикIкIун.

ХIамул рикIкIуна хIайваназда гьоркьор бищун гIумру халаталлъун. Гьоркьохъеб хIи­са­балда хIамица бала 45-50 сон.

Къокъаб манзилалда хIама бекерула са­гIа­талда жаниб 70-75 километралъул хехлъиялда.

ХIамил руго цIакъ цIодорал, хехго сас-гьаракь рагIулел чIахIиял гIундул.

ХIама нахъгIунтIула ракь багъари, ракь ччукIи ва гIазу тIей гIадал балагьал гIагар­лъулел рукIиналда.

ХIама ккола цIакъ къуватаб ва, хIаталдаса ун, къохIехьолеб хIайван. КIудияб манзилалда гьелъ баччула жиндирго цIайиялъул 65 проценталда бащадаб бакIлъиялъул юк.

ТIоцебе кумекалъе батулаан

Дун гьитIинаб мехалда, ихдал, гIазу бииналде данде, кинацаго хIамуца хурзабахъе рак баччулаан. Хурзал рекьулаго, хIамузда лъун, хурзабахъе босулаан пуруц – рукьги, хьонги, квенги.

Рекьи лъугIарабго, халатаб къокъа букIуна­ан, цере гъун хIамулгун, цIулада хадур рохьоре унел чагIазул.

Хаслихъе абуни, тIад гIемераб хер къаялъ, хIамул рихьулароан. Хасалоги щолароан гьезие хIалхьи — корохъе мугь, гьабихъа ханжу, иццухъа лъим, гьоцIибе тIощел, гьоробе накку баччулаго.

Араб гIасруялъул лъабкъоабилел соназ­да кьурда тIад букIараб нижер росу магъи­лъе бахъана. Гьенир минаби разе кинабго га­мачIги, цIулги, ракьги баччана хIамил му­гъалъ. Гьелъ абурал ратила гьал рагIаби: «ХIа­ма гьечIого хутIиялдаса, гIака гьечIого ру­кIинго лъикI», — ан.

ХIамил кьолода гIащтIиги къан, тIоцеве инсуца цIуладе рохьове витIараб къоялъ дун вукIана анлъабилеб классалде вахъарав чи. Классаз эхеде вахъанагIан цIикIкIунаан цIуладе рачине дида цере гъолел рукIарал хIамузул къадар.

Дир пикруялда, нус-нус соназ мугъ хве­зе­гIан, инсанасе хIалтIараб, хасго магIарул росабазул гIадамазул къеч хьвазабураб хIама мус­тахIикъаб буго нилъер щибаб шагьаралда ва районалда, памятник лъун, кIодо гьабизе. Гьайгьай, гьеб памятник букIина умумузул гIумру-магIишат ракIалде щвезабиялъул нугI ва нилъер тарихалъул цо бутIа кIочон течIого букIиналъе нахъе толеб лъалкI.

Нури Нуриев