Новость на родном

МугIрузул чIухIиги — дур сариназулъ

Каримуллагь ГIабдулаевас — 70 сон МагIарул бакъназул чвахи цIилъизе, мугIрузул саринал цIунун хутIизе, магIарул рогьелгун, гьелъул бакъналгун рещтIа, Каримулагь, нижехъ гьоболлъухъ. Мун, халкъияв артист, дурго бакъналгун щола магIарухъе, гьелъий салам кьун. ХIикматго сокIкIарал мугIрул каранда росабаз, цIаруцIун, жаваб гьабула. МагIарул мацIалда кIалъалеб буго жакъаги дур аргъан Дагъистаналда. МагIарул тарихги магIарул мацIги гаргадула нижгун, духъ гIенеккидал....

Новость на родном

Хуриса цIун бачIаги!

Исана Оц баялъул байрам гIуцIана БежтIа росдал советалъул хIаракаталдалъун. Администрациялъе хIалае рахъана муниципалитеталъул маданиял идарабазулги, Россиялъул БахIарчи ГIабдухаликъ Къурбановасул цIаралда бугеб БежтIа росдал гьоркьохъеб школалъулги, Искусствоялъул школалъулги ва цогидал идарабазулги хIалтIухъаби. БежтIадерил мацIалда байрамалда абула «БолIоос»: болIо — ракь беги, ос — оц. Байрамалъул гIахьалчагIи цудунго ракIарана росдал КIудияб кьода. Миллияб парталги ретIун чIахIиялги гIисиналги...

Новость на родном

Пихъ гьарзаяб ахлъун буго дур шигIру

24 апрелалда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батировалъул пагьму-гьунаралъул «ШигIрабазул гъасда» абураб цIалдолезулгун дандчIвай. Унго-унгоги гьеб сверана магIарул адабияталъул байрамалде. ШагIиралъул шигIрияб улкаялде гьоболлъи базе рачIун рукIана магIарул шагIирзаби, хъвадарухъаби, журналистал, цIалдохъаби, учительзаби, шагIиралъул шигIрабаз жидее асар гьабулел магIарулал. Баян: Дагъистаналъул халкъияй­ ша­гIир. Дагъистаналъул Пача­ли­хъияб премиялъул лауреат. Залму...

Новость на родном

ЧIахIиязул мисал — наслабазе тарбия

Жакъа социалиял гьиназ нилъер гIумруялъулъ ккола аслияб бакI. Гьелъул пайдаялъул ялъуни заралалъул гIемер бицине бегьула. Инсанасул вукIа-вахъин, хIалтIи-пиша бигьалъизаби гуребги, интернеталъ рес кьола гьениса лъикIаб, пайдаяб, берцинаб, инсанасул рекIее гIагарабщиналде рокьи загьир гьабизе, гьелде цогидал ахIизе, гьелъул бицине ва гьеб  бихьизабизе. Рохизе ккараб жо буго гьелдаса пайда босулел гIадамал, хасго гIолилал гIемер рукIин. «ХIакъикъаталъул» редакциялде...

Новость на родном

Анищазул ва кочIол куркьбазда

Араб анкьалда МахIачхъалая­лъул Семендер поселокалда бугеб №58 школалда тIобитIана санайилаб «Анищазул ва кочIол куркьбазда» абураб этнофестиваль. Исана гьеб сайгъат гьабун букIана Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялде. Гьеб къоялъ школалъул азбаралде ва жанахIалъубе, щибаб кабинет-классалде данделъун букIанин гьитIинаб Дагъистанилан абунигицин мекъи букIинаро. Киса-кирего рукIана мугIрузул улкая­лъул гIамал-хасияталъулги, ма­данията­лъул­ги, адабияталъулги би­цунел къа­дал газеталги выставка­би­ги. Шко­лалъул азбаралъуре лъугьарабго, рагIизе...

Новость на родном

Дир календаралда хутIана Шапи… (Р. ХIамзатов)

26 апрелалда МахIачхъалаялда, ЛъарагI театралда ракIалде щвезавуна Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Шапи Казиев. (Гьесул гIумруялъул ва творчествоялъул хIакъалъулъ хIужаби нижеца рехсон рукIана газета­лъул 12-абилеб номералдаги). Дандеруссиналда гIахьаллъана хъвадарухъанасул гьудулзаби, шагIир­за­би, хъвадарухъаби, журналистал, росуцоял, гIагарлъи. Тадбир нухда бачана журналист, фотограф ва режиссер Юлия Майоровалъ. Хъвадарухъанасул хIакъалъулъ гIатIидго бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союза­лъул председатель Марина АхIмадовалъ, «Гьудуллъи» журналалъул бетIерав...

Новость на родном

МустIафа Дагъистанли — къей лъачIев гугарухъан

1931 соналъул 11 апрелалда Турциялда, Самсун вилаяталъул Чаршамба районалъул Сёгютпинар росулъ гьавуна дунялалдаго цIар рагIарав турказул гугарухъан, магIарул мугьажирзабазул вакил  МустIафа Дагъистанли. Гьесул кӀудияв эмен Гъуниб районалъул Гьонода росулъа гочун вуго Турциялде. МустIафаца анкьго сон бараб мехалда, хун вуго эмен МухIамад. Гьев вукIун вуго чанахъан. Цо нухалда чанаве арав чи, магIарда букIараб цо хIоринивеги ккун,...

Новость на родном

Ма, бечелъанила… Дагъистан

Ахирал соназда Дагъистаналде туристал рачIине байбихьаралдаса гьезие хъулухъ гьабулезулги, гьел жанир чIезе ралел гьалбадерил рукъзабазулги къадар гIемерго цIикIкIана. Масала, ДРялъул Туризмалъул ва халкъиял промыслабазул министерствоялъул баяналда рекъон, ахираб щуго соналда жаниб гьеб къадар цIикIкIун буго кIиго нухалда ва, Северияб Кавказалъул федералияб округалде гьоркьоре унел регионал росани, Дагъистан буго кIиабилеб бакIалда. ТIоцебесеб бакIалда буго Ставрополь край....

Новость на родном

Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIаралани

Улбуз рехун тарал лъималги. Лъималаз рехун тарал улбулги. Киналъулдай цIайи бакIаб бугеб!? Гьай-гьай, улбуз рехун тарал лъималазул къисматалъул. Яги цо-цо улбузул  гIумруялъул дарсазул хIасилалда мекъи ккарал лъималазул къисматалъулищ? ГIолохъанлъиялда жинцаго жиндиего хIадурараб херлъиялъул язихъаб гъасда цее хутIана дир гьаб хабаралъул героиняги. Амма гьеб язихълъиялъе кунчIараб цIалъун гьелъие ятана гьудулалъул яс, жиндие эбелалъ гIумруялъул ритIухъал дарсал...

Новость на родном

Эбелалъул кочIол хIикматаб хIасрат

Эбелалъул кечI. Цин гьелъ кьучI лъола кинидахъ. Гьеб кечIалъ нилъее бицуна лъимералъул гьимиялъулги, рохелалъулги, гIодиялъулги. Гьеб кочIохъ гIенеккидал, лъала нилъеда кинида бущараб хIикматалъул щибаб галулги, гьелъ тIоцебе абураб рагIул — бабайилан гьелъ абидал, анкьзобалаздеги боржуна кечI. Лъимералда цадахъ кIудиябги гIола гьеб, эбелалъул кечI. Эбелалъул  кочIол магIнаги хисула. Гьелъулъ цIикIкIуна хIасратги, къварилъи-пашманлъиги, рохел-гIатIилъиги, угьи-зигараги. Гьединаб буго...