Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIаралани

Улбуз рехун тарал лъималги. Лъималаз рехун тарал улбулги. Киналъулдай цIайи бакIаб бугеб!? Гьай-гьай, улбуз рехун тарал лъималазул къисматалъул. Яги цо-цо улбузул  гIумруялъул дарсазул хIасилалда мекъи ккарал лъималазул къисматалъулищ? ГIолохъанлъиялда жинцаго жиндиего хIадурараб херлъиялъул язихъаб гъасда цее хутIана дир гьаб хабаралъул героиняги. Амма гьеб язихълъиялъе кунчIараб цIалъун гьелъие ятана гьудулалъул яс, жиндие эбелалъ гIумруялъул ритIухъал дарсал кьурай гIолилай. Гьаб хабарги ургъун бахъараб гуро — кIиго чIужугIаданалъул кIиго батIияб къисматалъул хIакъикъиял хIужабазул кьучIалда хъвараб буго, цIаралги хисизарун.

Жакъаги дида  ракIалде щвана ХIамзатил Расулил кечI. Эбелалъул кинидахъ ахIараб кечIалъе даимаб реццалда вуго гьев. Жиндирго машгьурлъиги гIадамазде бугеб рокьиги гьес эбелалъул кочIол хIасиллъун толеб буго:

— Дида рокьи ракьалда гьадигIан лъалароан,

Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIичIелани…

Дица цIалдохъабазеги гIемер бицана ва бицуна эбелалъул кочIол бугеб къуваталъул хIакъалъулъ. БичIчIизеги гьабула киналго лъималазе гурин рес кколеб гьеб цIакъго гьуинаб нигIматалъул тIагIам босизе. Нилъер щивав налъулав вугин гьеб кочIода цевейилан. Амма чан ругел лъимал гьеб кочол тIагIам лъачIел. Чангияз ахIулеб, абулеб, щурулеб батила «Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIаралани», жиндирги къисмат батIияб букIинаанилан абун. Дица кинидахъ кучIдулги хIалтIизарула дирго дарсазда. Унго-унгоги, гьезул бугебщинаб берцинлъи. ТалихIалъ рецIцIулел руго гьел кучIдузул сверуде ккедал, кIочон тола ракьалда бугебщинаб квешлъиги, цебе чIола эбелалъул хIасратаб сипат. Гьедин абизе рес щун буго жакъа дир ва дидаса цере ругел гIелазе. Щайгурелъул нижее улбуз ахIана кинидахъги кинидахъ гурелги кучIдул. Гьел кучIдул нижеда ракIалдаги руго. Амма жакъа бугеб гIелалъул  ругелдай рекIелъ рессун хутIулел, улбуз жидее ахIарал кучIдул. Телефоназ тарбияги кьун, гIун рачIунел ругел гьез баркала кьезе бугебдай, ХIамзатил Расулица гIадин:

— Дир мацI букIинароан, дир цIар букIинароан…

Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIичIелани…

Гьаб гьитIинабго колонка хъвалаго, ракIалде бачIана цо гьадинаб пикруги. Газеталдасан лъазаруна ва лъазарула чанги батIи-батIиял конкурсал- суратал рахъиялъул, кучIдул, проза ракIалдасан рикIкIиналъул, сочинениял, харбал, кучIдул хъваялъул. Дида ракIалде ккана кинидахъ кучIдул гьариялъул конкурс лъазабизе.  Нилъеца хIалтIизарула халкъияб кIалзул гьунаралдаса асарал. Гьездаго гьоркьор кинидахъ кучIдулги. Амма бокьилаан дие авторазул кинидахъ кучIдул цIализеги. Конкурсалде рачIарал кучIдул газеталдаги рахъизе руго. Гьел къабул гьаризе руго маялъул ахиралде щвезегIан. Нужеда ракIалде ккани, кинидахъ кечI хъвазе, битIе дир электронияб адресалде:

shamay. kazanbeva@mail.ru.