Эбелалъул кочIол хIикматаб хIасрат

Эбелалъул кечI. Цин гьелъ кьучI лъола кинидахъ. Гьеб кечIалъ нилъее бицуна лъимералъул гьимиялъулги, рохелалъулги, гIодиялъулги. Гьеб кочIохъ гIенеккидал, лъала нилъеда кинида бущараб хIикматалъул щибаб галулги, гьелъ тIоцебе абураб рагIул — бабайилан гьелъ абидал, анкьзобалаздеги боржуна кечI. Лъимералда цадахъ кIудиябги гIола гьеб, эбелалъул кечI. Эбелалъул  кочIол магIнаги хисула. Гьелъулъ цIикIкIуна хIасратги, къварилъи-пашманлъиги, рохел-гIатIилъиги, угьи-зигараги. Гьединаб буго эбелалъул кечI. Гьелъул хIасрат борцунеб роценго бугебдай.

Улбузул сариназ данде гьаруна

6-8 апрелалда «Кинидахъ кечI» абураб цIаралда гъоркь эбелалъул кочIол фестиваль тIобитIана Хунзахъ районалда. Гьединаб тадбир Дагъистаналда тIобитIулеб буго тIоцебесеб нухалда. Гьелъие байбихьи лъуна гъоркьисала Татарстаналда. Байрам тIобитIиялъе байбихьи лъураб куцалъул бицана районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник ПатIимат ХIамзатовалъ:

— Социалиял гьиназдасан диргун бухьен гьабуна Татарстаналдаса пишацояз. Гьез бицана «Кинидахъ кечI» абураб жидерго проекталъул хIакъалъулъ, республикаялда гьеб тIобитIиялъул ва абуна жидее кIиабилеб фестиваль тIобитIизе бокьун бугин ХIамзатил Расулил ВатIаналдайилан. Диеги цIакъ рекIее гIуна гьеб. Дандбана районалъул бетIер НурмухIамад МахсудхIажиевичасда, управлениялъул хIалтIухъабазда, школалъул директорзабазда, ясли-ахазул нухмалъулезда. Ва байбихьана тадбиралде хIадурлъизе. РакI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго тIоцебесеб къоялдаса нахъе дида хьолбохъ эхетарал киназего. Гьезул кумекалдалъун бажарана фестиваль тIобитIизеги. Гьадинал тадбиразул пайда цIикIкIараб буго цIиял гIелазе рухIияб тарбия кьеялъулъ. ТIоцебесеб иргаялда, районалда лъазабуна «Кинидахъ кечI» абураб конкурс. Гьелъул гIахьалчагIаз  конкурсалде ритIун рачIана лъабго минуталъул видеороликал, жидецаго кинидахъ кучIдул ахIулел. Гьелъулги хIасилал гьаризе руго фестивалалъул ахиралда. Биччанте цохIо гьаб лъагIелалъ гуребги, щибаб къоялъ, щибаб минут-секундалъ цолъун, цоцазе кумекалъе ратизе Россиялъул киналго халкъал.

— ПатIимат ХIадисовнаялъул предложение нижееги цIакъ рекIее гIуна. Ва нижецаги байбихьана тадиралде хIадурлъи гьабизе «Кинидахъ кечI» абураб конкурс лъазабиялдасан. КIиабилеб иргаялда, кIудияв шагIирасул васигат букIана улбузул кучIдул цIунейилан абураб. Пикру бачIана, шагIирасул гьеб ахIиялъе гьитIинабго жаваб хIисабалда, тадбир тIобитIизе ва гьениб жагараб гIахьаллъи гьабизе. Ясли-ахаздасанго байбихьизеги ккола рахьдал мацIалде рокьи. Гьеб рокьи гьарзаго букIуна эбелалъул кочIолъ. Гьеб кочIол магIна лъимадуе тIубанго загьирлъула гIицIго рахьдал мацIалъул кумекалдалъун. Эбелалъул кечIги, рахьдал мацIги, эбеллъун яхъиналъул талихIги, талихIаб лъимерлъиги, гьитIинаб ватIаналде букIине кколеб кIудияб рокьиги, кIудияб ВатIаналъе ритIухъаллъун рукIине балеб гьаги, гьелъие мустахIикъал гIелал куцайги — гьединаб буго фестивалалъул магIна, — ян бицана гьелъ.

 

Хал­къазда гьоркьоб лъураб гьудуллъиялъул кьо

Гьадинаб цIар кьун букIана фестиваль жиндасан байбихьараб кулинариялъул мастер-классалъе. Гьелда гIахьаллъана Краснодаралдаса, Татарстаналдаса, Мордовиялдаса, Абхазиялдаса ва Россиялъул цогидалги регионаздаса гьалбал. Тадбир тIобитIулеб букIана районалда бугеб «Журавли» рестораналда. Гьалбадерица хIадурана жидерго ракьалъул миллиял нигIматал. ХIалбихьана киналго нигIматазул. Ва ахиралдаги фестивалалъул киналго гIахьалчагIазе щолеб къадаралда хIадур гьабуна татаразул миллияб нигIмат «чак-чак» (натухI). Гьалбадерица тIадегIанаб къимат кьуна районалъул нухмалъиялъеги тадбир хIадур гьабуразеги:

— Бицунеб рагIун букIана Дагъистаналъулги гьелъул халкъазулги лъикIлъиялъулги, тIокIлъиялъулги, цогидал халкъаздехун ва гьединго дин батIияздехунги бугеб гьезул адабалъулаб бербалагьиялъул хIакъалъулъ. Гьеб нижеда жакъа мухIканго бихьана Хунзахъ районалдаги, кIудияв шагIир ХIамзатил Расулил ВатIаналда. Цин досул кучIдуз рагьана нижее Дагъистаналъул халкъазул тIадегIанлъиги борхалъиги ва жакъа гьесул ватIаналдаги бихьана гьел рагIабазул ритIухълъи. Ниж гьанире ккана Дагъистаналъе захIматал къояз. Амма нужеца гьалбадерида бихьизе толеб гьечIо нужерго пашманлъи. Гьеб къварилъиялъ цолъизарурал нуж дагьалги къвакIулел руго. Нужер буго къуркьи гьечIеб халкъ. Гьайгьай, тIолабго россиялъулаз гIадин, нижедаги ракIалда буго нужее, гьитIинаб букIаниги, кумек гьабизе. ГIемермиллатазулаб Дагъистан ккола дунялалъего гьудуллъиялъул кIудияб мисаллъун. Жакъа Дагъистан байрамазде регIун гьечIониги, нужеца кIудияб адаб гьабулеб буго нижер, гьурмаздаса гьимиги камулеб гьечIо. Гьеб кинабго нижее, гьалбадерие гIоло. Гьебги ккола кIудияб бажариги чилъиги, — ян абуна гьез жидерго кIалъаязда.

ЦIидасан угьдана эбелалъул кечI

Фестивалалъул кIиабилеб къо байбихьана «ХъахIал къункъраби» мемориалияб комплексалда Эбелалъеги лъимералъеги бараб сиялда цере тIугьдул лъеялдалъун. Гьенир гIахьаллъаразда гьоркьор рукIана районалъул бетIер Н. Задиев, лъай кьеялъул управлениялъул начальник ПатIимат ХIамзатова, районалъул ЖамгIияб Палатаялъул председатель Хъайтмаз Аварский, Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батирова, районалъул «Росдал захIматчи» газеталъул редактор Фатима Му­хIамадова, «Россиялъул бищун лъикIав учитель» конкурсалъул лауреат, МахIачхъалаялъул №11 гимназиялъул учитель МухIамад Манапов, районалъул школазул директорзаби, ясли-ахазул нухмалъулел ва цогидалги гьалбал. Районалъул школазул цIалдохъабаз ва ясли-ахазул гьитIичаз рикIкIана ва ахIана эбелалъе сайгъат гьарурал кучIдул.

Гьанибги цо лахIзаталъ угьдана эбелалъул кечI. ЦIидасанги ракIалде щвана КIудияб ВатIанияб рагъги, рагъул гIахьалчагIиги, жакъаги ВатIаналъул парахалъи цIунулел ругел гIолохъабиги гIолил ясалги. Угьдана эбелалъул кечI. ЦIидасанги гьеб рохалил цIураб гIадаб асар ккана. Жиндир кочIое мустахIикъаллъун ва ритIухъаллъун хутIарал СВОялда ругел васазе рецц гьабун, цIидасанги чIухIана ва борхалъиялде боржун ана эбелалъул кечI…

Эбеллъи — рухIияб къуват

Мемориалияб комплексалда бугеб шагIирасул музеялда гьалбадерида дандчIвай гьабуна ХIамзатил Расулил асарал хъвараб гаргадулеб тIехьалъ (говорящая книга). Дунялалдаго машгьураб «Къункъраби» кечI цIалдохъабаз цIалана гIурус, магIарул, татар ва мордовазул ма­цIаз­да. Ралагьизе гъира кколедухъ гьа­бун бугоан «Гаргадулеб тIехьги». Лъималаз кучIдул рикIкIунелъул, щибаб кечIалъе баян кьолеб букIана хIикматаб тIехьалъ. Гьенибго гIуцIун букIана миллияб кванил бокIонги. Гьенирго рукIана гьайбатал угьарухъабиги — районалъул искусствабазул школалъул цIалдохъаби. Гьез гьалбадерие бицана жидецаго угьулел ругел накъищазул. Гьалбадерица хIалбихьана Дагъистаналъул халкъазул кванил нигIматазулги. Ва гьенибго чай гьекъана цебесеб къоялъ кванил нигIматазул мастер- классалда хIадурараб натIухIгун. Гьанибги ракIалде щвана дида умумузул «БогIол рокьийилан» абураб абиги. Унго-унгоги, цадахъ кваналеб яги чай гье­къолеб мехалда, кванда букIунеб хIик­матаб тIагIам. Гьеб тIагIамалъ цо­цазе бикьулебщинаб рокьи. Гьеб ни­лъер бидулъги бессун хутIулеб батила.

Хадуб «Эбеллъи — рухIияб къуват» абураб цIаралда гъоркь тIобитIана гургинаб стол. Гьелъул гIахьалчагIаз кIудияб кIвар кьун бицана эбеллъун яхъиналъул берцинлъиялъулги, гьелъулъ бугеб рухIияб къуваталъулги, улбузул, кIудиял улбузул кинидахъ кучIдузулги, жакъа къоялъги гьезул бугеб пайдаялъулги хIакъалъулъ. Гьенир гIахьаллъана школазул директорзабиги, ясли-ахазул нухмалъулелги, дица тIадехун цIарал рехсарал фестивалалъул гIахьалчагIиги.

Тадбир нухда бачана фестиваль тIобитIиялъе тIоцебесеб гали лъурай Татарстаналдаса «ХIаят» («Жизнь») гIуцIиялъул нухмалъулей Гюльнара ФатхIрахIмановалъ. Гьелъ бицана Дагъистаналъул халкъалъги, Хунзахъ районалъул гIадамазги, мемориалияб комплексалъги жиндиего гьабураб асаралъулги.

Гьалбал ва ясли-ахалъул хIалтIу­хъаби щвана районалдаго бищунго берцинаб мина жиндир бугеб ГIобода росдал ясли-ахалдеги. Рихьизаруна мастер-классал.

Фестивалалде ахIун вукIана 200 гьобол. Республикаялда бугеб къварилъиялъги нухазда бугеб ахIвал-хIалалъги киназего гуро рес ккараб тадбиралда гIахьаллъизе.

Тадбиралъул ахиралда районалъул художествияб хIаракатчилъиялъул гIахьалчагIаз кьуна концерт. Ва ахиралда гьаруна фестивалалда цебесеб «Кинидахъ кечI» абураб видеороликазул конкурсалъул хIасилалги.

ЛъугIана фестиваль. ЛъугIичIо эбелалъул кечI. Гьелъие ахир гьечIо, дуниял чIаго бугебгIан мехалъ.

Шамай Хъазанбиева