Исана Оц баялъул байрам гIуцIана БежтIа росдал советалъул хIаракаталдалъун. Администрациялъе хIалае рахъана муниципалитеталъул маданиял идарабазулги, Россиялъул БахIарчи ГIабдухаликъ Къурбановасул цIаралда бугеб БежтIа росдал гьоркьохъеб школалъулги, Искусствоялъул школалъулги ва цогидал идарабазулги хIалтIухъаби.
БежтIадерил мацIалда байрамалда абула «БолIоос»: болIо — ракь беги, ос — оц. Байрамалъул гIахьалчагIи цудунго ракIарана росдал КIудияб кьода. Миллияб парталги ретIун чIахIиялги гIисиналги гъорлъ жубараб къокъа, кодоб хур бегизеги бекьизеги хIажатал алаталгун, багъарана аэропорталдехун. Гьезул бетIералда рукIана зурмихъангун къолохъан. Гьезда хаду-хадуб бачIунеб букIана «бахIарал» рекIараб гьокоги, пуруц-рукьгун кутан хадуб барал оцалги. Пулеб зурма, бухулеб къали, руччабаз ахIулел халкъиял кучIдул — гьеб хIалалда къокъа ана росдал аслияб къотIносан. Зурмилгун къолол сас тIибитIана сверухълъиялдаго ва гьелъул ахIукь къватIире рахъана жеги гIадамал.
Щвана аэропорталъул майданалде. Гьенибги цебеккунго хIадурлъи гьабун бугоан байрамалъул гIуцIарухъабаз. Рекьи-хуралда хурхарал халкъиял алфазал тIад хъварал игIланалги, бежтIадерие хасиятал кванил нигIматаз цIезабураб сверухълъиги, халкъияб устарлъиялъул нугIзаллъун тIиритIарал тIагIел-алаталги — гьеб киналъго гIадамал ахIулел рукIана байрамкъоялъул лазат босизе. Щивасул рес букIана «кьиги» «сувоги» (тIохол хIадурулел нигIматал) гьекъезе, цIурачадалгун хинкIал ва цогидал тIагIамал нигIматал кваназе.
Майданалда данделъарал бежтIадерида байрам баркана муниципалияб гIуцIиялъул бетIер Шамил Арадаховас, депутатазул собраниялъул председатель Сулейман Жабуевас, БежтIа участокалъул бетIерасул заместитель Шамил Амиловас, администрациялъул ишазул нухмалъулев МухIамад Рамазановас, СВОялъул Ветераназул ассоциациялъул председатель ИзрагIил МутагIалимовас ва цогидаз.
Шамил Арадаховас халкъалъе баркала кьуна — цолъи-гъункиялъухъ, умумузул маданиябгун тарихияб бечелъи цIунизеги наслабазе гьеб гьуинлъизабиялъеги квербакъиялъухъ, росуцоязул рохелгун къварилъи гIахьал гьабиялъухъ.
БежтIа росдал бегавул МухIамад МухIамадовас киназего сахлъигун баракат ва ракълилаб гIумруялъе квербакъи гьарана ва баркала кьуна байрам гIуцIизеги тIобитIизеги гьабураб кумекалъухъ.
Умумузул гIадат-гIамал цIунизе росуцоял ахIана краевед ва ИМЦялъул директор ШугIайб Ражабовас.
Гьелдаса хадуб байбихьана тIоцебесеб рахъ баялъул тадбир. Бегана хурул гьитIинаб бутIа ва гьениб хьана бугIа. Гьелде тIаде ракь хъвазе рахъана руччаби («эсалабагия»).
Гьелдаса хадуб букIана БежтIа участокалъул маданияб централъул хIаракатчагIазул ва Лъималазул искусствоялъул школалъул цIалдохъабазул концертги спорталъул къецалги. Рекерун, квар цIан, гамачI рехун, гугарун ва цогидал къецазда бергьарал спортсменазе кьуна гIарцул сайгъаталги Оцбаялъул байрамалде хIадурулеб хасаб Чадил горги («кIойхо»).
Байрамалъул ахиралда шапакъатал кьуна росдалги участокалъул цебетIеялда бутIа лъурал бежтIадерие. Масала, БежтIаса Халитов Зияудиние — цIияб мажгиталъе чIобого ракь кьуралъухъ; лъабго ва цIикIкIун вас СВОялда вугел улбузе, участокалъул бюджеталъе квербакъулел предпринимателазе ва гь.ц.
Лаюза ГIумарова

