Новость на родном

Исламалде гIагарлъарал гьелъ мукIур гьарула

Ахираб заманалда гIемерлъулел руго исламияб диналъул цIех-рех гьабулелги, гьеб дин къабул гьабизе бокьаралги. Европаялде, Азиялде, Америкаялде, Австралиялде, ай дунялалъул батIи-батIиял бакIазде исламияб динги лъайги цебего щун букIана. Нилъеда лъала дунялалдаго машгьурал И. Гетте, Л. Толстой, Б. Шоу гIадал гIадамаз исламалъул хIакъалъулъ абурал рагIаби, гьез диналъе кьураб къимат. Гьаб макъалаялдайин абуни бокьун буго жидер цIар дунялалдаго...

Новость на родном

Дагъистаналъул Шолоховасул гIасруялъулаб юбилеялде

Араб анкьалда, 28 маялда МахIачхъалаялда, Муса МухIамадовас гIумру гьабун букIараб хъвадарухъабазул минаялъул къадада чIвана ракIалдещвеялъул хъарщи. Тадбиралда гIахьаллъана хъвадарухъаби, шагIирзаби, журналистал, студентал, хъвадарухъанасул гIагарлъи, гьудул-гьалмагълъи, республикаялъул хIукуматалъул нухмалъиялъул вакилзаби, министрал ва хъвадарухъанасул асарал рокьулел цогидалги дагъистаниял. Тадбир рагьана ва нухда бачана Алексей Тимохиница. Дандеруссиналда кIалъана ва хъвадарухъанасул творчество ракIалде щвезабуна Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал...

Новость на родном

МагIарул росабазул хIакъалъулъ

«Росугун дагIбадани, чиякълъула…» Гьединаб буго магIарул кици. Щивасул гIумрудулъ гIагараб росдаца ккола кIудияб бакI. ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ байбихьулеб буго, магIарул росабазул хIакъалъулъ гIатIидал баянал кьун, гьезул гIумруялъул хIакъалъулъ хъвазе. Гьединлъидал газета цIалулездехун нижер гьари буго нужерго росдал тарих баян гьабун, гьелъул ва росулъа рахъарал машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ хъван нижехъе макъалаби, суратал ритIеян. Амма хIажат буго...

Новость на родном

Бесдаллъарал ганчӀазул магӀу

Нужеда бихьанищ рек-рекарал ганчӀазул бадибчӀвайги бесдаллъарал кулабазул магӀуги? Дида бихьана… Дир лъимерлъи ана Асатхва колода. Гьениб минаялъул гьитӀинабго гордуда бигъулаан оцол чохьол жанисеб хъал. БукӀинчӀо ток, букӀинчӀо нартил чирахъцин. Машинадул нух гьечӀел мугӀрузул районазул росабалъе бачӀунароан нарт. ГанчӀил «гъадринибе» толаан нах ва гьениб рекъезабулаан квасул кьурараб кун. Гьелда рекӀинабураб цӀаялъ кьолаан мукъсанабго канлъи. БукӀинчӀо печь....

Новость на родном

ЦIвабзазул мацI лъала гьезул щивасда…

Рорхатал мугIрузда руго гIадамал, Жидерго гIадатаб чIаголъиялда… Институтал цIалун рахъинчIониги, ЦIвабзазул мацI лъала гьезул щивасда… Расул ХIамзатов   Халкъияб кIалзул гьунаралъул гIакъил­лъия­лъухъе чан нухалда нилъ тIадруссунел. Хасго ки­цаби-абиязухъе. Чанго нухалда кодобе босула, масала, дица Зайирбег ГIалихановас данде гьабураб авар халкъалъул кицаби-абиязул тIехь. Гьелъул щибалъулги батула жиндирго тарихги. Жакъаги руго магIарухъ жидер кIалзул пасихIлъиялъ нилъ пана...

Новость на родном

Хъвадарухъанасул гIумруялъул нилъеда лъаларел рахъал

Исана 130 сон тIубана магIарул хъвадарухъан, Хунзахъ районалъул Гьамущи росулъа Асадулагь МухIамаев гьавуралдаса. Асадулагьил цIар бахъарабго, дида цебе бачIуна гьитIинав Чаландарил сипат. «Чаландарил сапар» — гьеб букIана доб заманалда диеги дир кьерилазеги цIакъго цIакъ бокьулеб асар. Бокьулеб, хIикматго берцинаб, гIадатияв цIалдолесул ургьибе биун тIураб гьеб асаралъ асар гьабичIев цIалдолев вукIунги ватиларо.  ГIайиб гурищха, гьеб асар...

Новость на родном

Нашидазул мурад — инсанасе рухIияб тарбия кьей

Дагьаб цебегIан тахшагьаралда тIобитIана Дагъистаналъул муста­хIикъав артист ХIамзалав ХIамзаловасул «РачIа дугIа гьибизин» абу­раб нашидазул сордо. Гьелъухъ щвараб гIарцул цо бутIа кьуна чвахунцIадаздаса хадуб къварилъи ккаразе квербакъиялъе. Гьеб букIана ХIамзаласул пагьмуги гIаданлъиги бихьизабураб тадбир. Бихьулеб букIана ралагьизе рачIаразул ХIамзаласдехун бугеб адабги рухIияб тарбия ва рекIее парахалъи кьолел нашидазухъ гьезул бугеб гIищкъуги. Гьелъул, творческияб ва гIелмияб нухалъул...

Новость на родном

«Дур тIамур магIида гIодулеб буго, гIин кьурун ахIизе вачIа, дир эмен»

  Микьигьориб росулъ бижараб хIикматаб гьунар Лъебелазул рохьор вехь гьечIел чундул, Вихьанищ нужеда Даку араб бакI? КочIохъабаз цIураб автобусалъе Авария ккараб кьуру киб бугеб? Жеги гьитIинав чи вукIана дун гьаб кечI радиоялдасан ахIулеб рагIараб мехалъ. Даку Асадулаев хутIана магIарул ахIулеб кочIол удаманлъун, такрарлъи гьечIеб бергьараб гьунаралъул кочIохъанлъун. Исана 50 сон сверана битIун завалаб ригьалда вукIаго...

Новость на родном

Халкъияб кIалзул гьунараздаса асарал

Расандизе рикIкIунел Маргьа, маргьа цикIулди, Царал гIундул кIичIулди, Киго ГIали вагъулди, ГIалил лъимал гъулгъуди, ГъологIучIал квалквади, Кив вукIарав, кIалберцин? ** Гьадаб балагьуда тIегь буго, ТIогиб маххул хеч буго, Ахада гьабал руго, Гьабахъ гIадамал руго, ГIадамахъ кини буго, Кини цIун багIар буго, БагIар гIуруца ана, ГIурул кету лъабчIвана, Лъарал кету ункъчIвана, Ункъо букIараб чогьен ЧехатIаде рехана....

Новость на родном

Тохтур-художник

15 маялда Россиялда кӀодо гьабула Хъизамалъул къо. Нилъеца гьеб къоялде ракӀалде щвезарула гӀемер лъимал ругел хъизамал. Жакъа дие бицине бокьун буго бахӀарчияв инсул хӀакъалъулъ. РекIее гIагарал тIиндал кIоченчIо МухӀамад БахӀричилов гьавуна 1936 соналъул ноябралда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ. 1961 соналда лъугӀизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институт ва хӀалтӀизе ана ЦӀумада районалде. ХӀалтӀана ТӀинди росдал участокалъулаб больницаялда...