Новость на родном

НекIсияб ЧIурмутIалда «гардан чIвай», гьенгеруял ва «гвеш къачарал» («Балъгояб даптар»)

  ЧIурмуталда халатал хасалил сардаз гьабизе жо тIагIарал чагIаз, рекIелгъеялъе, кеп-гIоркьалъе ургъарал цо-цо гIадатал рукIана. Гьединал гIадатаздасан цояблъун ккола «гвеш къачарал» (абуледухъ литературияб мацIалде буссинабуни – квеш къачIарал) – хохорал магIнаялда. Щибаб росулъ гьеб гIадаталъул жиде-жидер хаслъаби руго. Нижер росулъ хасалил сардаз рокъо-рокъоре рачIунел ратани, Къамилухъ ва Гъенеколоб гьез бертабалъ гIадамазе рекIелгъей гьабула. Гьурмада маскагун...

Новость на родном

  Бисав-вац ва Белорусский вокзал

  Улбулги лъималги. Киналго гIадамазул кидагосеб ургъел. Дир имгIал, инсул вац вукIана Бисавилан. Нижер ЧIурмутIалда цохIо гьев вукIана доб мехалда Бисав. Фамилияги къокълъизабун, дида Бисавилан абизе байбихьана магIарул газеталда цадахъ хIалтIулез. Гьединго абулаан дида Расул ХIамзатовасги ГIадалоцаги. Гьедин санагIалъиги букIана. Дир имгIал Бисав гIумруялъ вехьлъун хIалтIарав чи вукIана. Хасало рокъове вачIингун, тIубараб моцIги гьес тIахьал...

Новость на родном

Дир кIудадаги жиндирго чахъаби рикъарав цIогьорги

      (Байбихьи 37-аб. номералда)   — Мун щай гьев чигун къацандулев? Гьес бикъун буго жиндир чахъу, гьеб нилъер чахъу гуро. — Гьес абулеб бугогури ни­лъерал рикъанин, щай гьел гьесул рукIунел? — ин ццин бахъун кIалъан вуго лъебелав. — Гьеб буго гьесул чахъу. Дуе гьес абулеб жо щибизе? Дида мухIканго лъала гьев чияс бикъараб...

Новость на родном

Дир кIудадаги жиндирго чахъаби рикъарав цIогьорги

    Дунги эбелги рокъоса къватIире лъугьана бакъанил гIужалъ. Унел рукIана гIазуца бахчараб, чIедераб сухъмахънух ккун, цеве арав чиясул загIипалго лъалкIал рукIана бакI-бакIазда гIазуца рахчун. Ниж унел рукIана эбелалъул росулъе кIудада вихьизе, гьев лъикI гьечIого вугин кIалъана эбелалъухъе телефоналъ. Эбел уней йикIана хехаб рилълъада, дун хIалица гъолев вукIана хадув. БичIчIулеб букIана эбелалъул рахIатхун букIин. Гьеб...

Новость на родном

Дуа маарухъ гимищ бехьри?

  Дир эбелалъул рахъалъан кIудияв эмен, ЧIородаса ГIабдурахIимил МухIама хвараб мехалъ, дун жеги гьитIинав чи вукIана. АнцIго сон бан букIана гIумруялъул. Дида дов батIибатIияв чIола цеве. РакIалда вуго, хаслихъе гIиял рехъенги цебе къотIун, магIардаса гIурухъе рещтIунев… РакIалда буго гьесул чу, гьесул гьой, гьесул гъалараб вехьасул тIагъур, гучаб, борхатаб лага-черх, гьесул свери-россен, гьесул калам, гьесул гъасда,...

Новость на родном

Расул ХIамзатовасухъе кагъат

         ХIурматиял магIарулал! Расул ХIамзатов гьавуралдаса 99 сон свериялъул байрамалде гIадатлъун рилълъарал баркиялги, щибаб соналъ цохIого чагIаца гьарулел цоцада релълъарал кIалъаялги кьеялдаса нижер редколлегиялда лъикIаблъун бихьана Расул ХIамзатовасул гьудул, бищунго лъикI гьесул творчествоги лъалев, Расулица жиндир рухIияб ирс гьесухъе кьеян васиятги гьабурав хъвадарухъан ва публицист МухIамад БисавгIалиевасе рагIи кьезе. Щайгурелъул БисавгIалиевас цо...

Новость на родном

Гъарачай-Черкесиялдаги цIалулев вуго ХIамзатов

     Россиялъул батIи-батIиял регионазда кIодо гьабулеб буго Расул ХIамзатов гьавуралдаса 99 сон тIубай. Гьесие хириял рукIана киналго миллатал ва халкъал. Гьелъго батила жакъа гьеб рокьи гьесухъе тIадбуссун бачIунебги бугеб.    Гьал къоязда Гъарачай-Черкесиялда унеб буго «КарачаевоЧеркесиялъги цIалулев вуго ХIамзатов» абураб акция. Гьелъие квербакъи гьабулеб буго республикаялъул Х. Б. Байрамуковалъул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялъул информациязулгун...

Новость на родном

Дун школалде вачин (Балъгояб даптар)

  1979 соналъул хаслихълъи букIана. Дун вачана Салда байбихьул школалъул подклассалде. Радалго чвердезеги гьавун, рахьдал кьераб гордеги, тIасан, Володя Ульяновасул сурат бахъараб октябренокасул значокги каранда чвантида бараб тIеренаб пиджакги ретIун, тетрадгун ручкаги кодобе кьун, дун эбелалъ школалде нухарегIана.     Гвангъун щвараб бакъул къо букIана. Данде кканщинав росуцояс махсаро-хочIалда тIовитIун, отличниклъун вукIине щулияб ниятгун, тIоцебесеб...

Новость на родном

Лъида бихьараб Фазу ГIалиевалъ гIака бечIчIулеб?

    Гьеб суалалдасан макъала байбихьани, цо–цоязда ккела хъвалев чиясул бетIер сверун батилилан, газеталда къватIибе бахъани ккела, редакторасул бетIер сверун батилилан. Халкъияй, дунялалда цIар рагIарай поэтесса. Республикаялъул журналалъул редактор. РикIкIен лъаларел хъулухъал тIуралей инсан. Кинаб гIака?!    Гьелъулцин бицинаро, Дагъистаналдаги, цебе букIараб СССРалдаги цониги ватиларо Фазу ГIалиева лъаларев чи. Киназдаго лъала гьелъул килщазда рукIунел баргъичал,...

Новость на родном

Метер магIарул мацI хвезе батани…

  РикIкIадал сапаразда ракI гъолареб мехалда, Мех-мехалъ дун дидаго кIалъала магIарул  РекIел ургъел чучула, чияб бакI кIочон тола, Чанги лъелго сверарал сухъмахъал цере чIола…     М. ХI.            Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго магIарул мацI цIунизе хIажат букIиналъул, рокъоб гьеб бицунел хъизанал, хасго шагьаралда гIумру гьабулел магIарулазда гъорлъ, къо бахъанагIан дагьлъулел рукIиналъул...