Бисав-вац ва Белорусский вокзал

 

Улбулги лъималги. Киналго гIадамазул кидагосеб ургъел. Дир имгIал, инсул вац вукIана Бисавилан. Нижер ЧIурмутIалда цохIо гьев вукIана доб мехалда Бисав. Фамилияги къокълъизабун, дида Бисавилан абизе байбихьана магIарул газеталда цадахъ хIалтIулез. Гьединго абулаан дида Расул ХIамзатовасги ГIадалоцаги. Гьедин санагIалъиги букIана.

Дир имгIал Бисав гIумруялъ вехьлъун хIалтIарав чи вукIана. Хасало рокъове вачIингун, тIубараб моцIги гьес тIахьал цIалулаго ва хъалиян бухIулаго инабулаан. Хасго гьесие бокьулаан цIализе магIарул мацIалда харбал, кучIдул, школалда малъулел тарихалъул тIахьал. Гьесие цIакъ бокьулаан тарих ва магIарул поэзия. Школалда цIалулеб мехалъги гьев вукIун вуго отличник, Совет хIукуматалъул заманалъ гьединазда «ударникалин» абулаан. Гьесул эмен, дир кIудада Салдаса Бисав-ГIали, 37 сон барав гIолохъанчи, бакъул унтиялъ хун вуго, лъабго васги цо ясги нахъе тун. Бищун кIудияв вукIун вуго цIалул ударник, дица бицен гьабулев Бисав. Эмен хвеялда бан имгIал Губур ГIалигун гIияде ине ккун вуго, лъимал хьихьизе ва эбелалъе кумек гьабизеян.

Гьесул кумекалдалъул гьитIинал вацал — дир эменги инсул вац МаламухIамаги, киналго «щуйил» къиматазда анкьгосонил школаги лъугIизабун, тIоцере ЧIурмутIалдаса шагьаралде цIализе уна. ЦIалулелги гьел рукIуна Избергалда букIараб интернаталда. Гьелдаса хадуб гьел лъугьуна университеталдеги: филологияб факультеталде — эмен, биологияб факультеталде — МаламухIама. Гьел рукIана районалда ва росулъ гIадамаз къадру-къимат гьабулел мугIалимзаби. Эмен гIемерал соназ хIалтIана школалъул директорлъун, имгIал — биологиялъул ва географиялъул мугIалимлъун.

Бисасги, вацал кIудиял гIунилан, жиндирго пиша рехун течIо, батIияб хIалтIи балагьизеги лъугьинчIо. Гьев магIардаса вачIаравго, гьесул рокъобе росуго бакIарулаан. Дагьа-дагьаб «хъахIабги» биччан, пандур хъван, кечI ахIун ихтилаталда рукIунаан. Гьев вукIана цIакъ рагIи бегIерав, махсарахочI гIемерав чи. ТIомуралда киназего вокьулаан, гьесул гьудул-гьалмагъ камураб росуги букIинчIо, жиндирго рукъги букIунаан киназего, кидаго рагьун. Нахърателги гьабулароан, метерисеб къоялъулги кIудияб ургъел букIунароан, квер биччарав, кутакалда киназего кинабго кьезе бокьулев, сахаватав чи вукIана Бисав-вац. «Бисаввац» абулаан гьесда киназго ТIомуралда. Нижер лугъаталда гьеб «вац» абураб рагIи, кIудиял чагIазда адаб гьабун «даци» магIнаялдаги хIалтIизабула.

Гьесул жиндирго рукIана анкьго васги цо ясги, гьедигIанго хваниланги абулаан. Цо нухалъ годекIаниб цояс абун буго: «Гьав Бисасда кьижулеб мехалъ жиндирго лъимал киналго рокъоре рачIанищ-рачIинчIищалигIаги лъаладай», — илан. Лъимал гьесие цIакъ рокьулаан, амма гогьдаризе гьарулароан.

Ихдал гIиял рехъабигун росулъе вачIунаго, гьев гIурул рагIалда росдал лъималаз сверун кколаан. Хулжазда жаниса къватIибеги бахъун, конфетазул цIураб ящик бихъулаан гьезда цебе ва, рачIа киналго кваназейиланги абун, харде тIаде ралаан конфетал. Цинги, жиндие цIакъ «интерес» бугила кигIан конфетал гьез кунелилан, велъулаго, гьезухъ валагьун вукIунаан. Лъимал, конфеталги кун, лъарахъе унаан лъим гьекъезе, тIадруссунги рачIун дагьалги кунаан.

Бисас кинабго жо гьабулаан букIине кколелдаса дагьаб тIокIборчIун. Гьекъезе байбихьани — росуго ахIун, анкьица лъугIулареб сухIмат букIунаан. Гьеб чIалгIарабго гьев гIигун мугIрузде унаан ва гIемераб мехалъ вачIунароан. Гьесул жиндирго лъималги, ниж — вацасул лъималги цIакъ ралагьун рукIунаан гьев вачIиналъухъ. ВачIунаан ва гьесул гьаракьалъ цIолаан тIубараб азбар-къоного.

— Гьал щиб къамуял? – илан цIацIалаан гьес рас бищунго рас бахарасул.

— Векерея, доб дир машинка босун вачIая, — йилан витIулаан гьес жиндирго кIудияв вас ва байбихьулаан азбаралъуб жиндирго лъималазул, нижер ва ичIго-анцIго росдал лъималазулги рас къунцIизе. КъунцIун бахъингун, гъванщилъ хъатги кIутIун валагьизавулаан, хадусев чIезавулаан гьесул бакIида. Киназулго рас къунцIун бахъингун, киналго гьудул-гьалмагъзабиги ахIун, байбихьулаан гьеб лъугьа-бахъин чуриялъул сухIмат.

Цо нухалъ дир инсуца абула гьесда:

— Мун кIудияв вацги вуго, дуе гIакълаби кьезе дир ихтиярги гьечIо, кьуниги дуца гьебги босиларо, амма цо суал бугоха дуе. Дур вуго анкьго вас, кIигояв кватIичIого армиялде ина, цогидалги кIудиял гIолел руго. Гьел гIейгун гьезие бертаби гьаризе ккола, мина-рукъ хIажалъула, дуца нахъе лъолеб жоги бихьулеб гьечIо дида… Гьеб кин бичIчIилебали лъаларого вуго, — ян.

— Дица дир лъималазда щиб гьабизе бугебиланищ мун, — илан абула гьес гIедегIичIого, хъалиянги кьурулаго. — Цо пикру буго дир. Бищун гьитIинас 17 сон барабго, гьел киналгоги рачун, дун ине вуго МахIачхъалаялъул вокзалалде. Микьго билетги босун ниж рекIине руго Москваялде унеб поездалда, — йилан рукъ цIураб кIкIуй рехула Бисав-вацас къватIибе.

— МоскваялдегIаги нуж щай? — илан гьикъула гьесул пикруялда хадув гъезе кIоларого вугев инсуца.

— Москваялда буго нилъер пачалихъалъул бищунго кIудияб вокзал. Белорусский вокзал абула гьелда. Поездалдаса гъоркьеги лъугьун, дица чемоданалъуса къватIибе бахъизе буго СССРалъул карта, перроналда гьебги тIибитIун абизе буго лъималазда: «Гьалеха, дир лъимал, нужеда цебе буго рагIа-ракьан гьечIеб кIудияб пачалихъ ва гьеб пачалихъалъул бокьараб бакIалде уна гьаб вокзалалдаса поезд. Белталги росе, а анкьабго рахъалде. Щвараб бакIалда нужеего бетIербахъиги гьабе», — йилан. БетIерги бугев, хIатIалги ругев, квералги ругев чиясда гьадигIан кIудияб ва бечедаб улкаялда гIумру гьабун бажаричIони, гIодовги речIчIун хвайилан абе. Гьеб дир гIайиб гуро, — йиланги абун, бухIунхутI печалъубе рехула Бисас.

Гьел гьитIинал васаз 17 сон базе дагьаб заман хутIараб мехалъ, чIвараб унтиялъ, ракIалдаго гьечIого хвана Бисав. ХутIана гьесул бегIерал рагIаби, кепал харбал, лъикIал мисалал, унго-унгояв узденасул, магIарул бихьинчиясул хасият, яхI бугев, квер гIатIидав, лъикIав чи вукIанилан гIадамазул ракIалдещвеял.

Гьаб щибизе дица бицунеб бугеб? Жакъа ралъдал рагIалда бугеб ашбазалда гьудулзабигун гIодов чIун вукIана. Цоясул телефоналъул зварзвари бахъана. ЧIужу йигоан гьесухъе кIалъалей. Гьев тирщун столалда нахъаса вахъун ана ва тIад вуссинчIо. Цогияв, нижеда цадахъ гIодов чIезейилан вукIарав, ралъдал рагIалде свери бахъизе арав чи, довасанго рокъове ун ватана. Дагьаб цебегIан кIиабилев вас гьавуна гьесие ва гьесда кколеб буго жив кIудияб хъизаналъул бетIергьанилан. ХутIана дунги Гьочоса МахIачги. Гьале гьанже кIалъана МахIачихъеги. — Дун шагьаралда вуго… Температурайилая??? Борцарабищ? КигIан?! Дуца гьесие дару кьурабищ?? Гьале вачIунев вуго… векерулев вуго… ГьабсагIат… 15- 20 минуталдасан щвела…

— Киве векерулев вугев? ЩибгIаги ккараб жо? — йилан гьикъана дица гьудуласда.

— Васасул цIа-кан рагIула… гьаб буго бищунго хIинкъи бугеб ригь лъималазул… кIвар кьечIого тезе бегьулареб… цаби руго раккулел… кIиго сон балев жо вуго…

— Щиб баккулеб бугилая???

— Цаби… Цаби руго васасул раккулел, — илан вуго МахIач вихха-ххочиялъ хIухьел гIоларого. Бихьинчиха, магIарулав, чIарадисев… викингалила жал… гьединал жалгIаги рицунарелани гьоркьо-гьоркьор…

— Киназулго руго цабигIусал… чIужуялъул руго, лъималазул руго… рукIине кколезул гьечIо. Дур гьечIо, гьадав гIодор чIараб бакIалдаса кIанцIун вахъун тIурун арасул гьечIо, дов ралъдахъанго рокъове векерарасул гьечIо. Гьеле гьел цабигIусал гIоларого буго тату хун, гьел рукIаралани, хIанчIизе кIолеб букIарабани, гьедин рекерахъдизе кколароан нуж. Бихьиназул цаби-гIусал гьечIолъи буго нилъер заманалъул бищун кIудияб масъала. Векере, рокъове виччачIого хутIизе гурин, пакъир, — илан пикру гьабуна дица, сунда речIчIилевали лъаларого, такси чIезабулев вугев гьесухъги валагьун.

БецIаб паркалдаса рокъовехун валагьун вилълъана дун.

— Хисараб куцха аб дунял… Нилъ киредай унел ругел, киредай щвела, щибдай бихьила, — ян пикрабазда….

Гьаб гьазул гIамал-хасият шагьаралъул «культурничагIазул» гIамал-хасият батилаха, дида — бецIав магIаруласда – бичIчIуларого бугеб. Гьал «культурнийчагIазда», руччабаз окультурить гьарурал чагIаздаги, дов инсуца Белорусский вокзалалда къватIире риччан тезехъин рукIараздаги гьоркьоб кIудияб батIалъи буго. Доз инсуе гIологи, ВатIаналъе гIологи, къадру цIуниялъе гIологи гIумру кьезе буго. Гьал нилъер «цаби-гIусал гьечIез» сундухъ щибдай кьелеб?

МухIамад БисавгIалиев