Гъарачай-Черкесиялдаги цIалулев вуго ХIамзатов

 

   Россиялъул батIи-батIиял регионазда кIодо гьабулеб буго Расул ХIамзатов гьавуралдаса 99 сон тIубай. Гьесие хириял рукIана киналго миллатал ва халкъал. Гьелъго батила жакъа гьеб рокьи гьесухъе тIадбуссун бачIунебги бугеб.

   Гьал къоязда Гъарачай-Черкесиялда унеб буго «КарачаевоЧеркесиялъги цIалулев вуго ХIамзатов» абураб акция. Гьелъие квербакъи гьабулеб буго республикаялъул Х. Б. Байрамуковалъул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялъул информациязулгун библиографиялъул отделалъ

  ХIамзатил Расул ккола 72 тIохьол автор. Гьал къоязги, гьевги ракIалде щвезавулаго, республикаялъул библиотекабазда тIоритIулел руго батIи-батIиял тадбирал: поэзиялъул сагIтал, литературиял вечерал, тIахьазул выставкаби. Гьединал дандеруссиназ квербакъулеб буго Расул дагьавги гъваридго лъаялъе. Жибго Дагъистаналъул гьаракь рагIулеб буго гьесул асаразулъ. Дагъистаналъул цIаралдасан кIалъалев вуго гьев дунялалда. Гьелъулин абуни, буго ракълил ва рокьул мацI.

  Расулил асаралгун акциялъул гIахьалчагIазда цере рахъана Хабез районалъул централияб библиотекаялъул хIалтIухъаби Милана Даурова, Лидия Китова, Зарема Кохова ва гьединго Нугъай районалъул ва Черкесск шагьаралъул централиял библиотекабазул хIалтIухъаби Ольга Губарева, Гульнара Шебзухова, Светлана Шхагошева.