Расул ХIамзатовасухъе кагъат

 

 

 

   ХIурматиял магIарулал! Расул ХIамзатов гьавуралдаса 99 сон свериялъул байрамалде гIадатлъун рилълъарал баркиялги, щибаб соналъ цохIого чагIаца гьарулел цоцада релълъарал кIалъаялги кьеялдаса нижер редколлегиялда лъикIаблъун бихьана Расул ХIамзатовасул гьудул, бищунго лъикI гьесул творчествоги лъалев, Расулица жиндир рухIияб ирс гьесухъе кьеян васиятги гьабурав хъвадарухъан ва публицист МухIамад БисавгIалиевасе рагIи кьезе. Щайгурелъул БисавгIалиевас цо бутIа социалиял гьиназда рахъарал «Р. ХIамзатовасухъе доб дунялалде кагътал» цIалдолез цIакъ лъикI къабул гьарун рукIана нус-нусаз гъоркь баяналги хъван. Живго МухIамадица гьел кагътазул хасаб проект гьабун шагIирасул 100 сон тIубаялде бахъизе гIурус мацIалда «Письма с адресами и без» («Адрес бугел ва гьечIел кагътал») абураб тIехь хIадур гьабулеб буго. Редакциялъул гьариялда рекъон гьеб тIехьалдаса цо кагъат кьолеб буго шагIир гьавураб къо кIодо гьабун жакъасеб номералда.

 БетIерай редактор Зульфия ХIажиева

   Салам, Расул! Инсуца магIарухъе хер бецизеги ахIун, гIемер мехалъ рихьичIого дандчIварабго дуца абулаан: «Дуца аб нухалда цIакъ хIухьел ккуна», — ян. Нижер ЧIурмутIалъул лугъаталда гьеб «хIухьел ккуна» абулеб къагIида гьечIо, хутIарал болмацI бицунездасаги эб дида рагIун букIинчIо дудаса гурони. Дица бицунеб щиб аниб? Чан цогидазда абизе кIвечIеб пикруги асарги кьураб дуца? Нилъер кIиясулго ратIалъиялъе цIакъ мухIканго абураб гIадин бихьана дида гьеб рагIабазул дандрай. Гьедин букIинеги букIана. БитIахъе хIухьел ккунги вукIун цIидасан гьеб цIалев чи гIадин вачIунаан дун духъе дур каламалъухъ, пикрабахъ, асарахъ, махсараялъухъ къечарав.

Кинго гIорцIизеги гIорцIичIо эздаса. Хадуб ккана ракIалдаго гьечIеб. Цо ноябралъул квачараб къоялъ дуца ракIалдаги гьечIо рехун тана ниж киналго. Кинабго кIудияб дунял, гIагараб рукъ, дурго лъимал, лъималазул лъимал, дурго хIалтIул стол ва бакI сверухъ шагIирзаби ва творчество бокьулел гIадамал цолъулеб. Мун вахъун тохлъукьего ана, гьалгъан хадуб балагьун дуниялги тун.

«Тохлъукьего», — янги кинха абилеб, дур ахирал саназул шигIрабалъ мех-мехалда бачIунаан гьеб пикру мун унев вугин:

«Босун буго дица кассалда билет,

«Конец» — ин цIар бугеб станциялде.

 БецIаб тоннелалъуб тIерхьунеб буго

Дир тIарамагъасеб лъабабилеб ригь…».

   Гьедин ккезеги ккана. Дур букIана цIакъ гвангъараб, ахIихъуй гIемераб, машгьураб, дуда дунялги бихьулеб, дунялалда мунги вихьулеб гIумру, амма ракьалдаса нахъе ана гIадатияв чи гIадин.

Дуца цо нухалъ гуро хъвараб гьеб абадияб рокъоре руссаралъулъ киналго ращад гьариялъул хIакъалъулъ. Нилъер ахирал саназул дандчIваязулъ мех-мехалда дур рагIабалъ ва асаралъ рачIунаан гьеб ахир бачIиналдаса рахIатхвей, цо щибалиго лъазе кIолареб кIудияб балъголъи ва хIинкъи загьир гьабурал пикраби ва гьелдаса пашманлъи.

  Дида ракIалда буго 2000 соналъул декабрь моцIалъул бакъанимех. ТIерхьун унеб бакъул меседилал чIоразул загIипабго канлъиялъ бащдаб гвангъизабун букIана дур хIалтIул стол ва Чернышевскиясул къотIноб бугеб рукъалъул кIиабилеб тIалаялда кабинет. Дида мун ватана хъвай-хъвагIаязда тIаде къулун. Хинаб салам каламалда ва гара-чIвариялда нилъ рукIаго дуе дарабиги росун СалихIат ячIана. Аминатица чай кьуна. ТIаса-масаго тIаде балагьарав чиясда кколаан дуда сверухъ хIалхьи, рахIат, дур агъаз гьабулеб хъизанги кинабго лъикI бугин. Амма рокъоб киса-кибего бигъун букIана дагьаб цебегIан ккараб кIудияб камиялъул тIаса ин гьечIеб пашманлъи. Щай гурелъул рокъоса нахъе ун букIана гьеб минаялъеги, гIадамазеги, гьалбадериеги магIнаги, асарги, камиллъиги кьолеб гьаракь, тIалаб ва гIадилаб нухмалъи ва къвакIигун жубараб хIеренлъи. Абадияб рокъое дунялги тун ун йикIана берцинай, цIодорай ва кинабго рахъалъ камилай ПатIимат СагIидовна. Гьеб асар лъугьунеб букIана рокъобе гали лъунщинав ва гьей лъалей йикIарав чиясул.

   Нилъер кIигояс гьеб къоялъ цIализе кколаан «Нухалги мехалги» абураб циклалдаса кучIдул. РакIалдаги гьечIого мун лъугьана цойги дида рагIичIеб кечI цIализе. Гьедин букIунаан дур гIемерисеб мехалда. ЗахIмат букIана рекIел ахIвал-хIал чIванкъотIарал планазе мутIигI гьабизе. Дур гьеб рекIел хIал щибаб минуталъ хисулеб букIун. ЦIияб дур кочIолъ букIана чIужугIадантохтуралъулгун диалог. Гьелъ дуе ракI-макI гьабулеб буго унти гIодоб буссинин, мунги лъилъилин. Амма гьеб унтуда цIар щибин дур суалалги гIемерлъун кIанцIизе бакI тIагIингун тохтуралъ жаваб кьола гьелда цIар бугин «херлъи» — ян. Амма гьеб гара-чIвариялъулъ буго цо ракI гъанцIизабулеб ахир, гьей дуе кьезе жаваб батуларого лъугьарабго дуца хъвалеб буго:

«…Хадуй гьей юцIцIун чIана,

Дие жаваб бачIинчIо

— Хабалазул занахъе

 Балеб букIана гIазу…»

   Дун лъугьана санагIат гьечIеб ахIвал-хIалалда дуца гьеб кечI цIаларабго ва рукIана загIипалго хIалбихьиял мун гьеб пашманлъиялъул ва хвалихъ валагьун чIараб асаралдаса нахъе вачине. Гьелъул жо ккечIо ва дида бичIчIана дур кагътиде кочIоде буссунеб буго гIицIго дур ракIалъе хIалхьи толареб асар. Дур рекIелъин абуни гьеб лахIзаталъ букIана кочIолъ загьир гьабураб асар. Гьелъулъ вукIана кIудияв ва гIорхъолъа араб асаралъул шагIир. Гьелъ дуца миллионал асирги асаразул къуваталдалъун. Гьеб къо ва гьеб лахIзат бачIана жакъа ракIалде щаялиго. Абиларо нилъер гьудуллъи бугеб ва нилъ цадахъ хIалтIулел саназда гIицIго пашманлъи гурони букIинчIин. ГIумру унеб букIана жиндирго нухдаса пашманлъаби ва ракIсукIиял кканиги.

РукIана гIезегIан махсараги, рохарал ва гвангъарал лахIзаталги, гIемерал интересал, аваданал, гIакъилал, тамашаял гIадамал, асарал, дандчIваял, сухIматал, кучIдул, бакънал, къватIиса ва жаниса духъе рачIунел гьалбал, дур рагIаби, дур кучIдул ва гьезда тIасан пикраби. Мун дир пикрабалъ ва ракIалдещвеязулъ хутIана батIибатIияв. Дуцаго «Памятникалда» хъвавухъе:

«Дун вукIина нусго батIи-батIияв,

ХутIила ракIазулъ цохIо хIажатав.

Цогидал нусгояз хисизе гьечIев,

Дицаго бакараб дирго чирахъгун…»

   Гьедин хутIизеги хутIана. Дургун лъай-хъваялда, цадахъ хIалтIун ва гьудуллъиялда араб гьеб ункъо сон дида тIубараб эпохаян ккола. Гьелъ хъвалеб буго духъе гьаб кагъатги. Дида лъаларо гьал хъвай-хъвагIаял духъе щиб къагIидаялда, иргаялда ва гIадлуялда хъвазе ругелалиги. РакIалде бачIанщинаб хъвалев ватула. Нилъер кIиясулго цонигиясул букIинчIо гьеб гIадлуялъул ва мухIканлъиялъул рахъалъ камиллъи. Мун ригь арав, дун гIолохъанав вугониги.

   РакIалда бугищ цо нухалда дуца гьикъана дир чан сонилан. Дица жаваб кьуна 27 бугин. Дуца абуна дур 77 бугин ва гIажаиблъи гьабуна нилъдоб дунялалде ругьел ХIурматиял магIарулал! Расул ХIамзатов гьавуралдаса 99 сон свериялъул байрамалде гIадатлъун рилълъарал баркиялги, щибаб соналъ цохIого чагIаца гьарулел цоцада релълъарал кIалъаялги кьеялдаса нижер редколлегиялда лъикIаблъун бихьана Расул ХIамзатовасул гьудул, бищунго лъикI гьесул творчествоги лъалев, Расулица жиндир рухIияб ирс гьесухъе кьеян васиятги гьабурав хъвадарухъан ва публицист МухIамад БисавгIалиевасе рагIи кьезе. Щайгурелъул БисавгIалиевас цо бутIа социалиял гьиназда рахъарал «Р. ХIамзатовасухъе доб дунялалде кагътал» цIалдолез цIакъ лъикI къабул гьарун рукIана нус-нусаз гъоркь баяналги хъван. Живго МухIамадица гьел кагътазул хасаб проект гьабун шагIирасул 100 сон тIубаялде бахъизе гIурус мацIалда «Письма с адресами и без» («Адрес бугел ва гьечIел кагътал») абураб тIехь хIадур гьабулеб буго. Редакциялъул гьариялда рекъон гьеб тIехьалдаса цо кагъат кьолеб буго шагIир гьавураб къо кIодо гьабун жакъасеб номералда. БетIерай редактор Зульфия ХIажиева Расул ХIамзатовасухъе кагъат 9 №36, рузман лъай кьей 2022 с. 9 сентябрь Ватсапалдасанги цогидал социалиял гьиназдасанги нижехъе хъван бачIуна, газеталдасан бегьуларищин гьеб суал борхизейилан абун. Маржанат, лъабго цIалдохъанасул эбел, Гъизилюрт шагьар: «БитIахъе бетIер гьорозабун бугин абизе бегьила школалде лъимал ритIаралдаса нахъе, гьезие хIажалъулеб жоялъул бицун. Школалде анкьица хьваданиги, жеги цогIаги тIехь кьечIо ункъабилеб классалда цIалулей ясалъе. Исана лъикIаб ремонт гьабун буго школалда, амма нижер классалда я партаби лъун гьечIо, я тIахьал кьечIо. ТIахьал киназего гIезе гьечIин, нужецаго гIамал гьабеян абуна учительницаялъги. ТIоцебесеб классалдаса 11-абилелде щвезегIан, шкаф, телевизор, компьютер, принтер, тIамач, щакъи, хIатта занавескабицин росизе гIарац бакIарула эбел-инсухъа». Сиядат, ункъо лъимадул эбел, ГIахьвахъ район: «Исана нижерги цо классалда цIалулезул къадар цIикIкIиндал, бащдаб классалъе камуна тIахьал. Цо-цояз базаралдаса басриял тIахьал росана. Цо талихI буго росабазул школазул, цIалул къайи яги школалъе хIажатаб босизе, шагьаразда гIадин, кIал гьикъун, гIарац бакIаруларо. Ремонталги школалъ гьарула, классалги уборщицабаз рацIцIуна. Выпускной сардал гьаризе гIарацги бакIаруларо, учительзабазе сайгъаталги гьаруларо. Учительзабазулгун кинабгIаги бичIчIунгутIи ккани, районалъул лъай кьеялъул управлениялде гIарзалъги уна. Пачалихъалъ кколеб харжги кьун гурищ тун ругел цIалдохъабазе лъай кьезе учительзаби». Мадина, кIиго лъимадул эбел, МахIачхъала шагьар: «Дир вас исана анкьабилеб классалда цIалулев вуго. Августалъул ахиралдаго лъазабуна классалъул нухмалъулелъ, исана щивав цIалдохъанасе кIиго-лъабго тIехь камизе бугин. 11 цIалул тIехьалъул бакIалда киназдаго гьоркьор бащад гьарун анкьанкь тIехь бикьана. Гьезда гьоркьоса обществознаниялъул ва тарихалъул дарсида лекциял цIализе ругин абуна ва технологиягун немец мацIалъул дарсазда тIахьал хIажалъиларин тана». ПатIимат, Каспийск шагьар: «Дир лъимал цIалулел руго Каспийск шагьаралъул школалда, дунгойин абуни, щибаб къоялъ МахIачхъалаялде хьвадула хIалтIуде. Цояй яс школалда кIиабилеб сменаялда цIалулей йиго, цогидай абуни, лъабабилеб сменаялда. Къаси сагIат анкьгоялде бащдаб хIалтIидал лъугIула гьелъул дарсал. ЦIадукьги, гIазукьги, кватIараб гIужалъги яс школалдаса ячIунелъул, гьелда хадур рахъине ккола ниж. КидагIаги нилъер республикаялда цIалдохъабазул къадаралъул хIисабги гьабун, киназего гIурал школал разе ругел? Щибаб соналда цо-цо, кIикIи тIехь босичIого тIубаларо. ЦохIо биологиялъул тIехьалъухъ 950 гъурущ абуна исана. Гьелде тIадеги щибаб предметалъе хIалтIулал, хал гьабиялъулал ва цогидал тетрадалги росизе кколел руго. Пачалихъалъулаб хIалтIуда ругел гIадатиял гIадамаз кин харж гIезабилеб?» Школалда камурал тIахьал росизе ругищан цIехон ниж кIалъана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялде. Министерствоялъул специалисталъ (цIар хъвазе бокьичIо) бицана цIалул сон байбихьаралдаса нахъе, щибаб къоялъ, азаргогIанасеб нухалъ ахIун бачIунила жидехъе республикаялдасаго школлъималазул эбел-инсуца. Щивасда бичIчIизабизе кколеб бугила щай школазда цIалул тIахьал гIолел гьечIелали: «ХIукуматалъ лъазабуна исана тIахьал росизе гIураб гIарац гьечIин бюджеталдаян. Гьединлъидал, щибаб школалъ жидецаго ресал ратизе кколел руго. Нужерго школазул директорзабазухъе а, нужее рес, санагIалъи гьабеянги абун. ЦокIиго тIехь камуразеги бегьула ресал ратизе, ксерокопиял гьаризе бегьула, яги электрониял тIахьал рехизе бегьула телефоназде яги компьютеразде. Цо яги кIиго тIехь камурал лъималазе рес батизе бегьула. Гъоркьисаги кьерцисаги росун рукIана киналго школазе тIахьал. Гьел кирегIаги инчIого школазда рукIине ккола. — ЦIияб цIалул соналда, цIиял классазда цалдохъабазул къадар цIикIкIине рес букIинги хIисабалде босун, цебеккунго тIалаб гьабизе бегьуларищ Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъ цIиял тIахьал росизе? — Рес буго росабалъа яги цогидал шагьараздаса хъизамалги гочун рачIун, цо-цо классазда цIалулезул къадар цIикIкIине. Цо классалде бищунго цIикIкIун ункъо-щуго цIалдохъан вачIинеги рес буго, амма кинго рес гьечIо цо цIалдохъанасе щуго-анлъго тIехь камизе. Школазда букIине ккола гъоркьисаго росарал тIахьазул нахърател. Директорасда тIадаб буго гьеб суал тIубазе. Школаздаса кьурал гIарзазда рекъон, щибаб соналда нижеца росула цIиял тIахьал. ГIицIго исана хутIана тIахьал росичIого. ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министр ЯхIя Бучаевас республикаялъул СМИязе кьураб баяналда рекъон, исана нилъер регионалъул школал 80 проценталъ гурони тIахьаздалъун хьезарун гьечIо. Киназего гIолеб къадаралда тIахьал росизе гIоло федералияб централда кумек гьаризе кколеб буго. патIимат сулТIанМуХIаМадова ТIахьал росизе рес гьечIо Тахшагьаралъул ва Каспийскиялъул гIемерисел школазда лъабго сменаялда цIалулел руго цIалдохъаби. Умумузул гIарз буго лъабабилеб сменаялъ школалде хьвадулел лъимал къаси сагIат анкьгоялда гурони рокъоре щоларин абураб. Гьединго гIемерисел школазда цIалдохъабазе тIахьал гIолел гьечIо. Цогидазул гIарзал руго цIали байбихьизегIанго класс къачIазеян, техника босизеян, уборщицаялъе ва хъаравуласе харж кьезеян абун гIарац бакIарулеб бугин абунги. Щибаб соналда цого гIарзал, цого захIмалъаби. Щай шагьаразул школазда чIобого букIине кколеб лъай кьей хираго чIолеб? ЧIорого кьезе кколел тIахьал щай щибаб соналъ эбел-инсул гIарцухъ росизе кколел? еда гьоркьоб 50-гIан сон батун. Дица данде махсара гьабуна гьеб гIемер гьечIин дидагун ХъахIабросулъа МахIмудида гьоркьоб 100 сон бугин. Мун велъана дудагун МахIмудида гьоркьобги 50 сон бугин ва абуна: «Дица мун гогьдаризавун вуго 50 соналъ гьитIинав чигун цадахъ гьекъон, МахIмудицагун дица цадахъ гьекъечIо», — ян.

  Щибха гьабилеб, Расул, пашманлъизе ккараб хIужжа буго тIабигIаталъ авар халкъалъе гIорхъолъа араб гьунарал кIикъоялда анцI-анцI соналдаса гурони кьунгутIи, нижер гIасруялда цIакъго къарумлъана тIабигIат гьел гьунарал кьезе. Щиб лъалеб дуца 100 сон тIубан хадув вахъинев ватила цойги чи. Нагагь гьединаб гьаракь рагIани, дица лъазабила, Расул. Халат гьабиларо, анир ругезе нилъер адабияталда хурхараб гара-чIвари чIалгIинчIого букIине. Гьанже эл шигIрабазде ва адабияталде рокьи лъугIун буго, Расул. ЦIакъ гIемерал «шагIирзаби» руго асар гьабулеб калам, шигIрукечI гьечIо. Эзул батIалъи щибан ХъахIаб рокъор ругел хIакимзабацаги цересан ккун эзие «халкъиял» абун цIарал кьун руго. Дуца иш элде унеб букIин загьир гьабун букIана 1990-абилезде дурго гьудул ва режиссер ХIайбула ГIабдулгъапуровасухъе хъвараб кагътида:

…ТалихI – дов Шекспирил гьаб улкаялда

Гьаб заманаялда гьавичIев, гIечIев…

Абудабиялда дармил ургъалилъ

Авар Дездемона жиндирго мавргун.

 Цересел маскаби маскабийищ гьел,

 – Маскарад батана кинабго чилъи.

 Гьанже тIадмагIарул Каренинида

 Кредитал руго макьилъ рихьулел.

Гьединго ва гьелдасаги тату хун буго жакъаги рухIияб рахъ. ЦохIо лъалеб жо поэзия щивав чияс цIалулеб ва киназдаго бичIчIулеб жо гуро. Гьеб бичIчIулел, лъалел, наслабахъе кьезе кIолел чагIазул дагьаб къадаралъ нахъе цIунун хутIула гьеб гIасрабаца ва цоцахъе кьола. Дуца кочIолъ хъвавухъе:

КигIан гIемераб гъегъ гIурде баниги,

ГIурччинлъи ганчIазда гъорлъан баккула.

 Гьедин лирикагун чан дуэль ккараб

 КочIохъаби уна, кучIдул хутIула…

Мунги хутIана дуниялалъе ва ниж рохарал руго гьелдаса.

Саламгун ва кидагосеб адабгун Бисав