Дица гIумру тела гIадада инчIин, ГIураб росулъгIаги дир цIар хутIани, Хабалъ дун лъолелъул, росдал жамагIат, ГIадан ватIалъанин, пашманлъанани… МухIамад Биясланов. ШагIир. ГIадатияв инсан. Унго-унгояв магIарулав. МухIамадил кучIдуз кIудияб асар гьабулаан ва гьанжеги гьабула дие. Гьел руго гIадатиял, цIалдолезда ричIчIизе бигьаял. Гьезулъ нилъеда батула, тIоцебесеб иргаялда, гIаданлъи, яхI-намус цIунейилан балеб ахIи, гьединго гьесул лирикиял асараз нилъ...










