Пушкин ва Кавказ Нилъ ругьунлъун руго «Пушкин щварал бакIал, Пушкинил къокъаялъул шагIирзаби, Пушкинил заман» абурал калимабазде. Нилъее гIадатияллъун лъугьун руго гьел рагIаби. Пушкин щварал бакIазул рехсей гьабулаго, дида цебечIола тIолабго дунял.Кавказалда Пушкин щварал бакIазул бицунаго, «бакI» абураб рагIи рекъон кколаро. Кавказ – гьеб буго кIудияб ракь, поэзиялъул пачалихъ. ГIадада гурелъулха Белинскияс абураб гIурус поэзиялъул...

