Дир кIудадаги жиндирго чахъаби рикъарав цIогьорги

 

  Дунги эбелги рокъоса къватIире лъугьана бакъанил гIужалъ. Унел рукIана гIазуца бахчараб, чIедераб сухъмахънух ккун, цеве арав чиясул загIипалго лъалкIал рукIана бакI-бакIазда гIазуца рахчун. Ниж унел рукIана эбелалъул росулъе кIудада вихьизе, гьев лъикI гьечIого вугин кIалъана эбелалъухъе телефоналъ. Эбел уней йикIана хехаб рилълъада, дун хIалица гъолев вукIана хадув. БичIчIулеб букIана эбелалъул рахIатхун букIин. Гьеб хIинкъиялдаса ва рахIатхвеялдаса эбел нахъе ячине гIадин, дица цо-цо жал рицунел рукIана гьелъие. Дир мукъсанаб пикруялда ва гьелда сверухъ бихьизе кIолеб дунялалда рекъараб букIинарищха хабар. Бицунеб букIана нижер бокьоб бугеб чIегIераб оцалъул, кин гьеб ихдал росдалго оцаздаса бергьине кколебали, бицунеб букIана инсул Къамилухъа босараб, магIарухъ хьихьулеб цIахIилаб юргъачуялъул ва кин дица, гьелдаги рекIун, араб риидал гIор бахъарабали. Рицунел рукIана хIалицаго хIухьелги босулаго гIодов ккун, тIаде вахъун, эбелалда хадувги вачIун, лъалелги лъаларелги гIемерал жал. Дир бицунеб хабар къотIарабго, лъалаан эбелалда дун жеги гIодов ккун вукIин, гьелъ хехго вахъинеги гьавун, тIаса гIазуги кIутIун вачунев вукIана, эбел гIенеккун йикIинчIо дица бицунелъухъ, гьей гIедегIун йикIана жиндир инсухъе ва гьарулеб букIана дида хехго вилълъаян. ЧIорода, кIудадал рукъ бугеб бакIалде ниж сверулаго, дунял рукIкIун букIана. Нухда дандчIварал гIадамал кIалъалел рукIана гьитIинго, хIалица рагIиледухъ:

  — ГIайишат, мунищ… ГIайи­шат, юссанищ?.. Йилълъа, хехго а, духъ ралагьун руго гъол… — абурал гIадал кIалъаяз бицу­неб букIана гьениб лъикIаб хIал гьечIолъи. КIудияв инсул гьитIинаб рокъор гIезегIан руччаби ругоан. Ниж жанире лъугьарабго, цоял къватIире ана нижее бакI эркен гьабун, цогидал эбелгун гаргадизе лъугьана гIиссинккун. Дир кидаго аваданав, махсараби гьарзаяв кIудадал лъалеб хIал букIинчIо, гьев гьурмадасаги хисун вугоан дагьав, вегун, мокърукье валагьун вугоан. Бихьулеб букIана хIехьезе кIолареб унтуца кIвекIулев вукIин. Дун гьесда гIагардегIанги ун, сихI тун, бусада аскIов чIана. КIудада бигьагьавун дидехун вуссана ва дир гIазуца ва квачалъ багIар гьабураб кIаркьада хинаб огъохъат лъуна ва щибалиго гьикъана гьес дида. Дун хIинкъана гьесул загIипаб гьаркьидасаги, цебехун даим дие рохел кьолеб букIараб рокъоб батараб сихIкъотIиялдасаги. Цо бокIнилъ кIодоэбелалъ кьурал гIечалгун дунги кIусизавун, эбелалъ байбихьана бидулкьаби борцизе, уколал гьаризе, кIудадае данде кколеб хабар бицун, тIаде къулун йикIана сордоялъ. Дун квананги вукIана, рокъоб хингоги букIана, амма, рахIат толеб букIинчIо гьениб батараб хиса-басиялъ.

  КIудияй эбел цIадухъ квен гьабун квалквадилей йигоан, кидаго гIадин. Гьелъ гьабулеб жоги гьоркьоб тун, мех-мехалда эбелалъе ва тIаде рачIаразе бицунеб букIана къаси кIудадада бихьараб гIакъубаялъул ва унтул. Къадада далун букIараб кIудияб, тIад цIер гьечIеб сагIтил кIутIи доб сордоялъ гIадин кIодого киданиги рагIун букIинчIо. Горда нахъа букIана квачараб, бецIаб хасалил сордо, лъукъараб жанаваралъул гIадаб руруди ва зигарди рагIулеб букIана басрияб минаялъул картIазда, тIохазда багъулеб ва рурудилеб гIазул бураналъул. Рокъоб жаниб хинлъи ва рахIатхвараб сихIкъотIи…

  Хадусеб къоялъ вертолетги ахIун, кIудадаги эбелги ана райцентралде ва гьениса Ма­хIач­хъалаялде, операция гьабизе кколин тохтурзабазги бихьизабун. Дун доб цебесеб къоялъ эбелгун вачIараб нухккун ана дунго инсул росулъе — Салде. Чвантинир рукIана мунагьал чураяй кIудаэбелалъ кьурал конфеталги, гIодов ккун, тIаде вахъун, щвана росулъе. Инсул рокъобги цо цебесеб, эбел йигеб мехалда букIунеб хинлъиги рахIатги букIинчIо.

 ГIемераб заманаялъ ру­ссин­­чIо кIудадаги эбелги Ма­хIач­хъалаялдаса. ЦIикIкIун валагьун чIеялъ, дидани кколеб букIана гьез сонал ралел ругин гьенирилан. Цо къоялъ хабар бачIана ЧIороде вертолетги бачIун бугин, гьелда тIад кIудиявэменгун дир эбелги руссун ругин абун. Хадуб гьоркьоб бакI дида ракIалда гьечIо, дун дидаго лъачIого щун ватана ЧIороде, кIудадал азбаралъуве. Дун жаниве лъугьарабго рукъ цIун бугоан гIадамазул. Эбелалъ къвал бана ва веэдана, кIудиявинсуца жиндаго аскIов чIезавуна ва ботIрода квер бахъана. Гьев кIалъалев вукIана жив вихьизе щварал чIахIиял гIадамалгун, квер бахъиялъул магIна букIана — мунгун хадур кIалъалин абураб. Дида кIудада дагьавго хисун вугев гIадин вихьулев вукIана, тIаде балагьун. Мегежги кIкIван бугоан гьесул, тIад цо цебехун дида бихьичIеб свитерги бугоан, кIалъалевги вугоан махсараби гьечIого, гIодове виччан. Бицунеб букIана жиндие операция гьабиялъул, гьеб гьабун хадув Гъаякенталда хIамамалде витIиялъул, дандчIварал гIадамазул лъикIлъиялъул ва гьез гьабураб гIаданлъиялъул.

 — Дие бокьун букIана больницаялдаса виччарабго росулъе вуссине, тохтурас абуна хIамамалде ине кколин, дове витIана. ГIемерал гIадамал рачIана дун вихьизе, цадахъги рукIана лъикIал гIадамал. Районалъул бетIер Жаватхан ГIалиханов вачIана сайигъат-саламгун, цадахъ бетIерав тохтурги вачун. КIудияб хъулухъалъул ва ишалъул чи, щибизе вукIарав гьесие дун ТIомурдаса цо херав чи, чан ратилел дун гIадал унтарал, гьев чияс нечезеги гьавуна, разиги гьавуна. Дун жинца Россиялда бугеб лъикIаб курорталде витIизавилин вукIана. Дица инкар гьабуна, дир гIурус мацIги босун Россиялде бегьуларо. Азербайжаналде яги Гуржистаналде витIани жеги бегьилаан, гьенив дида къирал-пачазабазул даражаялда бицине лъала падаргун гуржи мацIал. ГIурусалъулгун дир гьудуллъи гьечIо, гьанже больницаялда гурони рагIунго букIинчIо бицунеб гьеб мацI, — ан абуна кIудадаца.

Гъаякенталда хIамамалда аралъув кIудадаги, цойги лъабго херав магIарулавги лъун руго цо палатаялъур. Лъабгоясда лъалеб букIун гьечIо гIурус мацI бицине, гьезда гьоркьов цо чIохъияв вукIун вуго гIурус лъалев ва азие нухмалъи гьабулев. Лъим гьекъон, хIамамазда регун, тохтураз малъараб гьабун, лъикI ун буго азул яшав санаториялда. Гьенивго кIудаинсуда ватун вуго цо нижерго районалдаса лъебелавги, кIудияв чи вукIун вуго довги. Цо къоялъ бакъанида дов лъебелавги, азул лъабгоявги ахикь хIухьбахъулел хабаралда рукIун руго. АскIове вачIун вуго цо гIолохъанчи, кIалъан вуго магIарулалъ, гьикъун буго киса щалали.

— Мун киса? — ян гьикъун буго дов цIикIкIарав лъебеласда.

— Лъебелав вуго дун… — абун буго дос.

— Таманал лъебелазул чахъабиги хъун кеп босана валлагь, — илан абун буго гIолохъанчияс. — Ихдал ва хаслихъе магIарухъа гъутаналде унел лъебелазул гIиял рехъабаздаса цо-цо кьарияб жо хъамулаан нижеца Ракьуб-кьоде щвараб бакIалдаса. Гьениб цо свери буго, цевесев вехьасдагун нахъа вугесда бакьулъа бакI бихьулареб, гьениса цо кьарияб жо цIалаан хъархъалъе ва гьел тIерхьарабго гIурухъеги бачун хъолаан, — ян пударизе лъугьун вуго гIолохъанчи. Херал, гIолохъанчияс рицунел ругел санагIат гьечIел, ахIмакъал жалги рагIун, руцIцIун чIун рукIун руго. Дов асулгун лъай-хъвай ккарав лъебелав лъугьун вуго асде вагъизе, сахав чияс чияр боцIи бикъуларин, гьеб хIалихьалъи бугин. Гьел къацандулеб мехалда сабурго гIенеккун вуго кIудияв эмен гьезухъ ва хадув лъебеласде вуссун кIалъан вуго.

 

МухIамад БисавгIалиев