Дун школалде вачин (Балъгояб даптар)

 

1979 соналъул хаслихълъи букIана. Дун вачана Салда байбихьул школалъул подклассалде. Радалго чвердезеги гьавун, рахьдал кьераб гордеги, тIасан, Володя Ульяновасул сурат бахъараб октябренокасул значокги каранда чвантида бараб тIеренаб пиджакги ретIун, тетрадгун ручкаги кодобе кьун, дун эбелалъ школалде нухарегIана.

 

 

Гвангъун щвараб бакъул къо букIана. Данде кканщинав росуцояс махсаро-хочIалда тIовитIун, отличниклъун вукIине щулияб ниятгун, тIоцебесеб партаялда нахъа гIодов чIана дун, амма гьеб дида ракIалде ккараб гIадаб бигьаяб масъала батичIо гьеб отличниклъи. Дун квегIаб квералъ хIалтIулев вукIана, мугIалимас гьеб кинабго гьабун ругьунаб дир квегIаб квералъухъаги бахъун, ручка кваранаб квералъуб къазубуна: «Квараналъ хъван ругьунлъе!» — ян лъазабуна. Гьеб букIана захIматаб масъала, суратал рахъизе махщел букIинчIо, хатI букIана квешаб, жубай-бахъиги бокьулароан. Щибха нахъе хутIараб гьениб? Ай цIалул байбихьи лъикIаб букIинчIо.

Нижер классалда рукIана анлъго васги ункъо ясги. Подклассалда нижее дарсал кьезе вачIана гьоркьохъел соназул, дида росдал бертабалъ зурма пулев вихьун вукIарав чи. Дица цIакъ гIажаиблъи гьабуна гьев вихьаравго. Цо моцIалъги цебе гьединаб хиса-баси цебе чIезабизецин кIвелароан дида. Учительзабиги гIоларого, гьарун букIун буго гьесда, нижер классалъе дарсал кьезе вачIайилан.

Учителас цIакъ нижер тIалаб гьабулаан, партаялда нахъа битIун гIодор чIезе малъулаан, кверал берцинго лъезе малъулаан, тенкезеги гаргадизеги бегьуларила, кIвар кьун жиндихъ гIенеккизе кколила, гIемераб жо бицана гьев чияс. ЛъикIав чи вукIана, мугIалим хIисабалдаги квешав вукIинчIо, махсаро-хочI гьабун, лъималазе живго вокьизавизеги лъалаан, амма гьес бицунеб жо дида захIматго гурони бичIчIулеб букIинчIо. Гьес бицунеб букIана магIарул болмацI. Ниж ругьунаб росдал тIомуразул лугъат гуреб, тIахьазда букIунеб литературияб магIарул мацI букIана гьес бицунеб.

Гьеб мацI дида цо нухалда рагIун букIана, росулъе ретIел-кун бичизе рачIарал хьиндалазул руччабаз бицунеб. Цойги, пластинкаялдасан гьеб мацIалда ахIулел кучIдулги рагIун рукIана. Гьезда цадахъ ахIизецин ахIулаан, амма бащдабги магIна бичIчIулароан.

 

Нижер мугIрузда гIурус мацI рагIизего рагIулароан, радиоялдасан рагIани гурони. Цойги, дида Гуржиялде унел цо туристаздаги геологаздаги дир эмен гIурус мацIалда гаргадулев рагIун вукIана. Телевизоралги доб заманаялъ нижер дора рукIинчIо. Лъималазул ясли-ахалги рукIинчIо. Гьеле гьеб лъаялъул нахъарателгун байбихьана дица: мама, хлеб, Родина, река, медведь ва цойгидалги рагIабигун «великий и могучий» гIурус мацI лъазабизе.

Школалде ун чанго моцI аралдаса, цIализе ругьунлъигун, кьуна нижее мугIалимас рокъоб рекIехъе лъазабизе гIурус мацIалда кIиго куплет бугеб кечI. ХIалицаго гIадин лъазабуна цо мухъ, гьебсагIатго кIочонги тана… Гьеб нагIана батаяб кечI сабаблъун гIемер гIакъуба бихьана. ЧIвараб магIгIадин — «Мун киналдго щуйил къиматазда цIализе ккола», — ян абурал инсул рагIабиги рукIана гIаданир рагъилел. Бищунго ургъел чIвараб жо гьеб букIана, инсул берзукь вортизеги бокьун гьечIелъул. Гьаб бакъул дунялалда дие, дол соназда, инсудаса кутакав чиги вукIинчIо.

 

Заман унеб букIана, цо мухъги ракIалда чIезабизе кIолеб букIинчIо кечIалъул. Цо нухалъ микьабилеб классалда цIалулев кIудияв вацас, цIалун рекIехъе кечIги бицун, жинда хадуб такрар гьабейилан тIамулев вукIана дун. Дихъа къосарун, бажарулеб букIинчIо. Гьев дида тIад велъанхъулев вукIана. Дун довгун къацандилев, гIодилев, вагъулев вукIана. ГIодиялъ багIарлъун бералгун, кодоб ккун букI-букIараб тIехьгун, печалъул хьибилалда гIодов чIун дун вукIаго, тIаде вачIана эмен. Гьесда бихьана вачIинахъего дир пашманлъи ва ахIана аскIове. Кроваталдаги вегун, къандалъоги битIа-бишизабун, дун жиндаго аскIов вегизавуна. «Гьа, щибха ккараб жо?» Инсудаса нечеялъ, довехунги вуссун, тIехьги къан, дица лъидаго рагIиларедухъ гIод-гIодун биччан тана. АскIове вачIун вацас бицана, гьесда кечI рекIехъе лъазабун бажарулеб гьечIилан. Инсуца тIехьги рагьун? балагьана дир кечI ва цо-цоккун гьел рагIабазул магIна гьикъизе жувана. БичIчIана дида цониги рагIул магIна бичIчIулеб гьечIолъи. Инсуца щибаб рагIи дида бичIчIулеб мацIалде сверизабуна, гьений яхъарай яс йихьизаюна ва кочIол магIна бицана. Бащдаб сагIаталда жаниб дида ракIалда чIана кечI ва гьале кIикъогоялдасаги соналъ унаро ракIалдаса, гьеб дир тIоцебесеб кечI:

 

 

«…Я спрятала куклу,

Играть не хочу.

Не буду играть –

Я буквы учу!

Из буквы я сама

Составляю слова.

Сама прочитала:

«Трава и дрова.

Дрова на дворе

Трава на лугу».

Теперь, как большая,

Читать я могу…»

 

 

ГьечIищха кутакаб кечI? Дарсида учителас гьикъана, лъица кечI рекIехъе лъазабурабилан. Киналго руцIцIун чIана, дица хIинкъадго квер борхана. АхIана доскаялде, вахъун цевегун бицана. Зурмихъан гьакIкIан кIалгун хутIана, лъималаз гIажаиблъи гьабуна. Дир лъабго куплет кочIол, гьоркьоб къотIичIого чваххун бачIунеб гIурус мацI рагIун, хIайранлъун букIана классги, мугIалимги. ТIоцебесеб щуйилги босун, чIухIадго партаялда нахъа гIодов чIана дун.

           

 

Ана цIалул соналъул тIоцебесеб четверть. Эбел ун йикIана райцентралде отчетал кьезе — гьей йикIана росдал фельдшеразул пункталъул заведующая. Эменги эхеве ун вукIана. Учителас кьуна кьиматал лъураб табель, эбел-инсуца гъулбас гьабизе. Добайин абуни берцинхъваялъе лъабилаб къимат букIана. «Чистописание» абураб предметги букIана нижер. Дица кIудияй яцалъухъе кьуна гъулбас гьабеян. Гьей ялагьана къиматазухъ, «дица лъабилазе гъулбасал гьаруларо», — йилан гьурмалъ речIчIун бачIана дир табель. Гьейгун вагъана, хьандана, гIодана, ахирги, барщун, щиб гьабилебалиги лъаларого вукIаго, ракIалде ккана яцалъул гъулбас дицаго гьабизе. Доб дирго лъабилаб щвараб, гьетI-гьетIараб, цоцалъ чIвараб хатIалъ «Зугьра» йилан хъвана табелалда ва вилълъана школалде. Дир табелалъухъги валагьун зурмихъанасул хIал хисана, гьесда бихьарабго лъана жинца лъабил лъураб хатIалъ гьабураб гъулбас, ццин бахъун багIарлъана ва босун кьабун бачIана указка бетIералда, бекулеб хIалалъ.

 

«Гьаб жо буго государственный документ!!! Гьаб гъоба районалда лъани? мун туснахъалде витIула!» — ян вагъана гьев диде. Классцоялги цоял рохун, цогиял гурхIун рукIана дида — гьитIинав такъсирчиясда. Зурмихъанас инсуда бицинилан хIинкъун вукIана бищунго. БицинчIо. ЛъикIав чи ватана дир тIоцевесев мугIалим. БитIараб бицани, гьесухъ байбихьул классазул мугIалимлъи цIикIкIун букIана зурмихъанлъиялдаса.

 

 

МухIамад БисавгIалиев

 

Сурат — Марина Львовалъул