Лъида бихьараб Фазу ГIалиевалъ гIака бечIчIулеб?

 

  Гьеб суалалдасан макъала байбихьани, цо–цоязда ккела хъвалев чиясул бетIер сверун батилилан, газеталда къватIибе бахъани ккела, редакторасул бетIер сверун батилилан.

Халкъияй, дунялалда цIар рагIарай поэтесса. Республикаялъул журналалъул редактор. РикIкIен лъаларел хъулухъал тIуралей инсан. Кинаб гIака?!

   Гьелъулцин бицинаро, Дагъистаналдаги, цебе букIараб СССРалдаги цониги ватиларо Фазу ГIалиева лъаларев чи. Киназдаго лъала гьелъул килщазда рукIунел баргъичал, гьелъул гIинда даларал кIилкIал. Гьелъул сурат цебе чIезабизе кIоларев чи щив ватилев? Гьелъ гIака кин бечIчIулеб?

   Гьелъулги бицинаро, магIарулазул цо хасаб гIел буго Фазу ГIалиевалъул цIаралда цадахъ гIураб! Гьеб гIел школалада цIалулеб мехалда Фазу ГIалиевалъул хаслихълъиялде хъварал кучIдул рекIехъе лъазарулел рукIана. Гьеб гIелалъул ясал Фазу ГIалиевалъухъего кучIдул хъвазе лъугьана, гьелъул кучIдузул тIахьал данде гьаризе васал лъугьана. Гьеб гIелалда Фазул гьумер телевизоралдасан кида паркъун аниги лъала, Фазул гьаракь Америкаялдасан рагIаниги батIа бахъизе лъала. Гьединай инсаналъулги гIакдалги хурхен бугебищилан гьикъизе бегьилебищ?

Бегьула. Гьей йиго чIужугIадан.

   ЧIужугIадан. Фазу йиго Гиничукь росулъ гьаюрай магIарулай. Фазу ГIалиевалъ, ккани магьги баччула, къеда ракги чIвала, гIертIида къвалги бала… Гьабизеги кинабго гьеб рикIкIунаго кечIгун гьабула. Яги жиндирабго рикIкIунаго гьабула, яги батIияв поэтасул рикIкIунаго гьабула. Гьелъие батIалъи гьечIо лъикIаб кечI лъил букIаниги.

Лъиданиги лъалеб батиларо Фазул гIумруялъе кучIдузищ чIаголъи кьолеб, яги Фазул гIамалалъ кучIдулищ чIаго гьарулелали. Гьелъул гIумруялъулъ рессун кучIдулги руго, кучIдузулъ бессун гьелъул гIумруги буго.

  Бокьараб бакIалда, бокьарав чиясе, бокьараб ахIвал–хIалалда гьелда кIола гьеб бакIалде данде кколел кочIол рагIаби рикIкIине. БачIинеги бачIуна, гIажаибго.

    Цо сордоялъ кIиго поэтги дунги щвана Фазу ГIалиевалъул рокъоре. Мусаца нижер салам буссинабун бахъун букIинчIо, хIалтIудаса рокъое юссун ячIана Фазу. БатIияб чIаголъиялъул цIуна рукъ. Дида ккана рокъор ругел бакIалги, шкафалги, тIахьалги цадахъ кIанцIезе лъугьанилан. РакIалде щвана Фазул кочIолъ ругел гьал рагIаби:

Дица нужер къасдал, тIолго анищал

ТIуразе гьарила гьабсагIаталда.

    Гьабизеги гьабуна абухъего – «гьабсагIаталда» – босун шишаги столалда лъуна, жийго богорокъое тIерхьунги ана… рикIкIунаго цо кечIгун. «Щиб хъвалевгIаги мун вугев?» – илан Мусада гьикъун бахъун букIинчIо, тIад юссун ниж ругеб рокъое ячIана Фазу, кодоб ккун къакъалеб реччеб лъаларо, нисдал горо лъаларо – цо жоги буго, гурун рукьабиги руго, ботIрода къан батIияб кIазги буго, гьанжеги рикIкIунел кочIол рагIабиги руго. РагIаби ракIалда гьечIо (хIобода бухьараб гьоболасул чол хIакъалъулъ букIанилан ккола). Цойгиги кечIги рикIкIунаго тIад юссун добго богорокъоеги ана. «Хъван бахъунебгIаги гьечIищ?» – илан Мусада гьикъун бахъун букIинчIо – тIад юссун ячIана Фазу,  рикIкIунаго кечIгун (магIида бараб ханжаралъул хIакъалъулъ букIанилан ккола) кодоб ккун нисдал пурщинагун. Дида гьединан хехго бежараб пурщина жеги бихьун букIинчIо. ТIагIам газеталъул кагътица къватIибе кьоларо… Гьеб мехалда бичIчIана дида «гьабсагIаталда» – ян абураб рагIи кочIолъе зодоса рештIун бачIараб гуреблъи.

Дида гуребги бичIчIун бугоан гьеб рагIи зодоса рештIараб гуреблъи.

    ЦIакъ гIемерав чи данд чIвана дида Фазу ГIалиевалъухъе унев вугилан. Цоясе къваригIун букIуна машинаялъе «запчастал», цойгидасул дагIба–къец букIуна ракьал рикьулеб бакIалда, лъабабилев вачIуна жиндир лъимер больницаялда лъеян, анцIабилев вачIуна Москваялде билетилан, къоло щуабилев вачIуна квенги макьуги тун хъвараб рокьул кечI бугин цо–кIиго сагIаталъ жиндихъ гIенеккейилан. Киназдаго лъала «гьабсагIаталда» – йилан абураб рагIи.

Гьединай йиго Фазу. ЧIужугIадан.

Юбилеялда хурхинабун хъвалеб макъалаги бугелъул, тIадехун абураб тасдикъ гьабулеб, Фазудасан бицунеб «анекдот» гIадаб жоги рехселин.

   Нагагьлъун Фазу ГIалиевалда аскIоре рачIани: «Фазу, цIакъ хIажат ккун буго, бегьилеблъун батани цо нусазарго гъурущ кье» – ян, Фазуца абулебила: «Вабабай, вададай, щибдай  гьабила ункъоялда анцIила ичIазарго гурони гьечIеб дихъги…» – илан. Щибниги гьечIеб бакIалда махсаро бижуларо – хIакъикъаталдаги Фазуда гьеб «кьезе кIолареб азарго гъурщил» ургъел чIвала.

    Гьей магIарулалъулъ, гьей чIужугIаданалъулъ буго сверухъе бугебщинаб жо багъа-башаризабулеб гIажаибаб къартIги, гьимиги, босулеб кверги, абулеб рагIиги, гIажаибго щибав чиясда батIа бахъизе лъалеб гьаракьги. Щиб бугониги жо Фазуда бицунеб бугони «агьа, агьа, агьа», – илан йикIуна, гIенеккунцин гьечIей гьалъие гьаб бицун дие щайин букIарабилан бухIун бахъун уна чехь – дудасаго лъикI бичIчIунги батула, дудаго бичIчIуларого бугеб тIадеги жубала. Бицунеб жоялъул добе анибе свериги букIунаро, цIулалъ кьабураб магIгIадин, чIванкъотIун, мухIканго, щаклъи кколареб къагIидаялъ абула.

     Гьелъул гIаданлъиялъ вачIарав чи хисизавула, жиндехунго вуссинавула. Пашманго бортун унеб гъоркьияб кIветIги кодоб ккун вачIани, чIинкьа–кIитIизавун витIула, чIинкьа–кIитIун вачIани, жиндаса талихIав чи ракьалда ватиларилан ракIчIезеги гьабун къватIиве витIула. Бакьулъа гIебеде бачунеб, гьоркьохъеб хIалалда гьабулеб жоги щибниги букIунаро. ГIинда кIиликI базе ккани бала жибго–жибго квешезе гIадин, рагIи абизе ккани абула лъабго зани цадахъ бегулеб хIалалда, столалда зар базе ккани бала кIиябго цадахъ.

Фазул буго цо гьадинан байбихьулеб кечI:

Дида цо лахIзаталъ цебе бачIана

ТIолабго дуниял дунго гьечIого.

Кинабха Фазуда батараб жийго гьечIеб дуниял? Гьадинаб батанилан хъвалеб буго гьелъ:

МугIрул, нуж цIорорал ганчIаллъун руго,

Каранда тIегь гьечIо, тIогьиб цIер гьечIо.

Кибниги чIаголъи, гIадамал гьечIо,

ГIодоб биччараб сас…

Гьел рагIабаздаса хадуб Фазуца мухIканаб чIванкъотIараб хIасилги гьабулеб буго:

…гьаб дунял гуро!

Гьедин абизе ихтиярги буго Фазул.

Гьединай йиго Фазу. Гьединай йикIинчIейани гьей Гиничукьа Фазу ГIалиеваги йикIунароан.

Киданиги кIоченаро Фазулгун тIоцебесеб лъай–хъвай ккараб къо. Доб букIана щуго–анлъго соналъ цебе, Фазул творчествоялъе ревизия гьабизе «критикал» лъугьараб заман. Хасго гурхIел тун бухулеб букIана «Комисар» – илан абулеб цо поэма. Цоял чIун рукIана гьеб поэмаялда «хъарахъ» – илан хъвазе кколеб бакIалда «гъветI» – илан хъван бугилан. Валлагь гурин, «гъветI» – илан хъвазе кколеб бакIалда «хъарахъ» илан хъван бугилан чIун рукIана цойгидал. Гьоркьоб чIван цо «гIинтIи» – ян абураб рагIиги букIана. Газет–журналаздаги Фазулги гIинтIиялъулги гурони бицунеб жого букIинчIо. Гьедин йикIана Фазу ГIалиева.

Цо гучав хъвадарухъан вахъине нигаталда, кIиго хабарги босун дун щвана «МагIарулай» журналалде. Дунялалда цIар рагIарай поэтессаялъухъе уневги вугелъул хъахIаб гордеги ретIана, щокъроре щвезегIан гьелъул маргъалалги рахана, мухIканлъизе тIасан галстукги бухьана. Гьелъул творчествоялде тIаделъун ругелъул ццидатIа, кеп гьечIого ятилинха гьейилан ракIги букIана. Фазуда гьадингояв чи вугин дунгоян ккечIого букIине, поэзиялъул бицине къачIанги вукIана.

Данде яхъун ячIана Фазу.

– Вабабай, – илан абуна гьелъ, дир чIужу лезгияй йикIарайлъи кисан лъан букIарабали, –гIайиб гурищха гьадинав вас лезгиялъухъе ккезе…

Гьородахъ босун ана ботIролъ букIанщинаб поэзияги, прозаги, гIинтIиялъул хIакъалъулъ бицинехъин букIанщинаб хабарги.

Дида «МагIарулай» журналалъул редакторлъун ятичIо я халкъияй поэтесса, я гIемерал цIарал щварай магIарулазул прозаик ва орденал медалал росарай дунялалда цIар рагIарай Фазу ГIалиева. Дида гьений ятана чIужугIадан.

Гьединабго чIужугIаданлъи буго гьелъул творчествоялъулъги. Цо хабаралда Фазу ГIалиевалъ, цIцIадукь эхетарай ясалъул хIакъалъулъ, хъвалеб буго гьадинан: «…гъалал бакIлъана…». Цониги бихьинчиясул ботIролъе киданиги рештIунаро гьединан мухIканго сурат цебе чIезабизе кIолеб рагIи. Щибаб кочIолъ, щибаб рагIулъ, щибаб мухъалъулъ Фазу бищунго цее йиго чIужугIаданлъун. Гьаниб халат гьабун бицине бегьилаан Афганистаналъулги…

Гьединай йиго Фазу.

Гьал къоязда гьелда къан бугеб Дагъистаналдаго лъалеб чохтIо гIеларищ!

Нилъер магIарулазул хаду–хадурги поэталги, хъвадарухъабиги рижизе Аллагьас хъван батани, зама–заманалдасан Фазу ГIалиевалъул хIакъалъулъ хъвараб рагIи нилъеда данд чIвазе буго. Фазу йиго. Киназего гуро рес щолеб гьелда юбилей баркизе. Гьединлъидал дица «гьабсагIаталда» баркила.

Фазу, баркула дуда анцIила микьго сон тIубай!

ХIурматгун, адабгун ГъазимухIамад ГЪАЛБАЦIОВ.

05.I2.92