Новость на родном

Къоабилеб гIасруялъул «Гомер»

Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовасул бихьизабиялдалъун исанасеб сон республикаялда лъазабун буго лезгиязул шагIир, Дагъистаналъул адабияталъул классиказул цояв, 20-абилеб гIасруялъул «Гомер» абун Максим Горькияс ц1ар кьурав Сулейман Стальскиясул ЛъагIеллъун. Гьелда бан республикаялда байбихьана шагIирасул творчествоялъе сайгъат гьарурал тадбирал тIоритIизе. Хасго школазда. Учительзабаз кьолел руго шагIирасул творчествоялъе сайгъат гьарурал рагьарал дарсал, цIалдохъабазда гьоркьор тIоритIулел руго викторинаби ва батIи-батIиял...

Новость на родном

КочIохъаби чIвала, кучIдул хутIула…

Щибалиго гIуцIиялъ лъаларо, пачалихъалъ лъаларо, 21 абилеб март бихьизабун рагIула Халкъазда Гьоркьосеб Поэзиялъул Къолъун. Гьедин хъван бугоан календараздаги. Гьеб къо поэтазул къо бугин, календаралъухъги ралагьун, рахъ-рахъалде ахIун баркулел гIадамалги руго. Гьел баркабиги къабул гьарун жал поэталин чIаралги руго. Амма дида цебе тIамизе захIмалъулеб буго гьедин жинда баркун букIарабани, щиб абилеб букIараб ХъахIабросулъа МахIмудицаяли. Санцин гьаричIого,...

Новость на родном

ЦIадаса ХIамзат — херехьдерил тарихалда

Исана 147 сон тIубала ЦIадаса ХIамзат гьавуралдаса. ШагIирасул гIумруялъул ва творчествоялъул бицун, гьев ракIалде щвезавиялъул мурадалда, чанго соналъ цебе гьесул хIакъалъулъ дица цIехон букIана Харахьиса НурмухIамадова ПатIиматида, Заирбегова Аминатида ва цогидазда. Масала, НурмухIамадова ПатIиматица бицана жий гIемер кколаанин унтарав васги вачун МахIачхъалаялде, больницаялде. — МахIачхъалаялда Харахьиса цохIо Заирбегил хъизан гурони букIинчIо гъоб заманалда гIумру гьабун....

Новость на родном

ГIарцухъ кучIдул хъвазе мукIурлъичIо дун

ГIолилазулъ рухlияб рахъ загlиплъун бугин, искусствоялдеги, литератураялдеги, культураялдеги руссунел дагь ругин гIемер абулеб рагIула. Амма къо бахъанагIан, гIезегIан дандчIвалел руго творчествоялдехун гьетIи бугелги.    Масала, гьединавлъун вуго гIолохъанав шагIир МухIамад Мусаев. Гьев ккола ЦIумада районалдаса, гIуна Хасавюрт районалъул Муцалаул росулъ. ТIолгороссиялъул «Мцыри» абураб гIолохъанал шагIирзабазул литературияб фестивалалда, дагьаб цебегlaн лъабабилеб бакlги босун тIадвуссана МухIамад.  ...

Новость на родном

КватIун рагьарав шагIир

  Ваче дун, йокьулей, ваче дун, ваче Гьаб гьерсил дунял тун даим рикIкIаде. БакIал ургъелазул гъогъол гохIилъа РухI кIалзухъ букIаго, ваче дун, ваче. Ваче дун, ваче дун, ваче дун, дуца Чудказ балкан гIадин тIетIезе тоге, ТIогьол байдабазде, ГIободе ваче, Чуре рекIел ругънал рокьул мацI бицун.        ТIагьир Къурачевас ахIулеб гьаб кечI це­бего къабул...

Новость на родном

НекIсияб ЧIурмутIалда «гардан чIвай», гьенгеруял ва «гвеш къачарал» («Балъгояб даптар»)

  ЧIурмуталда халатал хасалил сардаз гьабизе жо тIагIарал чагIаз, рекIелгъеялъе, кеп-гIоркьалъе ургъарал цо-цо гIадатал рукIана. Гьединал гIадатаздасан цояблъун ккола «гвеш къачарал» (абуледухъ литературияб мацIалде буссинабуни – квеш къачIарал) – хохорал магIнаялда. Щибаб росулъ гьеб гIадаталъул жиде-жидер хаслъаби руго. Нижер росулъ хасалил сардаз рокъо-рокъоре рачIунел ратани, Къамилухъ ва Гъенеколоб гьез бертабалъ гIадамазе рекIелгъей гьабула. Гьурмада маскагун...

Новость на родном

  Бисав-вац ва Белорусский вокзал

  Улбулги лъималги. Киналго гIадамазул кидагосеб ургъел. Дир имгIал, инсул вац вукIана Бисавилан. Нижер ЧIурмутIалда цохIо гьев вукIана доб мехалда Бисав. Фамилияги къокълъизабун, дида Бисавилан абизе байбихьана магIарул газеталда цадахъ хIалтIулез. Гьединго абулаан дида Расул ХIамзатовасги ГIадалоцаги. Гьедин санагIалъиги букIана. Дир имгIал Бисав гIумруялъ вехьлъун хIалтIарав чи вукIана. Хасало рокъове вачIингун, тIубараб моцIги гьес тIахьал...

Новость на родном

Дир кIудадаги жиндирго чахъаби рикъарав цIогьорги

      (Байбихьи 37-аб. номералда)   — Мун щай гьев чигун къацандулев? Гьес бикъун буго жиндир чахъу, гьеб нилъер чахъу гуро. — Гьес абулеб бугогури ни­лъерал рикъанин, щай гьел гьесул рукIунел? — ин ццин бахъун кIалъан вуго лъебелав. — Гьеб буго гьесул чахъу. Дуе гьес абулеб жо щибизе? Дида мухIканго лъала гьев чияс бикъараб...

Новость на родном

Дир кIудадаги жиндирго чахъаби рикъарав цIогьорги

    Дунги эбелги рокъоса къватIире лъугьана бакъанил гIужалъ. Унел рукIана гIазуца бахчараб, чIедераб сухъмахънух ккун, цеве арав чиясул загIипалго лъалкIал рукIана бакI-бакIазда гIазуца рахчун. Ниж унел рукIана эбелалъул росулъе кIудада вихьизе, гьев лъикI гьечIого вугин кIалъана эбелалъухъе телефоналъ. Эбел уней йикIана хехаб рилълъада, дун хIалица гъолев вукIана хадув. БичIчIулеб букIана эбелалъул рахIатхун букIин. Гьеб...

Новость на родном

Дуа маарухъ гимищ бехьри?

  Дир эбелалъул рахъалъан кIудияв эмен, ЧIородаса ГIабдурахIимил МухIама хвараб мехалъ, дун жеги гьитIинав чи вукIана. АнцIго сон бан букIана гIумруялъул. Дида дов батIибатIияв чIола цеве. РакIалда вуго, хаслихъе гIиял рехъенги цебе къотIун, магIардаса гIурухъе рещтIунев… РакIалда буго гьесул чу, гьесул гьой, гьесул гъалараб вехьасул тIагъур, гучаб, борхатаб лага-черх, гьесул свери-россен, гьесул калам, гьесул гъасда,...