Новость на родном

Шамил имамасул кагътал

  Дагьаб цебегIан къватIибе бачIана Шамил имамас хъварал, гьесухъе хъварал, гьесул хIакъалъулъ 1836-1886 соназ хъварал кагътаздаса данде гьабураб тIехь.   ГIараб мацIалдаса магIарул мацIалдеги руссинарун, тIехьалда гьел лъун руго Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаевас.   ТIехьалда лъурал гIемерисел кагътал руго жеги кирниги рахъичIел. Гьел цIаларалго, церечIола кIудияв имамасул магIарул халкъалъулги бахIарчияб сипаталги гIагараб ракьалде букIараб...

Новость на родном

ГIумруялъ малъила…

    ГIажаибаб жо буго инсанасул гIумру. Цин гьулчун бачIуна, жиндирго карачелалгун, цинги гIодобцуна, жинцаго гьабуралда ракIги бухIун. Цо-цо нухалда гьелдаги кIочон толеб буго жиндиего лъикIлъи гьабурал гIадамал. Жиндир адабги гьабуларел, гIодобги лъун, жиндаго тIад расандулезе, талихIалъул къвачIаги баччун, дандего бекерун уна гьеб. Цо-цо нухалда гьелдаги рагIулеб гьечIо «ГIумру, бокьула мун дие!» — йилан ахIи...

Новость на родном

РачIа хIалтIизе!

Гумбет районалъул Аргъвани росдал гьоркьохъеб школалда къваригIун руго учительзаби Аргъвани росдал школалда хутIун вуго 3-5 цIалдохъан.ХIинкъи буго школа къазе ккеялъул. Школа къараб мехалда хутIуларо росулъ гIолилал ва рес буго гIасрабазул тарихалъулгун маданияталъул рахъалъ бечедаб росу тIубанго биххизе. Гьединлъидал, МахIачхъалаялда гIумру гьабулел Аргъвани росдал гIадамаз хIукму гьабуна жидерго лъимал магIарухъе ритIизе. Росулъ гIуцIулеб буго интернат. ГьабсагIаталда...

Новость на родном

ХIамзатил Расул гьавуралдаса – 95 сон

РакIалдещола кIудияв шагIир   ГIемераб заман инчIо, гIага-шагарго анцIила щуго сон бана нилъедаса Расул ватIалъаралдаса Дагъистаниязул, россиялъулазул, тIолабго дунялалъул гIадамазул рекIелъ кIочонареб лъалкI тарав шагIир, жибго къисматалъ хъван букIун буго гьесие дунялалъул маданияталъул тарихалде, инсанияталъул художествияб культураялде жаниве ине.Жиндирго халатаб, гвангъараб ва хIалуцараб гIумруялъулъ Расул дандчIвана, гьес гара-чIвариял гьаруна, гьесул гьудуллъи ккана, хъвадарана нилъерги къватIиселги...

Новость на родном

Лъазаби!

? «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ магIарулазда гьоркьоб тIобитIулеб буго Расул ХIамзатовасул кучIдузул къец. ? КучIдул цIалулел телефоназде рахъарал роликал ритIизе бегьула гьаб номералда ватсапалде +79883012540.? Роликал рит1изе бегьула 25 сентябралде щвезег1ан.? 27 абилеб сентябралда газеталъул телеобзоралдасан ва газеталдасан лъала нужеда бергьаразул ц1арал.? Нужее рек1ее г1урал роликазе гьаркьал кьезе бегьула инстаграмалдасан.? Бергьаразе щвезе руго сайгъатал!

Новость на родном

Расул ХIамзатов гьавуралдаса — 95 сон

ЦIадастаналде сапар   Дида бихьула цIа дир инсул гъасда… Сапаразде руссун руго дир сонал.Сверулев вуго дун гьаб дунялалда.Амма кив кканиги, кидаго даимДида бихьула цIа дир инсул гъасда. Ругъун щвараб керен кколебщинахъе-Дида бихьула цIа дир инсул гъасда,Гьеб цIа сун хадуса свине вуго дун,Дир сапар лъугIила, кучIдул къотIила…Расул ХIамзатов ШагIирасул рекIел даимаб ахIи Амма свинчIо гьеб. Дагьабги...

Новость на родном

ШагIир гьавуралдаса 95 сон тIубаялде

Расул ХIамзатовасул асаразулъ чIужугIаданалъул сипат   Мун азаргоясе йокьун ятани, гьезда гьоркьов вуго ХIамзатил Расул… Расул ХIамзатовасул асаразулъ хасаб, бищунго гвангъараб бакI ккола, чIужугIадан кIодо гьаюн, гьелде бугеб хIикматаб рокьул цIа рекIун хъварал кучIдуз. Гьаб гьитIинабго макъалаялда бицун хIалкIвеларо кIудияв шагIирасул гIишкъудал гьелегьиналъул, амма бокьун буго, гьев гьавураб хаслихълъиялъул къоги тIаде щолеб бугелъул, цо-цо кучIдуз...

Новость на родном

Бахьикъосараб къавм, къабихIаб уммат

Тохтур Сахрудин Сапаровасе   Сахрудин, бице, вац, гьечIищ даругоДагъистан унтараб квешаб унтуе?Кидаха, Сапаров, сахлъизе бугеб Балагьаз бизараб узденазул ракь?Кьолеб буго халкъалъ къойил гьеб суалУлкадул бутIрузе ва тIадчагIазе.ГIинкълъунги беццлъунги гьел ратичIони,Щай гьез гIадлу-низам хвезабулезда.Закон чIаго букIин лъазабулареб,Гьезда тамихIалъул цIал кьабулареб?Бихьулищ доб мина, хъала гIадинаб,Хъурмица бикъараб гIарац кьун бараб?Щай тIадал чагIаца гьикъулеб гьечIеб,Гьеб киса бикъараб, лъил бикъарабан?РагIулищ...

Новость на родном

Дир магIил гаралгун цолъараб магIу

Кин йигей, магIарулай?   ГIадамазе йокьулей хIикматай магIарулай. Гьурмадаса гьимиги лъугIуларей, рекIедаса рокьиги тIагIунарей, гIанчIлъиги гогьлъиги жубан лъугьараб гIажаибаб релъи рокьул дандерижилъун тIолалаго магIарулазе кьолей, недегьлъи, хIеренлъи жиделъ бессарал шигIрабигун гIагараб миллаталъул тIалабазда, ургъелазда, гьелъул букIинеселъул пикрабазда машгъуллъун йигей шагIир.ТубхIат лъалалдего, рокьулаан дие гьелъул шигIраби. Чанго нухалъ тIатIала юссун цIалулаан гьел. Хасго магIида рецIцIулел гьелъул...

Новость на родном

Проза

Тетрадалъул тIанчал   Кквезе рукъ кьезехъин йигей чIужугIадан йихьарайго рекIее гIечIо дие. Гьей йикIана йиццатай, михъалги рижарай, бихьинчиясул гьаракьги бугей, хъитIизе гьарун махIабигун, бокьараб бакIалда гIодойги чIолей, дида цIализе лъачIеб хъвай-хъвагIайги гъажалда бугей, жиндаго сверухъе чагъиралъул махI тIибитIизабизе йижарай, цIакъ сурукъай гIадан.Дихъе гьелъ кьураб рукъ букIана, мокърукь тункулеб гьечIониги, жаниве лъугьаравго бетIер гIодобе къулизабизе тIамулеб....