Къоабилеб гIасруялъул «Гомер»

Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовасул бихьизабиялдалъун исанасеб сон республикаялда лъазабун буго лезгиязул шагIир, Дагъистаналъул адабияталъул классиказул цояв, 20-абилеб гIасруялъул «Гомер» абун Максим Горькияс ц1ар кьурав Сулейман Стальскиясул ЛъагIеллъун. Гьелда бан республикаялда байбихьана шагIирасул творчествоялъе сайгъат гьарурал тадбирал тIоритIизе. Хасго школазда. Учительзабаз кьолел руго шагIирасул творчествоялъе сайгъат гьарурал рагьарал дарсал, цIалдохъабазда гьоркьор тIоритIулел руго викторинаби ва батIи-батIиял творческиял къецал.

Масала, гьединал тадбиразул цояб ккола МахIачхъала шагьаралъул школазул цIалдохъабазда гьоркьоб шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул рахьдал мацIазул куратор Рукъигат АбакархIажиевалъул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб шагIирасул кучIдул Дагъистаналъул миллиял мацIазда пасихIго рикIкIиналъул конкурс. Тадбир тIобитIана тахшагьаралъул №37 гимназиялда.

Школалъул жанахIалъуре лъугьунаго батараб адабияталъул бокIон сайгъат гьабун бугоан С. Стальскиясул творчествоялъе.

Данделъабазул залалдаги берцинго къачIан букIана шагIирасе сайгат гьабураб аадбияталъул гъансито. Гьенире жанире лъугьиндал, Дагъистаналъул росулъе ккараб гIадаб асар гьабулеб букIана – киса-кибего умумузул квербагъари, гьез хIалтIизабулеб букIараб тIагIел-гIучI. Тадбиралде рачIаразда адабияталъул байрам баркана ДГУялъул профессор Марина ХIасановалъ, ДГПУялъул ва Тахо-Годил цIаралда бугеб гIелмиябгун цIех-рехазул  педагогикаялъул институталъул гIалимзабаз, шагьаралъул школазул учительзабаз, шагIирзабаз ва цогидалги гьалбадерица.

Гимназиялъул цIалдохъабаз ва учительзабаз тадбиралъул гIахьалчагIазе кьуна музыкалияб салам. Гьез цIалана, ракIалдасан рикIкIана, ахIана шагIирасул кучIдул. Р. АбакархIажиевалъги бицана С. Стальскиясул ЛъагIел кIодо гьабун тахшагьаралъул школазда жеги тIоритIизе ругел тадбиразул.

Дандеруссиналъул кIиабилеб бутIаялда цIалдохъабаз жидерго миллиял мацIазда рикIкIана Стальскиясул кучIдул. Щибаб номинациялда бергьарал цIалдохъабазе кьуна шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулелъул цIаралдасан ХIурматалъул грамотаби ва дипломал.

 

Шамай Хъазанбиева