Риидалил къоялъ хӀалтӀуде машгъуллъун рукIарал ниж тӀуркӀизаруна циндаго бахъараб телефоналъул зваргъиялъ. Гьенисан инсуца бицана МухӀамадрасул-хӀажи къадаралде щун вугин абун. Нухда къаде какалги ран, къалъудаса нахъе щвана ниж Муцалаулалде. Гьеб мехалда, хваравги вукъун, гӀадамал нахъе рачӀунел ратана. Хабалазда сверухъ ва аскӀор ругел къватӀазда машина лъезецин бакӀ букӀинчӀо. Кинабго жо дагьаб гӀодобе биччараб заманалда ана ниж хварасул...

