Ноябралъул байбихьуда Югалъулаб Кореялъул Ульсан шагьаралда букIана чIорбутI речIчIиялъул Дунялалъул кубок. «Корейская мишень, 145 м» абураб номинациялда гьениб меседил медалалъе мустахIикълъана Шамил районалъул ТIелекь росулъа МухIамадгIарип Мирзаев. 400 спортсменасда гьоркьоса чемпионлъун вахъарав гьевгун гьал къоязда дандчIвана «ХIакъикъаталъул» редакция. МухIамадгIарипида ракI-ракIалъ бергьенлъиги баркун, гьесулгун гьадинаб гара-чIвариги ккана. — МухIамадгIарип, кида байбихьараб дуца чIорбутI речIчIизе? — ЧIорбутI...










