Жакъа цебе чIезабизецин захIмат буго ток гьечIеб гIумру. Цебейин абуни къаси мехалда росаби рукIунаан бецIлъиялъ ханлъи гьабун, бадиб жо тунканиги, щибго бихьулареб куцалда. КIудияб къваригIел ккани гурони, руччаби къватIире рахъунароан, рахъине ккани, канлъи бихьиялъе гьезухъ букIунаан я бакараб кан яги тIилада бухьараб туртида бакараб цIа. ЦIер къачIел нартил чирахъазул загIипаб канлъуца тIуран мадугьалихъ ругел росабазул гIадамал рухIдаллъизаризего гIадин, 1937 соналда КъахIиб (Шамил) районалъул ТIидиб росдал минаби гвангъизаруна «Ильичил чирахъаз». Гьеб хIикмалъи росулъе бачарав чи ккола инженер ХIажиев Расул Хъазанбиевич. Гьесул хIаракаталдалъун Дагъистаналъул мугIрузул районазда гьоркьоб тIоцебе ТIидиб росулъ бана лъел электростанция. Гьайгьай, гьеб букIана гIицIго къаси заманалда хIалтIулеб мукъсанабго къуваталъул станция. Гьелъ «гьабураб» токалъул къуват гIолаан росдал 250 цIаракияда, гьединго школалъул ва колхозалъул минабазда токалъул чирахъал ракизе. Расулие лъураб памятник гIадин, гьеб станциялъул мина жакъаги нахъе цIунун буго.
ХIажиев Расул гьавуна 1908 соналда. Гьесул эмен Хъазанби ва эбел Хадижат рукIана лъикIал, лъай бугел чагIи. ЗахIматалъулаб гIумру ХIажиевас байбихьана 11 сон бараб мехалда, Буйнакскиялъул консервабазул заводалда хIалтIулей эбелалъе кумек гьабиялдасан. ЦIалана Буйнакскиялда, цIалуда цадахъго хIалтIана милициялда курьерлъун, къайи тIад лъолев-чIехьолев чилъун. Лъимерлъуда хIехьезе ккараб гIакъуба-къварилъиялъ лъадарана гьесул гIамал-хасият ва гьев лъугьана захIмалъиялдаса хIинкъуларев, къварилъи хIехьолев чилъун.
1928 соналда Расул цIализе лъугьана Москваялъул Энергетикияб институталде. Гьенив цIалулаго гьес ячана Абиссиниялда гьаюрай тумай Миясат. Доб заманалда щуйилазда институт лъугIарав Расул рикIкIунаан цIакъ къиматав специалистлъун.
ЦIикIкIараб лъай-махщелги гIуцIарухъанлъиялъе гьунарги бугев чи хIисабалда, гьев тIамуна жавабчилъи цIикIкIарал гIемерал хъулухъазде: «СевКавказэнергоялъул» инженерлъун, «Электротресталъул» директорлъун, РЭУ «Дагестан» Дагэнергокомбинаталъул управляющийлъун, «Энергопромалъул» начальниклъун, «Дагэнергоялъул» начальниклъун, ДАССРалъул Министрзабазул советалъул председателасул заместительлъун, ДАССРалъул Совнархозалъул председателасул заместительлъун.
ХIажиевасул нухмалъиялда гъоркь гIатIид гьаруна МахIачхъалаялъул ва Каспийскиялъул ТЭЦал, Хьаргаби ГЭС, бана Чирюрталъул ГЭС, кьучI лъуна ЧIикIаб ГЭСалъе, нус-нус километралъул манзилалда рачана токалъул кварал, рана подстанциял…
Расулица кIвар кьолаан Дагъистаналъул гIоразда гIисинал электростанциял раялде, гьесул нухмалъиялда бана цо чанго гьитIинаб ГЭС.
ХIажиевасул бетIерлъиялда Дагъистаналда гIуцIана цогояб энергетикияб система. Гьесул жигаралдалъун лъалаго лъикIлъана ГЭСал раялъул ва гьел хIалтIизариялъул, гьединго гьеб бутIаялда хIалтIизе тIадегIанаб лъай-махщалил кадраби хIадуриялъул иш.
МугIрузул гIоразда ва лъаразда токалъул станциял разе бугеб лъел нахърател балагьизе ва ругел ресал цIехезе, гIурумухъккун, гьев Сулахъалдаса ЦIунтIе щвезегIан лъелго ана. Гьеб сапаралъул кьучIалда ХIажиевас хъвана «Энергетические ресурсы Дагестана» абураб монография. 1941 соналда «под грифом «Секретно» абун, къватIибе биччана гьелъул 400 экземпляр. Академик Б. Веденеевас гьеб хIалтIи рикIкIана ТIолгосоюзалъего кIвар бугеблъун.
Дагъистаналда машгьурлъун букIана ХIажиевасул цIар. Вищун вукIана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, мустахIикълъана гIемерал орденазе ва медалазе.
Расулил рукIана гIемерал гIелмиял хIалтIаби, масала, «Промышленность и энергетика Дагестана за 25 лет» абураб. ГIелмуялъул гьеб бутIа цебетIезабиялда гьес лъураб бутIаялъе лъикIаб къимат кьуна нилъерги къватIисел пачалихъазулги машгьурал специалистаз.
ЦIакъ халатаб буго Расулица нилъер халкъалъе гьарурал пайдаял хIалтIабазул сияхI, гьезул бицун хIалкIоларо. Амма бицинчIого бегьуларо цо лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ.
50-абилел соназул авалалда кIудияб къварилъи букIана МахIачхъалаялда гьекъолеб лъел. Гьединаб къварилъиялда халкъги тун, хIакъ букIинарищ гьеб лъеца ТЭЦалъул хIухьел цIорозабулеб бугони. Расулица ургъана, ралъдал лъимги хIалтIизабун, ТЭЦалъул хIухьел цIорозабизе бегьулеб техникияб проект. Гьелда рекъон Каспий ралъдада гъоркьан 8-9 метралъул гъварилъуда бухъизе кколаан 70 метр халалъиялъул тоннель. Москваялъ нахъчIвана гьеб проект. Гьеб мехалда ХIажиевас, кинабго жавабчилъиги жиндего тIаде босун, хIукму гьабуна тоннель базе. Хьаргаби ГЭСалдаса рачана хIалбихьи бугел хIалтIухъаби. Мехелаз гьев вукIунаан тоннелалда: тIад гьелчолеб ралъад, тIиналда бухъулеб тоннель, хIинкъи букIана, тIаса тIун тIиногун, гьенибе лъим кIанцIиялъул. Тоннель бана, Каспиялъул лъим чвахана гьенибе, гьениса насосаз кьабана ТЭЦалде. Гьеб мехалда киназго бицунеб букIана Расулил кIудияб бергьенлъиялъул хIакъалъулъ. Живго СССРалъул энергетикаялъул министр П. Непорожнияс ХIажиевасда баркана бергьенлъи ва гьесие кьуна гIарцулаб шапакъат. Амма гьеб проекталда тIад хварал нервабазги тоннелалда хIалтIулаго букIараб хIинкъиялъги, инфаркт ккун, Расул больницаялде ккана. Гьеб хIалуцараб ахIвал-хIалалъул заманалда абулаан гьесда «Энергетикаялъул генерал» абун.
МагIарул ва гIурус гуребги, Расулида лъалаан лъарагI, азербайжан, ингилис ва немец мацIал. Гьелъул кIудияб кумек букIунаан гьесие батIиял миллатазул чагIазулгун гIаммаб мацI батиялъе ва гьезулгун гьудуллъи щула гьабиялъе.
Расул гIумруялдаса ватIалъана 1967 соналда, гIемерал планалги анищалги нахъе тун. Гьес бан букIана гIицIго 59 сон.
Баркала лъалел тIидирхъабаз росдал бетIераб къватIалда лъун буго ХIажиев Расул Хъазанбиевичасул цIар ва гьесул сурат тIад бахъараб мемориалияб хъарщи. Гьелда хъван буго: «Доброму и незабвенному нашему земляку – заместителю председателя Совнархоза Дагестана, строителю первой электростанции в селе Тидиб в 1937 году от благодарных земляков-тидибцев», — абун.
Халкъалъул рекIелъ вугебгIан мехалъ инсан хваравлъун рикIкIине бегьуларин абулаан умумуз.
ЦIакъав инженер ва лъикIав гIуцIарухъан гуревги, Расул вукIана рикIкIунев гIалимчиги. Пайдаяб букIинаан, дандеги гьарун, гьесул гIелмиял хIалтIабазул хасаб тIехь къватIибе биччани.
ГIун бачIунеб гIелалъе мисалалъе букIина Расулил гIумруялъул нухлул хIакъалъулъ тIехь хъвани. Беццараб букIина, ХIажиев ракIалде щвезавиялъе, Дагэнергоялъул минаялда мемориалияб хъарщи чIвани, гьединго МахIачхъалаялъул яги Буйнакскиялъул цо къватIалъе гьесул цIар кьуни.
Нури Нуриев
