
2022 соналдаса нахъе тIобитIулеб буго хасаб рагъулаб операция. Гьениб бахIарчилъи бихьизабулеб буго нилъер гIолохъабазги. Квач-хинлъи, ракъи-къеч ва цогидал багьанаби цIехечIого, ватIан цIуниялъул борч ракIбацIцIадго тIубазабулеб буго гьез. Амма рагъдаса рикIкIада ругел нилъер гIемерисезда бичIчIулебцин гьечIо, кинаб хIалуцараб хIал гьениб бугебали. Гьединлъидал нижеда ракIалде ккана, хасаб рагъулаб операциялъул цебесеб кьерда ругел нилъер ракьцоязулгун бухьенги гьабун, гьенир ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ магIарулазе бицине.
Лъабго соналда жаниб дир лъай-хъвай ккана гIемерал бахIарчиял рагъухъабазулгун. Гьел руго тIадкъай тIубазабизе жигарал, кутакалда ватIан бокьулел ва гьелъие гIоло къеркьезе нахъе къаларел, амма жидерго хIакъалъулъ хъвазе яги бицине нечолел бихьинал. Гьез сабурго, бугеб къуват-жанги кьун, гьабула жидеда тIадаб иш. Жидер хIаракат гIорхъолъа араб бахIарчилъилъунги рикIкIунаро гьез – щивав бихьинчиясда тIадаб буго, къо ккедал, ватIан цIунизеян абула. Гьединавлъун ккола Ислам НургIалиев.
Гьесулгун дир лъай-хъвай ккана 2022 соналъул октябралда. Ниж, пачалихъалъул мобилизациялда гъоркье ккарал рагъухъаби, рачун унел рукIана рагъул цебесеб кьералда гIагарлъухъе. БакIалде щведал, нижехъе вачIана цо гIолохъанчи. Гьес нижее рикьана медицинаялъул алатал ва малъана, цебесеб кьерда рукIаго нагагь лъукъани, щивас жиндиего ва аскIов вугесе тIоцебесеб медицинаялъул кумек кин гьабизе кколебали. Нижеда абуна, гьев Дагъистаналдаса вугилан.
Гьесулгун лъикIаб гьудуллъи ккана хадубккун. Доб заманалда Ислам вукIана медицинаялъулаб ротаялъул эвакуациялъул къокъаялда. Гьесда бихьана Мариуполалда букIараб унго-унгояб жужахI, гьесул кумекалдалъун чIаго хутIана нус-нус рагъухъан – хIакъикъаталдаги гьедин буго гьеб, щайгурелъул гьеб ккола Исламида тIадаб борч, щибаб къоялъ гьабулеб захIматаб хIалтIи.
2023 соналъул хасалихъе дунги ккана медицинаялъул взводалде. Гьелда гъорлъ вуго 4-5 дагъистаниявги, гIурусавги, эрмениявги. Щулияб гьудуллъи буго нижер. Дун медицинаялъул взводалде вачIун анкь балелде гьелъие нухмалъи гьаби тIадкъана прапорщикасул чиналда вугев Исламида. Кьалул майданалда гьесул жигарчилъигун хIаракатги хIисабалде босун, командованиялъ гьесие кьуна гьитIинав лейтенантасул цIарги.
Гьелдаса нахъе дун вуго Исламил нухмалъиялда гъоркь. Гьесухъа бажарана медицинаялъул взвод гъункизабизе. Кумек хIажат бугин буюрухъ бачIарабго, цо рагIи абичIого, цадахъ рахъуна взводалъул рагъухъаби. Буюрухъцинха кьезе кколареб – цо гьаракь бахъинги гIола. ГIолохъаби уна кьалул майданалда хутIарал лъукъаралги чIваралги нахъе рачине. Щивасул ругъназда катан къала, хIажатал уколал гьарула ва цонигияв толаро авлахъалда рехун тун. Гьеб дида бихьулеб буго щибаб къоялъ.
Командирасул ихтияр буго, лъукъарал нахъе рачине рагъухъабиги ритIун, живго блиндажалдаса халккун чIезе. Амма Ислам гьедин чIоларо – щибаб сапаралъ гьев вукIуна жиндир нухмалъиялда гъоркь ругел рагъухъабигун цадахъ. Цо лъугьа-бахъин рехселин. БачIана буюрухъ: нижеда цебе бугеб майданалда лъукъарал рагъухъаби руго, амма тIасан роржанхъулел тушбабазул «хIанчIаца» гьезда аскIоре къазе толароян. КъватIиве вахъана Ислам, цадахъ ана цогидав Исламги (Хасавюрт районалдаса лъарагIав). ХIалица нух бахъана гьез лъукъаразухъе ва ункъоявги вачун, тIадруссунел рукIана. Гьебмехалда гьезул машинаялда хадур лъугьана дол «хIанчIи». КIицIул бахчизе ккана гьез машина, гьениса къватIиреги рахъун, гIумруялъе хIинкъи гьечIеб бакIалде кIицIул рачана гьез лъукъарал. Ва тушманасде данде кьвагьдана. Гьеб къоялъ гIицIго Исламица бортизабуна тушманасул анкьго FPV-дрон. Цояб – битIахъего машинаялда аскIоб, кIиго-лъабго метралъул манзилалда.
Гьеб къоялъ Исламица цIунана ункъо рагъухъанасул гIумру ва зарал ккезе биччачIо машинаялъеги. Бищунго аслияб жо – жагъаллъи-зарал ккечIого, жалго тIадруссана. Гьеб буго унго-унгояб бахIарчилъи! Байбихьудасаго рагъул вахIшилъи бихьулел нижер пишацоялцин хIикмалъун рукIана гьеб корониса гьел чIаго рорчIиялда.
Гьединал бахIарзал руго нижеда гъорлъ. Кьалул майданалда хIинкъи-къай лъаларел, ватIаналъул борч бахIарчиго тIубалел, жидер бахIарчилъи гIадатияб жолъун рикIкIунел.
Мурад Багьилов, СВОялъул цебесеб кьерда вугев рагъухъан