«СайидмухIаммад дихъе киданиги кватIичIо»

КIиго шагьидасул эмен ХаcмухIамадида аскIоб тIамураб бащдаб сагIат

Дагъистаналъул муфтий, рахIимугьуллагь СайидмухIаммад-хIажи Абубакаровасул биография гьаниб такрар гьабиялъул магIна бихьуларо.
СайидмухIаммадил гIумруги, ишалги, гьесул хIаракатги киналго миллатцоязда, дагъистаниязда республика бахун къватIибехун бихьана, лъана ва гьелъ хIайран гьавичIев чиги хутIун ватиларо нилъеда гьоркьов. Республикаялъул муфтилъун вищун араб кIиго соналда жаниб кIинусго соналъулгIанасеб тарих нахъе тана гьев къанагIатаб пагьмуялъул ва гьунаралъул инсанас. 21 августалда 23 лъагIел сверула, исламалъул тушбабаз вахIшияб къорги гъун, гьаб ракьалдаса гьев аралдаса. Гьесда цадахъ шагьидлъана вац АхIмадги, Хунзахъ районалъул Харахьиса гьесул шофёр ХIайдар ГIумархIажиевги. Гьеб къо тарихалде ана бищунго вахIшияб такъсир гьабураб къолъун. Бусурбабазул тарихалда гьединаб ракIгъанцIараб иш гьабун букIинчIо жеги.
Кинав инсан вукIарав СайидмухIаммад-хIажи? Гьелъул жакъа нужее бицина гьесул гIагарлъиялъ, гьудул-гьалмагъзабаз ва росуцояз.

1998 соналъул августалда циндаго кIиявго васасдаса ватIалъана ХасмухIамад-хIажи Абубакаров. Гьев лъаларев, гьев рагIичIев чи Да-
гъистаналда ватизе захIмат буго. Дин гьукъарал соназдаги гIемерал гIалимз абазда ва тIарикъаталъул устарзабазда аскIов гIодов чIарав, исламалъул нухда берцинго гIумру тIамурав, хIикматав инсан вуго гьев. Исана гьес бала 91 сон.
МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъув дандчIвана дун. БитIараб бицани, васасул хIакъалъулъ бицинарищан гьесда абизе намуслъун, ине кIоларого вукIана, ахирги ракIалъ таваккал тIамуна.

Какичуриги цIигьабун вачIунев ХасмухIамадида, киндай дирго мурад бичIчIизабилаян, аскIове вилълъана дун. Саламги кьун, дирго мурад загьир гьабидал, цевего лъалев чиясдехун гIадин, ракIрагьун бицана васасул лъимерлъиялъул хIакъалъулъ:

 

— Берикеялда рукIана ниж тIоцере гIумру гьабун. Дунги гьенив психоневрологиялъул больницаялда хIалтIулев вукIана. Больницаялдаги школалдаги гьоркьоб букIана бухIараб лъимги бачIунеб, гIадамал сах гьаризе хьвадулеб цо ицц. Нижги аскIор гьечIого гьитIинав чи гьениве вортилин хIинкъун, дирго ургъел къотIун букIине, кIиго соналъ гьесдаса кIудияй яц Хадижатида цадахъ школалде витIулаан СайидмухIаммад. Хадижатни школалде ине гIурай яс йикIана, СайидмухIаммадил щуго сонцин жеги гургинлъун букIинчIо. Амма гьедин гьитIинго вукIаниги, гьелдасаги лъикI бицун буго гьес классалда учительзабаз малъулеб букIараб программа. Директорасдаса байбихьун киналго хIикмалъун хутIун руго гьесул пагьмуялда. Хадур ниж Альбурикенталде гочиндал, гьенив ана гьев школалде.

БитIараб бицани, дида ккун букIана, щуго сон гурони гьечIелъул, нахъчIвалин СайидмухIаммад школалъул нухмалъиялъилан. Доб мехалъ закон букIиндалха анкьго сон бачIого школалде рачунареб. Амма дун гIажаиблъизавуна гьадинав вас жидехъе цIализе ккеялдаса жал цIакъ чIухIарал ва рохарал ругин абун гьез хъван бачIарабго. Гьединав вукIана СайидмухIаммад. Жеги 16 сон гургинлъичIев чи ворчIана гьев мединституталде цIализеги.

ТIоцебесеб экзамен кьезе арав гьесда институталъул жанахIалъув дандеккун вуго ректор МухIамад Макъсудов. Гьесда кIалъалаго кватIун вуго аудиториялде. Гьебмехалъ комиссиялъул чагIаз гьикъун буго «Абубакаров, почему опаздываешь?» йилан.

Гьасги виххичIого абун буго:

«Дядя задержал», — ан. Цинги комиссиялъул чагIазда ккун буго СайидмухIаммад Макъсудовасул гIагарав чи ватилилан. Ас дядяйин

абиялъул магIна букIун буго, цIикIкIарав чиги вугелъул, дацийилан, адабалда Макъсудовасдехун гьабулеб букIараб калам. Ректор МухIамад Макъсудовас абуни цIехон буго СайидмухIаммад лъил василан. Дир вукIин лъайдал, гьенив хIалтIулевги вугев чи, вас цIализе лъугьунев вукIин бицине жинда аскIове вачIине чIухIарав къагIидайилан, дида ццим бахъунги лъугьун вуго гьев.

«Даже не соизволил зайти», — ян, гIурус мацIалъги абун, жанире лъугьунезул сияхIалдаса СайидмухIаммадил цIар нахъе хъвагIазе къалам кодобе босун буго гьес. Амма битIун гьесул цIаралда тIад мухъ цIазехъин гьев вукIаго: «МухIамад МухIамадович, гIайиб гьабуге, чанго нухалъ вачIун вукIана гьев дур приемныялде, амма тIаде вачIине намуслъун ватила, нахъе ана», — ян бицун буго гьесда гьений хIалтIулей йикIарай ГIайшат НурмухIамадова абулей гIаданалъ. Дида лъалаан гьей. Дудаго чIужугIаданалъул гуч бихьуларищ цо. Гьедин батани, телинха янги абун, цIан гьечIо ректорас СайидмухIаммадида тIасан хIучч. Доб мехалъ институталде лъугьунев чияс шпаргалка гьечIого сочинение хъвай цIакъ къанагIатаб жо букIана. СайидмухIаммадица гьеб хъвана сундулниги гьечIого, жинцаго. Дир диссертацияги цIалана гьес чанго нухалъ. ВАКалъ цIикIкIун материал биччалеб гьечIинги абун, гьеб къокъ гьабизе ккана. Гьеб гьабурав чивукIана СайидмухIаммад.

Институтги гьес цIакъ бигьаго, битIахъе, векерун унев чияс гIадин лъугIизабуна. Лъиениги щибниги ришватги кьечIо дица, я гьеб кьезе ракIалдаги букIинчIо. Амма гьев гьениве ворчIулеблъи лъалеб букIана дида. Щайгурелъул Инхоса КIудияс (ГIабдулхIамид-афандияс) абун букIиндалха гьесда дир инсуцаго цIалараб гIелму цIализе ине вугин дунилан, ахIун гьаракьги гьабун ине вугин мун институталдеян. СайидмухIаммад, битIараб бицани, гьелдаса вохун вукIинчIо. Гьесие бокьун букIана исламияб гIелму цIализе. Амма Инхоса КIудияс гьесда берцинго бичIчIизабуна хIукуматалъул хIалтIуда вугев инсул васас кинаб цIалидайин гьабизехъин бугеб, дур инсуда хадуб халкквей букIунин, гьединлъидал цIодорлъи гьабизе кколилан. Амма цIализе лъикIав вукIанищилан гьикъани, валлагь вукIанаха, цониги нухалъ гьесул цIали кин бугебилан гьикъизе хадув вахъине ккечIо дун. Ругъжаса МухIамад Хархаровги дунги рукIана дол соназ цадахъ Сахлъи цIуниялъул министерствоялда хIалтIулел.

Цо къоялъ гьев вуго вагъулев диде: «Гьададинаб, бергьараб пагьмуялъул вас стоматологлъун витIичIого, дагьабги гъваридаб махщалие ругьун гьавизе, цогидаб факультеталда щай дуца лъечIев?» — абун.

ВахI, щиб ккарабилан гьикъана дица гьесда. «Патология легких» абураб лекция букIун буго МухIамад Хархаровас СайидмухIаммадил курсалъе цIалун. Гьес гIадин гъваридго, камилаб куцалда жиндие гьеб дарс бицарав чи гьеб курсалда цониги ккечIилан абуна Хархаровас. Гьединав вукIана дир вас цIализе. РитIухълъи цIехолаго ана гьесул гIумру.

 

— ХасмухIамад, дида рагIун букIана стоматологлъун хIалтIулаго цаби сах гьаризе гьес жинцаго ургъараб къагIидацин букIанилан. 

— ХIакъикъаталдаги букIараб жоха гьеб. Институталдаса хадув Горагорск шагьаралде букIана гьесул направление. Гьеб цIакъ гIемерал руччаби ругеб шагьар кколиланги рагIун, дунги гIагарав чиги рилълъана СайидмухIаммадихъе, гьесул вукIа-вахъин лъазабизе. Амма нижеда гьев ватана цIакъ берцинго, кIудияб къиматалда. ХIатта, гьесда цебе щибниги мекъаб иш гьабизе нахъе къалел ругоан бетIерав тохтурасдаса байбихьун, киналго тохтурзаби.

Лъицаниги унтарасда аскIоб ялъуни цогидаб бакIалда ритIухълъи гьечIеб жо гьабулеб бихьани, хъващтIан, кIанцIун вачIунаанила, гьезда бадибчIвазе. Горагорскиялдаса вачIун стоматологлъун гIемер мехалъ хIалтIизе хъван букIун гьечIо СайидмухIаммадие.

1996 соналъ муфтиясул хъулухъалде лъугьана гьев. ЦIакъ захIматал сонал рукIана гьел исламалъе. Республикаялъул рухIияб идараялъул нухмалъулевлъун вукIарав лъарагI миллаталъул ХIамзатовас цIияв муфтий вищулеб данделъиялда абун буго дир васасда: «Дудаго бихьулеб бугоха, СайидмухIаммад, жакъа республикаялда диналда сверухъ бугеб хIал. ХIакимзабаздаги тIалъиялъул чагIаздаги кIалъан бажарулев, пагьму гьунар бугев чи къваригIун вуго жакъа рухIияб идараялъе нухмалъи гьабизе». Ахиралда гьасие рагIи кьурабго, чвахулаго магIугун гьадин абун буго СайидмухIаммадица: «ГIали-асхIабасда, халифлъун вищидал, абун буго дуде щвезегIан асхIабзабазда гьоркьоб гьуинлъиги букIанин, вацлъиги букIанин, мун вачIарабго рагъалги гIемерлъанин, питна-хIурги цIикIкIанилан. Гьебмехалъ ГIали-асхIабас жаваб кьун буго: «Доб мехалъ аварагасда хадур дунги дир зульфукъарги букIана (аварагасул хвалченалда цIар), гьанже дида хадур нуж гурони гьечIо», — ян.

Гьелъул магIна букIана дида хадур божи гьечIел гIадамал ругилан абураб. Гьелъухъего, жакъа муфтилъун дунги тасдикъ гьавун, нужерго магIишат понцIозабизе, хайир кисадай щвелаян пикрабазде нужги руссине руго, дунго цохIо дунги хутIизе вуго».

Гьедин ккезеги ккаралъул эб. Живго цохIо СайидмухIаммадги хутIана, кепказда хадур хутIаралги ана. Цо гIадамас гьабичIелъул гьесие кумек. Киназдаго ракIалда батила Шамил имамасе памятник лъеялда сверухъ букIараб бахIс. Гьеб суал гьоркьоб лъураб тIоцебесеб данде лъиялда цохIо лъарагIав ХIамзатовас гурони, тIокIав чияс кквечIелъул СайидмухIаммадил рахъ. Суракъатгицин дандечIун вукIана. Данделъи лъугIун, къватIире щварабго мунагьал чураяв ХIажагIали Данияловас абун буго гьесда, тIагъурги бахъун, я, дир вас, СайидмухIаммад, гьаб дир бахъараб тIагъуралъе гIолониги нижеда тIад рекъезе бегьуларищ мунилан. Гьебмехалъ гьес кьураб жаваб рагIизе цо нужедаго.

Гьимизеги гьимун, СайидмухIаммадица абун буго:

«Я, дир гьудул ХIажагIали. Лъайги бугев, гьунарги бугев чи вуго мун. Нижер рокъоб дурги мунагьал чураяв дур вацасулги кидаго адаб гьабулаан. Амма ислам Дагъистаналде бачIаралдаса 14 гIасру сверулеб буго. Дуца абулеб буго «дир бахъараб тIагъуралъе, бегьараб квералъе гIолойилан». Дуда кин кколеб, 14 гIасруялъ исламалъ хIарам гьабун букIараб жоялъе жакъа дур квералъе, бахъараб тIагъуралъе гIоло дица бегьилин, изну кьуни, мунго нечеларищ хадув, метерисеб къоялъ Аллагьасда цебе гьелъухъ дица жаваб кьезе ккарабго», абун.

Дудаго цо жавабалъул камиллъи бихьизе… дунго гьединаб жаваб кьезе хадув гъелароан. Муфтиясул хъулухъалда вукIаго, гьединаб камилаб, кьварараб, дандияв нечезавураб букIана гьесул кьолеб жавабги, гьабулеб кIалъайги. ГIемерав чи кIалдиве валагьизавуна гьес.

 

Векерулаго ана дур щибаб секунда 

— Рокъов, хъизан-лъималгун кинав чи вукIарав СайидмухIаммад? Гьелгун цадахъ вукIине щолаанищ гьесие?

— Эркенаб заманго хутIулеб букIинчIо гьесие. Сордо-къоялъ хIалтIулев, щибниги хъвалев, даим сапаразда, дандчIваязда кIиго соналда жаниб лъалхъараб заманго букIинчIо гьесул. Кинабго гьабун рагIалде бахъинабизелъун, исламалъул нухда хIалтIулев, чIараб секунд букIинчIин абизе бегьула СайидмухIаммадил.  Сундаго жанив ракI хIалакун вукIунаан. Сабру гьабе, дир вас, циндаго кинабго рагIалде бахъунарин, гьедин бегьуларин дица абидал, гьелдаги разилъулаан. Амма ракI гъодинго хIалакун букIунаан гьесул. Цо къоялъ рокъове вачIарав чияс, жанахIалъувги эхетун, абулеб рагIана жиндаго: «Вай Аллагь, вай Аллагь, кIодолъанагIан кьолеб жо букIунеб батила аб сабруги, диени гьеб жеги щолеб гьечIин. Дуца лъикIаб хъван батагиха, Аллагь», — абун.

Щибниги жо гьикъизе, гIакълу дандбазе вачIиналде, цин дир нуцIил кIалтIа лъалхъунаан гьев, хадув, намусго гIадин, вачIунаан жаниве. Бицунаан жиндирго мурад. Гьединав вукIана дир СайидмухIаммад. Умумуз лъимал реццизе рекъонги букIинаро, амма дир васасулъ Аллагьас лъураб тIабигIат берцинаб, иман бугеб букIана. Камилаб куцалъ махражалъ Къуръан цIализеги гьунар кьун букIана гьесие Аллагьас. Къуръан цIалулеб гьесул гьаракьалъ дунгоцин пана гьавулаан. Жеги киданиги дица гьев лъимер вукIаго рокъове ахIизе ккечIо, къваригIел гьечIеб жо гьабулев ватун, вагъизе ккечIо. Гьесда жиндаго бичIчIун батулаан инсуе жив къваригIун вугеб мех. Векерун вачIунаан дихъе. Гьедин, векерун унев чиясул гIадин, ахиралде щвана ракьалда гьесул гIумруги….

 

Гьеб бакIалде щвараб нижер гара-чIвари гьоркьоб къотIизабуна МахIачхъалаялъул Аслияб мажгиталда ахIулеб маркIачIул какалъ. ХасмухIамадица бицаралъул хIисаб гьабулев дунги, цохIо будунасул гурони гьаракь рагIулареб сихIкъотIиги бижана сверухъ.

«Мун, щиб къваригIаниги, дида аскIове вачIа, нечечIого, дида жо гьикъизе мун намуслъизе кколаро», — янги абун, какие къаммат гьабулелъул, вахъун ана гьев баракатав инсан. Къиямасеб къоялъ дур васазул шафагIатлъиялъул цо бутIа диеги камун хутIугегиян щурулеб букIана дир кIутIбуз, маркIачIул как базе гIедегIун унев ХасмухIамадида хадувги валагьун …

 

Ашахан ЮСУПОВ. авторасул сурат

2021 сон