МугIалим. Политик. Дипломат

Цо бакIалда цIалун букIана къватIисел пачалихъазда тIалъиялъул вакилзаби гIедегIуларила пуланав чиясе памятникал лъезеги гьесул цIарал къватIазегун нухазе, росабазе, школазе кьезеги. Гьес хъулухъ тун яги дунялалдаса ун 10-20 сон базегIан чIолила гьел, гьелдаса хадуб гьев чиясдехун халкъалъул бугеб унго-унгояб пикру лъазе. Гьеб жо ракIалде бачIана 6 августалда социалиял гьиназда Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасул хIакъалъулъ нилъер миллатцояз, гIадатиял ракьцояз тарал хъвай-хъвагIаял рихьидал. МухIу ГIалиев гьавураб къо ккола гьеб. Гьел хъвай-хъвагIаяздасан халлъулеб букIана президентлъиялдаса нахъе ун 14 сон баниги, гьесдехун гIадамазулъ жеги-жеги хутIун бугеб хинлъиги чIалгIенги.

 

ГIумруялда жанир МухIу ГIалиевасе щварал медал-киласазулги хъулухъазулги сияхIги кьун, нужее гьаб макъала чIамучI гьабиялъе щибниги хIажалъиги  бихьулеб гьечIо. Гьеб жо гьесие жиндиегоги рекIее гIеларин ккола. Абила гIицIго, кIудияб политикаялде гьесул нух байбихьана ДГУялъул филологияб факультеталдаса хадуб ЦIумада районалъул Гъоркьа Гьаквари школалъул завучлъун, цинги директорлъун хIалтIиялдасан.

Бокьун буго гьаб макъалаялда  МухIу ГIалиевасул хIакъалъулъ цогидал чагIазул бераздалъун, ракIалдещвеяздалъун бицине. Гьезие рагIи кьелалде цин дидаго гьев кин лъалевалиги рехселин.

ЦIалиги лъугIун, гьанжего-гьанже газеталде хIалтIизе ячIарал сонал рукIана гьел. БетIерав редакторасул заместитель ХIажи ГIариповас гьикъана МухIу ГIалиевгун цадахъ вертолёталдаги рекIун, Харахьие избирателазулгун дандчIваялде ине бокьилебищилан. Доб мехалда Хунзахъ районалъул Харахьи участокалдасан вищун вукIана гьев Халкъияб Собраниялде. Республикаялъул парламенталъул спикерасул сапаралъул хIакъалъулъ хъвалеб даражаялде яхун йигодай дунилан, цо рахъалъ хIинкъиги рещтIана рекIелъ. Цогидаб рахъалъ, редакциялда жаниб кьварарав абун цIар арав ГIариповас гьединаб жавабияб иш тIадкъаялъ, дида куркьбалги гъуна.

ПалхIасил, ана дун. МухIу ГIалиевас Харахьире рачун рукIана министрзабазулниги, Халкъияб Собраниялъул комитетазулниги, Агентствабазулниги нухмалъулезул кIудияб къокъа (вертолёт цIурал хIакимзаби). Клуб цIун букIана Харахьи участокалда гъорлъе унеб чанго росабалъа гIадамазул. Гьезул рес букIана моцIаз МахIачхъалаялде хьваданиги рихьуларел хIакимзабазул бокьарасе бал битIун бокьараб суал кьезе. Гьедин кьолебги букIана гьез. БатIи-батIиял миллатазул вакилзаби гьезда гьоркьор рукIаниги, живго МухIу ГIалиев ракьцоязда кIалъалев вукIана бацIцIадаб магIарул мацIалъ. Политикаялъулги, экономикаялъулги, росдал магIишаталъулги хIакъалъулъ кьолел гьезул суалазе жаваб гъорлъ цониги гIурус рагIиги гьечIого кьолеб букIиналда бахиллъун, гIажаиблъун ракьцоялги рукIана. Гьеб букIана халкъалъулгун ракIрагьараб, унго-унгояб гара-чIвари.

Хадуй, информациялъул отделалъул редакторлъун яхъиндалги, дун гIезегIан щолаан Халкъияб Собраниялъул сессиязде, форумазде, данделъабазде. ГIолохъанлъиялъги батилаха, гьенисан хъварал макъалабазда цIакъго бадиб тункулеб куцалда бутIрул лъолейинги йикIунаан дун. Масала, «Уладиев намуслъаниги, депутатаз закон къабул гьабуна» ян хъван букIана гьезул цоялда. ЖамгIияв хIаракатчи Сулайман Уладиевас кутакал бадирчIваял гьарулел рукIана депутатазе цо проект сабаблъун, депутат хIисабалда жив намуслъулев вугила пуланаб закон къабул гьабизе абун. Гьеб мехалда бетIерав редакторас бицана МухIу ГIалиев кIалъанила жиндихъе Зульфия жеги гIолохъанай журналисткалъидалинха, гьелда гьабсагIаталда бичIчIулеб гьечIин парламенталда букIунеб ахIвал-хIалги законазул проектазул магIнаги. Гьединлъидал жинда ракIалде кканин гьей гIадал гIолохъанал журналистазе хасал мастер-классал гIадал жал ургъизе. Бихьулищ чиясул хIакъикъат — кIудияб хъулухъалда вукIиналъ ихтияр жиндихъ бугилан ццидаххине, ахIдезе, мекъдаризе лъугьинчIого, берцинго бицун бичIчIизабулеб къагIида. ХIакимчи гуревги, философги кколелъулха гьев. ЦерегIан соназда «Согласие» абураб тIехьалъул презентациялда гьес дие сайгъат гьабураб тIохьода буго гьадинаб автограф: «Желаю тебе жить в согласии с собой и с внешним миром». Гьелъулъги буго кIудияб магIна.

ПалхIасил, жеги гIемер ругоан МухIу ГIалиевасда хурхарал мисалал. Амма гIенеккилин цогидазухъги.

Журналистка Альбина Сункулиева — Дагъистаналъул телевидениялдасан аслияб куцалда гьелъ бихьизабулаан президент МухIу ГIалиевасул хIалтIи.

— ГIумруялда жаниб гIезегIан хIалбихьи щвана дие МухIу Гьиматович сабаблъун. Гьединлъидал дица гьев рикIкIуна дирго мугIалимлъун. Гьевгун цадахъ хIалтIарал сонал рукIана кутакалда пайдаял, рекIее хинаб асар гьабулел сонал. Политика, тарих, дипломатия — бокьараб рахъ босаниги, гъваридаб лъаялъул чи вуго гьев. Дида гьеб бихьана къватIиса улкабазде щвезегIангицин гьевгун цадахъ гьарурал хIалтIулал сапараздасан. Дозул президенталги Европарламенталъул вакилзабиги гьесухъ гIенеккулаан кIудияб хIурматгун. Гьесухъа бажарулаан дунялалъул даражаялда къотIи-къаял гьаризегицин. Дагъистаналъулги Россиялъулги мурадал цIакъ цIунулаан гьес.  Лъиениги вокьизе къваригIун, ххвелал гьарулеб гIадатги гьечIо гьесул.

Щибаб сапаралдаса, данделъиялдаса хадуб интервью босулелъул, гьес бицанщинаб жо киндай къватIибе кьезе бажарилаян, гIащикъго йикIунаан дун гьесухъги гIенеккун.

Цо нухалда хIукуматалъул данделъиялда бицен ккана МахIачхъала шагьаралда — сундулали кIочана — хIатталдаса араб хIал лъугьун букIиналъул хIакъалъулъ. Иш гьелде ккезе щай биччарабилан гьикъана дица мэрасул заместителасда. Амма гьесда кIвечIо чIванкъотIун жаваб кьезе. Гьанисан чIван, добасан чIван, цо жал рицана. Хадусеб къоялъги букIана хIукуматалда гьевго заместительги гIахьаллъараб данделъи. Гьанжесала МухIу Гьиматовичас кьуна гьесие добго суал — гьеб ахIвал-хIал рукIалиде бачIунгутIиялъе гIайибиял щивилан. Альбина Сункулиевайилан жаваб кьуна дов заместителас. Киналго риххизаруна гьеб жавабалъ. Гьеб мехалда МухIу Гьиматовичас гьабуна гьев хIакимчиясе кIудияб бадибчIвай — журналисталде гьединаб жо абизе ккананийилан. Журналистал сабаблъун лъалила нилъеда битIарабги тIекъабги. ХъахIалде хъахIаб, чIегIералде чIегIераб абун, килищ тункун гьеб кинабгоги бихьизабун, гьез тIамулила нилъ битIун хIалтIизе. МухIул заманаялъ журналистал рукIана цо хасаб кастаялъул чагIи гIадин, кIудияб къиматалда. Ниж кирего цадахъ, цо къокъа гIадин рукIунаан. Журналистазе кутакалда вокьулаан МухIу Гьиматович. Ниж ракI-ракIалъ божулаан гьесда.

ЦIалул къимат гьабулеб хъизаналда гIурай йикIаниги, гьесдасан ругьунлъана дун цIалдезе. Щайин абуни, лъай бугев чиясухъ букIуна къуватги.

Цо нухалъ МухIу Гьиматовичас дида гьикъана эбел-эмен кир хIалтIулел ругелан. Эбел учительница йигин бициндал, гьес абуна гIицIго гьеб бугин гIумруялда жаниб мун чIухIизе бегьулеб аслияб жо. Доб мехалда гьел рагIабаз гьабураб асар жеги-жеги хутIун буго дилъ.

Цогидаб жоялъул бицинчIониги, цадахъ хъаравулзабиги гьечIого гьев живго, эркенго шагьаралда хьвадулев вукIиналдасанги бичIчIулароанищ кинабго!

МухIамад БисавгIалиев — Авартеатралъул директор:

— Пикруги роцIцIарав, гъваридав, гIадатияв, магIнаяв чи вуго гъов. Кутакав интеллигентги вуго. Бихьулеб буго гьесие щулияб гуманитарияб лъай щун букIин. Адабияталда, маданияталда гъорлъ вугев чи вукIиналъ дие асар гьабуна гьесда гьеб рахъги цIакъ гъваридго бичIчIулеб батиялъ.

Цеве кIанцIун, жиндирго лъай бихьизабизеян лъугьунаро гьев. Амма тIубанго гIамал кIодолъи гьечIев чиги гуро гъов. Жиндирго къимат гьабизе лъала гъосда, амма гьес гьеб къватIибе загьир гьабуларо.

Чи веццизеги гIедегIулароха гьев. Гьединлъидал, кигIан нахъекъан вукIаниги, дирго «Балъгояб даптар» абураб тIехь сайгъат гьабуна дица МухIуе. Гьелдаса хадув ГIурус театралда Расул ХIамзатовасул юбилеялда вихьидал, кверги бачун, баркала кьуна гьес, жиндие гьелъ кIудияб асар гьабуниланги абуна. Цинги дицаги махсара гьабуна философиял гIелмабазул докторас гьеб рецц рецензиялдалъун загьир гьабизе ккелилан. Заманго иналде жиндирго шофёр витIун вачIана босун рецензиягун ва автограф лъураб жиндирго тIехьгун. Гьеб рецензияги хъван буго гъваридго, добе-анибе цIацIазабичIого, гIададисеб рецц гьабичIого, гIужда щоледухъ. Живго филолог вукIаниги, тIадмагIарухъ гьединаб рукIа-рахъинги гIадаталги рукIин лъалароанин, дуца гьеб махщалида бихьизабунги бугин абуна гьес. Гьелдасан бихьула чиясул жавабчилъиги гIадамаздехун бугеб адабги. Хъвалин рагIи кьун букIиндал гъос дие гъоб рецензия.

БатIи-батIиял президентазда, нухмалъулезда сверухъ чанги жал рицуна гIадамаз — лъалебги, лъаларебги, гьабурабги, гьабичIебги. Гьедин гIадамаз гIемер бицунеб цо суалалда тIасан, гьеб унголъунги дуца гьедин гьабураб жойищилан гьикъана дица МухIуда. Гьесие рецц гьабун бицунеб жо букIана гьеб. Гурин, гьеб тIубанго гьединги букIинчIилан жиндаго тIасан хъущтIизабизе хIалал рихьулел рукIана гьес. Масала, гьагъаб дица телеграммалда хъвараб жо — МухIуца инкар гьабун бугила Москваялда кьолеб хъулухъалдасаги орденалдасаги. Дуца гьелдаса инкар гьабунищин гьикъидал, гьабичIила, орден жиндихъ бугилан бицана гьес. Амма цодагьавниги тIадагьав чияс абилаан гьабунилан, дозда ццим бахъун жинца гьеб босичIилан. Гьес бицана орденалги хъулухъалги гьел къваригIарал чагIазе кьейилан тун рукIанила жинца, амма дихъе гьеб щун букIинчIебани, шапакъатал кьолеб отделалъул хIалтIухъаналде гIайиб щвезехъин букIун, босизе кканилан бицана МухIуца (официалияб куцалда гуреб, гьей жийго рокъоеги ячIун кьун буго гьесухъе гьеб орден).

Спикерлъунги президентлъунги вугеб мехалда, гьединго гьелда цебехун заманаялъги, живго гьавураб къоялъ баркизе рачIунел гIадамаздаса живго цIунизе абун, санаториязде ун щиб, росулъе ун щиб, рокъов чIолев вукIун гьечIо гьев. Республикаялъул цо нухмалъулес хасаб буюрухъгицин кьун букIана МухIу ГIалиевасул 80 сон тIубай кIодо гьабизеян. Амма, талихI кьегийин, гьеб гьир жинда тIаса босеянги абун, росулъеги ун чIун ватун вуго гьев. Гьеб ккола гIадатлъиялъулги гIакъиллъиялъулги кIудияб гIаламат.

Зульфия ХIажиева